Хурухъабигун гIияхъабазул къварилъи ва «гIатIилъи»

Цого жо цIалкIулел хIакимзабиги, анкьго гIетIги тIун хъахъусдилел фермералги, гранталги, къарзги, къасдалги, къваридал хьулалги.
4 марталда МахIачхъалаялда данделъун рукIана ДРялъул Фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул (АФКОД) гIахьалчагIи. Гьединго гьениве вачIун вукIана Москваялъул Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакилги. Чанго батIияб суал борхана гьениб ва бищунго кIвар буссинабизе гIадал жакъасеб номералда кьолел руго. 
Дагьаб цебегIан Москваялда тIобитIараб ТIолгороссиялъул фермеразул съездалъул хIакъалъулъ бицине рагIи кьуна АФКОДалъул президент ГIабдурахIман АбурикIовасе. Съездалда гIемер кIвар бугел суалал рорхулел рукIанилан бицана гьес. Гьениб ва цохIо гьениб гуребги, кидаго хIакимзабаз абулила росдал магIишат цебетIезабизе кколин, цебетIезабизе кумек гьабизе бугилан, амма…
«Амма гьабулеб бугищха гьез гье­лъие кинаб букIаниги кумек, дида гьеб бихьулеб гьечIо. Цого жо бицунел кидалъагIанха рукIинел? РагIабаздаса ишалде рачIине заман цебего щун буго, амма хIакимзаби цого-цо жо нижее цIалкIулел, хьул лъезабулел рагIаби рицунел хутIун руго. 
Жакъа Россиялъул киналго регионазул гIунгутIаби цого руго. ТIо­цебесеб ккола — ракь. Ракь хIал­тIизабизеги гьелдаса пайда босизеги гъира-цIаялда вугев фермерасухъе щай гьеб кьолареб? 
КIиабилеб. Бокьараб магIишат цебетIезабизе ккани, къваригIуна сурсат, алат, техника, къокъ гьабун абуни, гIарац. Гьебги щолеб гьечIоха гъаримал фермеразе. Гьезие киналго шартIал чIезаризе ругин абула хIакимзабаз, амма гьел гьечIо», — ян бицана ГI. АбурикIовас.
 
БитIараб бугилан, гьес бицаралда тIадрекъон, бетIер гьанкIезабулел залалда ругел фермералги рукIана.
«Россельхозцентралъул» нилъе­р рес­публикаялда бугеб идараялъу­л нухмалъулесул заместитель Сагит­гIали ГIабдуразакъовги вачIун ву­кIана гьеб данделъиялде. Ракь хIал­тIизабиялда хурхун пачалихъалъ гьа­булеб тадбиралъул хIакъалъулъ би­цине ахIун вугоан гьев. 
Мисалалъе, хIалтIизабулеб ракьа­лъул лабораториялъулал цIех-рехал гьаруралъухъ цебе хIукуматалъ кьо­леб букIараб гIарац, гьанже жалго фермераз кьезе кколеб къа­гIида хисизабун буго, гьелда рази гьечIолъи загьир гьабуна данделъиялда рукIарал фермераз. Нужеда гьеб хIалалъ гIадго букIине ккани, гьеб цебеги букIараб къагIида кколин бичIчIизабулеб букIана С. ГIабдуразакъовас. Амма киназго гурин гьелъухъ мухь кьезе кколеб, гIа­рац кьезе кколелги кколарелги бакIал ругин баян гьабуна «Россельхозцентралъул» вакилас.
 
ЧIегIераб сияхIалъул халалъи
 
Фермеразе субсидиял рикьия­лъул хIакъалъулъ бицине рагIи кьуна «Россельхозбанкалда» къарзалъе гIарац кьолеб отделалдаса Владимир Попандопулое. Цогидал регионазда бигьаго бугин жакъа фермеразе субсидиялги къарзалъе гIарацги кьезеян бицана гьес. Дагъистаналда гьеб рахъалъ гIезегIан захIмалъаби ругила.
«2017 соналдаса нахъе ниж ккун руго «багIараб зонаялде». Къарзалъе кьолеб гIарцул къадар бихьизабизе нижер ихтияр гьечIо, киналго документал ритIизе ккола Москваялде. ГIемерал чагIи руго цебеккун къарзалъе босун букIараб гIарацги нахъ буссинабизе кIоларого. Мисалалъе, пуланаб росулъ вуго жинцаго гIетI тIун магIишатги цебетIезабурав, лъикIав хIалтIухъанилан кIудияб цIар-реццги щварав чи, амма гьев вуго нижер «чIегIераб сияхIалда». ГIилла — цебеккун босун букIараб гIарац нахъбуссинабичIолъи. Гьединазул 99 процент буго жакъа нижер банкалъул сияхIалда. 
Бокьараб банк, нижго гIадин, аслияб куцалъ хIалтIулеб букIуна къарзалъе гIарац бикьизелъун, амма кин кьелеб гIадамазухъе гIарац, налъулазул читIир халалъулеб бугони?» — ян абуна «Россельхозбанкалъул» вакилас.
Гьес бицунелда ризилъичIого, бор­кьараб кIалъай ккана гьесулгун фермеразулги ассоциация­лъул президент ГIабдурахIман Абури­кIо­васулги. Гьел гIодоре риччазарулев АФКОДалъул генералияв директор МухIамад ГIабдурахIмановги ву­кIана. Ахирги цоцада ричIчIараб гIа­даб жоги ккун, гIодов чIезе виччана Папандопуло.
 
