Умумузул ирсалъе ритIухъаллъун хутIила

Сугъулдерицаги кIодо гьабуна КIудияб ВатIанияб рагъ лъугIаралдаса 73 сон тIубай

 

9 маялъул сагIат ичIго тIубараб заман. Жидерго умумузул — ра­гъул гIахьалчагIазул сураталги ко­дор ккун, росдал майданалде ракIарана жамагIаталъул вакилзаби. Гьениса ана рагъдаса руссинчIезе бараб памятникалда аскIоре. БахIарзалги ракIалдещвезарун, дугIа-ал­хIам­­­ги гьабун, сапар бухьана НакI­кIа­зухъе.
Рагъ лъугIаралдаса 73 сон тIу­баялъул хIурматалда гьенибги митинг тIобитIана ва кIалъазе рахъараз бицана рагъул кьогIлъиялъулги захIмалъиялъулги хIакъалъулъ, киналго ахIана рекъел, гьудуллъи, вацлъи щула гьабизе.
Митингалдаса хадуб жамагIат данделъана росдал клубалда. Гьениб Сугъралъ росдал бегавул МухIамад ХIажигIумаровас бицана росулъ гьарулел ругел ишазул хIакъалъулъ ва цо-цоязе кьуна ХIурматалъулал грамотабигун Баркалаялъул кагътал.
Гьелдаса хадуб букIана НакI­кIа­зухъ росдал хIакъалъулъ къва­тIибе бачIине хIадурго бугеб тIе­хьалъул цебелъей. Гьеб тIехь данде гьабун буго Индира Сагитовалъгун МухIамад Абакаровас. Гьелдаса хъадуб данделъиялъу­л гIахьалчагIазда цере рахъана кочIохъаби: ЧIарада районалдаса Муслимат МухIамадова, СалтIаса Раисат ХIажимухIамадова ва Хунзахъ районалъул БуцIра росулъа Салим Камилов.
Гьаниб баркалаялъул рагIабазе мустахIикъал руго кинабго тадбир щвалде щун нухда иналъе квербакъарал культураялъу­л хIал­­тIухъабиги квен-тIех гIу­цIа­рал киналгоги. Абизе ккола, цIа­рал хъвачIониги, гьеб къоялъ тIолабго росдацаго унго-унгояб гIаданлъигун яхIалъул рахъалъ мисал бихьизабунин. ХIатта, Россиялъул тахшагьаралда ругезцин бажарарабщинаб гьабуна тадбир гIуцIадго иналъе. Гьедин, Москваялда вугев Муса Каримовас росулъе хасав чи витIун вачIана рехсараб тадбиралъу­л видео бахъизе гIоло. Гьес бахъараб материал­ги хIалтIизабун, росуцоязда ра­кIалда буго видеоролик къватIибе биччазеги.
Жакъа нилъ разилъизе мус­тахIикъаб хIужа ккола гьединал тадбиразда гIолилаз жигараб гIахьаллъи гьабулеб букIин. Гьелъ бихьизабулеб буго кьалул майданалда нилъее гIоло рухI кьурал умумузе тIаде гIолеб гIел ритIухъаблъун хутIулеб букIин.
МухIамад Абакаров,
РФялъул Журналистазул союзалъул член