21 июналда — цереккунисел рищиял

Гьаркьал кьезе рачIараб бакIалда гIадамалги гIемерлъун цоцаде коронавирус бахинаредухъ нилъер цо-цо росабалъ рищиял 21 июналдаго  тIоритIизе руго.

 

РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьариялда хурхун рищиял тIоритIизе 1 июль бихьизабун буго. Амма гьелъие гьаркьал 25 июналдаса байбихьун, гьеб къоялде щвезегIанги кьезе бегьула.

 

Гьедин, цереккунисел рищиял рукIине руго  Дагъистаналъул ичIго районалда (рищиязул участоказдаса рикIкIад ругел росабалъ, хъутабазда).

Гьел ккола ГIахьвахъ, Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Гъуниб, Рутул, Унсоколо, Цумада, Шамил районалда бугеб 106 участок.
Масала, Унсоколо районалда 21 июналда гьаркьал кьезе руго ИштIибури, Мокъсохъ, Колоб, ИнкIвалитIа, ЦIатIанихъ; ЦIумада районалда – Хьвайни, Гьакъо,  Силди, ТIаса Гьаквари, Гъоркьияб Инхокъвари, Санлъада, Кванлъада, Хъварщи, Хонох, Метрада, Гъоркьияб ва ТIасияб Хъварщини, Хушет росабалъ; Шамил районалда – ТIаса Колоб, Дагъбаш, ХIорода.