Авал-ахир гьечIел данделъабаздаса свакан буго халкъ
 
Дагьаб цебегIан Адыгеялда «Народный фронт» гIуцIиялъулгун Владимир Путинил букIараб дандчIваялда Олег Сирота абулев чияс загьир гьабун буго президентасе «Халкъияв фермер» абураб проект гIуцIизе хIажат букIиналъул пикру.
БатIаго бегьулареб пикру гье­чIин гьебилан абуна АФКОДа­лъул нухмалъулев МухIамад ГIаб­дурахIмановас, амма анкьцIул бор­цун, цин къотIеян абун бугелъу­л, гьеб дандбазе кIалъазе рагIи кьуна «Народный фронталда» гъорлъ ву­гев тележурналист Илман ГIа­ли­пулатовасе.
ЦIакъ магIнаяб, киназего рекIее гIураб кIалъай букIана гьесул. ГIабдурахIман АбурикIовасго гIа­дин, гьесги абуна нилъ ва хасго ни­лъер хIакимзаби цого жо бицунел хутIун ругин, хIасил бихьулеб гьечIин.
 
«Дагьаб цебегIан «Акценты» передачаялда гьоболлъухъ вукIана ДРялъул хIукуматалъул минаялда информациялъул ва политикаялъул бутIаялъе нухмалъулев Зубайру Зубайруев. Дица гьесда абуна мун кколин тIалъиялъул вакил, гьанже дуца бицейин — щибаб къоялъ хIукуматалъул минаялъур тIоритIулел данделъабазул ахир бихьулеб гьечIин, цохIого кабинеталги, цохIого гьурмалги чIалгIун ругин дидаги халкъалдаги. Щибинха гьез кьолеб бугебилан гьикъана гьесда. 
Жаваб щвечIо. Республикаялда руго гIемерал СМИялги телестудиялги. Гьез бицунеб, хъвалеб ва бихьизабулеб жо гIемераб буго, амма халкъалъул гIузраби, халкъалъул гьаракь къанагIат гурони рагIулеб гьечIо. 
Гьединлъидал рачIа, жакъа гьанир рорхаралщинал суалал гьоркьор лъезе нуж телевидениялде рачIине. ТIадеги цIикIкIун гIадамалги ахIила, хIакимзабаздаги абила. Гьеб мехалъниги цо гьумерхъахIаб жо кколарищали бихьила», — ян кIалъана И. ГIалипулатов. 
 
Гьан гьарзаго буго, босулев чи ккани
 
Бицана гьениб гIияхъабаз гIеза­бураб нигIмат бичизе захIмалъулеб букIиналъулги. Гьеб щай гьедин бугебали бицине рагIи кьуна Москваялдаса вачIарав Дармилгун промышленносталъул палатаялъул вакиласе.
Цо къокъабго кIалъайги гьабун, жиндасаго тIаса хъущтIизабун, гьес рагIи кьуна цогидав чиясе. Гьаниве ваккун, дове кIанцIун гьабураб гьесул халатаб кIалъаялдаса кквезе щвана цо пикру. 
Гъоркьиса гьоркьоб къотIизабун буго нилъер гьаниса Ираналде ба­ччулеб букIараб гьан. Гьелдаса хадуб гIемерлъун буго нилъерго гьаниб бичулеб гьанал къадар. Цогидал регионазухъа бичун босунги байбихьун буго гьан республикаялда бичизе. КIиабизеги нилъехъа гьан босизе исана Ираналъги инкар гьабун буго, хираго бугинги абун. 
Гьелъул хIасилалда, республикаялда гьабсагIат гIемерлъун буго бичулеб гьанги, дагьлъун руго гьеб босулел гIадамалги. Щибха гьединаб хIал хисизабиялъе гьабизе бегьулебин абураб суалалъе цо чIванкъотIараб жаваб гьениб рагIичIо, пикраби гIемерал рукIана.
 
Дуда гурхIарасда Аллагьги гурхIаги
 
Данделъиялъул ахиралда кIалъазе рагIи кьуна жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадие. Стальское росулъ щуго гектаралда гIезабураб жиндирго ахги мисалалъе бачун, ганчIида гамачI течIого, чIван лъуна гьес Росдал магIишаталъул министерствоги, къарзал кьолеб «Рос­сельхозбанкги», хутIарал хIакимзабиги. 
«Жакъа гьезул цонигиязул гьаб баркатавхIавилан абизе чи гьечIо нилъеда ракIунтарав, дуцаги дицаги гIезабулеб магIишаталъул ургъел ккарав. Дуца гIетIги тIун гьабураб магIишат, жужахIалъул цIадабе ккун бухIаниги, дуе гьездасан кумек щоларо. 
Гьедин бугеб мехалъ, щиб гьаби­зе нуж унел къарз кьеян банкалде? Унге, хIетIеги чIоге, ахирисеб тIажуги бахъула гьез нужеда тIаса. Духъаго бажарараб куцалъ гIиги гIезабе, хурги бекье, бокьги бахъе, Аллагьасе какалги рай. Гьев гурхIани, гурони, тIокIав дуда гурхIизе чи гьечIо. Васалам, вакалам!» — илан лъугIизабуна жамагIатчияс.