ЦIорол Дадаги вачIун щиб рохел гьаниб бугеб?

Республикаялда байбихьулеб буго «ЦIияб сон — щибаб рокъобе» абураб акция. Гьелъул хIакъалъулъ бицана 14 декабралда «Дагъи­стан» РИАялъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул гIолилазул рахъалъ ишазул министр Камил СагIидовас.

 

ЗахIматаб пандемиялъул за­маналда ЦIияб соналъул байра­малда хурхун дандеруссиналги лъималазе байрамалги тIоритIизе рес гьечIолъиялда бан, ресукъал хъизамаздаса ва ковидалда данде къеркьолел ругел тохтурзабазул лъималазе сайгъатал рикьулеб къагIида ургъизе ракIалде ккун буго гьезда.

ЦохIо нилъер республикаял­да гуребги, Россиялда киса-ки­бего тIобитIизе буго гьеб акция. ГIадамазул кумек гьечIого гьеб тадбир рагIалде бахъунарелъул, щибаб рокъоре хьвадизе хIадурал волонтерал данде гьарулел руго. 18 декабралде щвезегIан бокьа­рав чияс хъвай-хъвагIай гьабизе бегьула «DOBRO.RU» абураб сай­талда.

 

— 19 декабралдаса байбихьун хIалтIизе биччазе буго гьеб акция. Халат бахъине буго 31 декабралде щвезегIан. ЦIорол Дадал ва ГIазул ясалъул парталги ретIун, рокъо-рокъоре хьвадун, лъималазда ЦIияб сон баркизе буго гьез. Лъимал рохизари, хасго гьадинаб хIалкъараб заманал­да, цIакъ кири кIудияб ишги гьечIищха. Кванил нигIматалги, гьединго ковидалде данде дарабиги рукIине руго сайгъатазда цадахъ, — илан бица­на К. СагIидовас.

Акция цохIо МахIачхъалаялда гуребги, республикаялъул кинал­го шагьаразда, гьединго районаздаги тIобитIизе буго. Гьелъие волон­теразулги кIудияб къокъа къваригIуна. ХIалтIи гIемераб бугелъул, хIакъикъаталдаги гIезегIан чи хIажалъулин гьелъиеян абуна министрас. РакIалда бугила гьеб акциялъе 2000-гIанасев волонтер данде гьавизе. Цереккунги жидеца гьарулел рукIарал тадбиразда гIахьаллъизе гьезул гIемерав чи вачIунев вукIиндал, жинда кколин гьаб нухалъги волонтера­зул къварилъи букIинарин бицана К. СагIидовас.

 

— ГьабсагIаталдаго хIадурун буго лъималазе кьезе 1500 сайгъат жаниб лъураб къвачIа. РакIалде ккола гьезул къадар жеги цIикIкIине батилин. Аслияб куцалда, акциялъе сайгъатал хIадуризе нижее кумек гьабуна «БацIцIадаб ракI» ва «Инсан» абурал гурхIел-рахIмуязул фондаз. Гье­динго нижеда кидаго кверчIвала «Хъиргъу» ва «Зеленое яблоко» дармил рукъзабазги. Цоги кумек гьабизе бокьарав чи ккани, гьелдасаги инкар букIинаро, — ян бицана гьес.

Россиялдаго тIобитIизе бугеб гьеб акциялъул тIоцебе пикру загьир гьабуна Иванов областалдаса Володя Смирновас. 5 декабралда волонте­разулгун букIараб дандчIваялда Владимир Путиние загьир гьабуна гьес жиндирго пикру, ва президентасги гьелъул рахъ ккуна.