ГIамал

Рамазаналъул чодронир

Москваялда ругел дагъистаниял кIалбиччазелъун
данделъун рукIана мажгиталда

Гьеб дандеруссиналъул мурадлъунги букIана «Аварагзаби ва гьезул гIамалал» абураб темаялда тIасан хабар бицин.
Тадбир рагьана Къуръаналъул аятал цIалиялдалъун, Москваялда йигей Дагъис­таналъул вакил Изумруд МухIудиновалъ абуна данделъаразде киназдего салам битIун бачIун бугин Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевасгиян. Гьенирго рихьизаруна Сулейман аварагасул гIумруялъул ва рамазан моцIалъул хиралъиялъул хIакъалъулъ бицунел фильмалги.
КIалбиччаялъул тадбиралда кIалъаял гьаруна Москваялъул муфти Илдар АлягIудиновасги, МахIачхъалаялъул КIудияб мажгиталъул имамасул заместитель МухIамад Къурбандибировасги, цогидазги.
Тадбиралда нашидал ахIана ХIамзалав ХIамзаловасги ГIали МухIама­довасги. Гьединго гьеб тадбиралде рачIарал ралагьана Расул ХIамзатовас «Росдал мажгит» абураб кечI рикIкIунеб видеороликалъухъги.
Дандеруссин нухда бачана Дагъистаналъул «ННТ» телеканалалъул журналист МухIамадрасул Абакаровас.