Тушман хвасар гьавуна

Мунагьал чураяв дир эмен, ХIасаниласул ХIусенил вас Наби армиялде унеб ме­халда, дун жеги гьитIинго вукIана, — ян ракIалде щве­забуна Набил вас Хизрица. -Гьеб букIана 1942 соналъул хасел. Кинаб къисматха кка­раб Шамил районалъул Хуча­даса ХIусенил Набил?

 

— Рагъул соназда росу го­чинабуна Чачаналде, — ян ракIалде щвезабуна хадуб­ги Хизрица. — ЦIакъ гIемераб ракъиги, къечги, къварилъа­биги рихьана. Эмен рагъда тIагIанин хъвараб кагъатги бачIана. Амма заманалдасан, пашманлъигун къварилъи­ялъ рекIеда гамачI лъураб нижер хъизамалде бачIана ракIалдаго гьечIеб рохел.

 

— Нужер эмен чIаго вуго, Аллагьасе рецц, — ян инсуца битIараб кагъатги босун ни­жехъе ячIана ЦIекIоса гьобол. ГIорхъи букIинчIо рохалие, ургъалабаз лъукъараб эбе­лалъулги гIисинал нижерги ракIал цIилъун рачIана. Ин­суца хъулухъ гьабулеб букIун буго Сибиралда. Тушманасда­са Москва цIунулеб мехалда эмен ккун вуго Курскиялъул горсверуде. Тушманасул горсверуда ругел рагъухъабазе тIаде бачIунеб квенги лъимги гьукъун букIана.

— Ракъудасаги къечалъ цIакъго тату хвезабулеб букIана, — ян ракIалде щвезабулаан Набица. — Лъим бугеб бакI абуни рикIкIад, тушмана­сул хъаравуллъиялда гъоркь букIана.

 

Къечалъ тату хвезабурав Набица хIукму гьабуна къе­чон хвеялдаса тушманасул гуллидаса хвейго лъикIилан. Лъим бугеб кIкIалахъе са­пар бухьана сордо рукIкIараб мехалда. Набица нух бахъула иццухъе ва цадахъ рукIарал флягабиги цIун тIад вуссуна.

ПалхIасил, тушманас гьал асирлъуде росула ва тIамула лъукъарал немцал машинабаз­де раччизе. Гьедин гьабулаго цадахъ вукIарав сержантас ав­томаталъул хъундагъ, лъукъа­рав цо немцасул ботIролъ кьа­булеб мехалда, Набица цебе кверги ккун чIезавула.

 

— Гьасие гьадинги гIураб жо щун буго, живго те, — ян абу­ла. Щиб къисматха ккараб лъукъарав немцасул? Гьев сах гьавизе госпиталалде ккола. Сахлъун хадуб кIиабизеги рагъулъе витIула ва нилъер армиялъ асир гьавула.

Немцаз щуго командирги цо сержантги, снайпер Наби­ги маххул хьуриялъ сверун къараб бакIалде щвезарула. Набиги гьалмагълъиги Герма­ниялде рачуна ва хандакъал рухъизе тIамула. Гьениб къа­си-къаси кьижизе ине Наби­да бихьизабула цо херал рос- лъадул мина. Гьел херазул йикIана ясалъул ясги. Наби кьижулеб рукъ букIана жа­ниса жанибе араб, ай херазда вихьичIого къватIиве ине рес гьечIеб бакIалда.

 

Набица къад-къад хутIарал рецIун какал ралел рукIун руго рокъове щведал. Цо ну­халда как балев гьев вихьун вуго херазул ясалъул ясалда ва гьеб лъарал херал роха- хинлъун руго гьав бусурман­чи вихьулинги абун. Гьелдаса хадуб гьез Наби гIорцIизегIан кваназавулаан, гьесдехун букIараб бербалагьи тIубанго хисана.

Цо къоялъ советияб арми­ялъ байбихьула самолетазда­сан бомбаби разе ва заман ба­лелдего тIаде щвараб армиялъ асиралги эркен гьарула.

                                                                                               

                                                                                            * * *

ГIурус мацI лъаларев На­биги, гьесда цадахъ нус-нус гьевго гIадин асирлъуде ккун рукIарал солдаталги, рагъ лъугIун хадурги рокъоре риччачIого, Эстониялде завод базе ритIана. Щибаб къойил асирлъуде ккараздаса сурав босулеб букIана.

Сурав босизе ирга щвана Наби ХIусеновасдеги. ЦIакъ гъира гьечIого нуцIаги къи­рун жаниве лъугьарав гьесда вихьула столалда нахъа гIодов чIарав рагъулав полковник. Гьесда вихьаравго лъала асир­лъудаса живго лъутизе ку­мек гьабурав снайпер Наби ХIусенов.

 

— Неужели Гусейнов жив?! — янги абун тIадеги вахъун гьев Набида хурхуна. Гьеб дандчIваялъ хвасар гьавуна Наби туснахъалдаса.

Наби кIигониги нухалъ гьесухъе гьоболлъухъги ана. ТIоцебесеб нухалъ гьесухъе щвараб мехалъ гьес жиндир­го вукIарав командирасда гьарана жинда хъвай-цIалиги лъаларин, жив вугеб бакI гIагарлъиялда лъазабизе кагъат хъваян. Гьес рагъулав гьудуласул гьари тIубазабун кагъат почалда битIана.

— Гьеб кагъат босун нижехъе ЦIекIоса гьобол ячIанилан ракIалде щвезабуна Набил вас Хизрица. — ГIорхъи букIинчIо нижер рохалие, гьеб букIана нижее хваралъуса эмен тIаде вахъинлъун.

                                                                                                 

                                                                                              * * *

1947 сон. МахIачхъалаялъул маххул нухлул вокзал. ДандчIвазе рачIаразул цIун бугоан вокзалалъул минаялда цебесеб бакI. Лъалхъана поезд. ГьитIинабго чемоданги кодоб ккун вагоналъуса къватIиве вачIарав гIолохъанавго солдат рахъ-рахъалде валагьана. Све­рухъ лъалев чиго гьечIодаян валагьарав гьесда перонаялда вихьула росуцояв. Рагъулаб форма букIиналъ гьесда Наби лъачIо. Къокъабго гара- чIвариялда росуцояс бицана жамагIат Чачаналде гочун бугилан. Гьениве ине ниятал­да болъодул ахаде щвараб ме­халъ гьесда вихьула болъодул тIарада немцазул форма тIад ретIарав солдат ва гьесда аскIов вахъун чIарав милици­онер. КIиябго бер гьасда тIаса босичIого валагьун чIун вуго­ан гьев солдат. Гьав аскIове щвараб мехалда гьес Набида цIехола: — Солдат, мун хъу­лухъ гьабун щиб бакIалда вукIарав? — абун.

Набица жаваб кьола Кур­скиялда вукIанин.

 

— Дуда ракIалда гьечIищ гьалмагъас лъукъарав нем­цазул солдат ботIролъ авто­маталъул хъундагъги кьабун чIвазехъин вукIараб мехалъ, дуца цебе кверги ккун хвасар гьавураб куц? — абун цIехана немцас.

— Буго. ВахI, мунищха дов солдат вукIарав? — ян гIажаиблъун хутIула Наби.

 

Немцас бицана асирлъуде ккун гьанив хIалтIулев ву­гин ва метер ватIаналде тIад вуссун ине вугилан. Гьеб бакIалда цоцада къвалалги ран ратIалъана батIи-батIияб рахъалда рагъулел рукIарал рагъулал «гьудулзаби».

Наби ХIусенов хIалтIана колхозалда. Гьабуна хъизан­ги. Къисматалъ гогь гьавун хьихьичIо Наби. Амма гьес гIемераб хIалтIи гьабуна гьаб ракьалда лъалкI нахъе тезелъун. Бищунго кIудияб талихIлъун гьес рикIкIунаан Аллагь лъалезул ва Гьев рех­солезул кьеразулъ живго вати.