Магьди-МухIамад Камалов: «Дир вац Шамил ГIисаевас чIвачIо»

Дагьал церегIан къоязда «Коммерсант» газеталъ лъазабуна «Черновик» газеталъул бетIергьанлъун вукIарав ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайиб РФялъул ЦIех-рехалъул комитеталъ гIунтIизабунин ДРялъул вице-премьерлъун вукIарав Шамил ГIисаевасде.

Гьединалго гIайибал гIунтIизарулел руго жеги лъабгоясдеги – Мурад ШугIайбовасде, МухIамад Хазамовасде ва МухIамад АбихIасановасде.
Дагьалъ цебегIан судалъ Шамил ГIисаевасда тIад чIезабуна Гъуниб «Орлиное гнездо» абураб хIухьбахъиялъулаб бакI къачIазе республикаялъул бюджеталдаса биччараб гIарац бикъун букIиналъул гIайиб.
«ХIакъикъаталъе» кьолеб интервьюялда ХIажимурадил гьитIинав вац Магьди-МухIамад Камаловас бицана жив рази гьечIин Шамил ГIисаевасде цIияб гIайиб гIунтIизабулеб букIиналдаса.

 

— Магьди-МухIамад, Шамил ГIисаевас чIвачIин жиндир вацилан дуца «Черновикалда» хъвараб макъалаялда гъоркь цо цIалдолес тараб комментарий такрар гьабила дицаги. «Орхан Жемалилги Максим Шевченколги квербакъиялдалъун гьанжелъагIан нужер газеталъ билълъанхъизабулеб букIараб гьеб версия, гьанже рахъун хисиялъул магIна щиб?»
— Дица байбихьудаго абулеб букIана Орханидаги Максимидаги гIайибал чIвазе гIедегIугеян. Амма гьезда битIараблъун бихьун батила цо-цо цогидазул, масала, ГIали Камаловасул пикру. Гьеб тасдикъ гьабулеб цониги далил яги хIужа рехсолебги гьечIо. Дица абуни лъазабуна гьеб гIайиб жидеде гIунтIизабурав щивав чи ХIажимурад чIвараб къоялъ кив ва щиб гьабулев вукIаравали.
Гьабщинаб заманалда жаниб хIисаб гьабуна ХIажимурадилгун гьоркьорлъаби хварал гIадамазулги. Дида бичIчIана цIех-рех мекъи нухдасан араблъи. Гьеб чIвай-хъвей тIад чIезабурал АбихIасановги Хазамовги, масала, руго тIубан рагIи данде кколарел, тушманлъиялда рукIарал чагIи. Хазамовасул лъади Наидаги ХIажимурадил гIагарай гIадан ккола. ГIисаевасул тIадкъаялги гьев кIиясго киданиги тIуразарулароан.
АбихIасанов МухIамадица 2009 соналда талавур гьабун букIана ГIисаевасул база. Гьеб гьесда жиндагоги лъалаан. «Рохьилазулгун» жиндир лъикIаб гьоркьоблъи бугинги абун, божизавун вукIана АбихIасановас Шамил. Амма гьеб гьедин букIинчIо.
Хасго гьелде щвелалде флешкаги щун букIана Шамилихъе. Доб мехалда бизнесменазухъе, депутатазухъе, бечедал гIадамазухъе рехулел рукIиндалха гьел. Гьеб флешкаялдехун АбихIасановасул хурхен букIинги лъалаго кьелаандай ГIисаевас гьесие гьединаб тохаб тIадкъай – ХIажимурад чIвазе?
ХIажимурадица «Черновикалда» Шамил ГIисаев какарал макъа­лабиги рахъун, гьесул карьера хвезабунин, гьедин чIванин дос ХIажимурадилан чIезабулеб буго цо-цояз. Гьесул хIакъалъулъ гурони хъвачIогойищ бугеб нижер газеталда? Гьел киназулгойищ карьера хвезабураб? МухIамадгIали МухIамадов, СагIид Амиров ва цогидалги какулел рукIанагури.
— Гьеб ишалъулъ хас гьабун ГIисаев щайха рехсезе лъугьарав?
— Гьеб буго цебегоялдаса нахъе сугъулдерида жаниб баккараб дагIба-рагIиялда бараб жо. Гьеб кьалги байбихьана министр ГIадилгерей МухIамадтIагьиров чIван хадуб.
Гьелъул хIакъалъулъ лъалеб жо букIун гьечIо ХIажимурад чIварал чагIазда, дир хIисабалда. Гьединлъидал, гьез цин хIалбихьана гьеб иш «Черновикалъул» бетIерай редакторлъун йикIарай Надира ГIисаевалдаги Соликамскиялда туснахъалда вукIа­рав гьелъул росасдаги тIаде рехизе.
Амма хадуб жалго сугъулдерида гьоркьор дандеккунгутIиял рукIин лъайдал, гьеб версия чIезе тана доз, интернеталдаса аудиоялги нахъе рацIцIана (Надиралгун ХIажимурадил кIалъай – авт.). Гьедин, сугъул лъугьана жидерго чагIи гIайибияллъун гьаризе.
Дица абулеб гьечIо дол туснахъалда лъурал гIолохъаби мунагьго гьечIел чагIи ругилан. ШугIайбовасдасанги букIана сверухъ ругезе хIинкъи. ГIабдулмалик АхIмадилов («ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарь, чIвана 2009 соналда – авт.) чIваялъул хIакъ АбихIасановасда тIад бугинги рикIкIуна дица. ГIабдулмаликидаса рецIел босизе АбихIасановасе бокьиялъ туснахъалде ккарав чи вуго ШугIайбов.
Гьенив гьоркьовги ГIисаев вукIинчIо. КIалбиччанкъоялъ росдал гIолохъабазда цебе мажгиталда ГIабдулмаликица жинда абураб рагIи квеш букIун рецIел босизе къваригIана АбихIасановасе.
ПалхIасил, щиб гьабунги ГIисаев жанив тIамизе къваригIун буго цо-цо чагIазе. Амма гьесдехунги дол цояздехунги тIадкIалъаял ратани, чIезабе гьезда тIад гIайибалги, гьабе тамихIги. Амма жидерго хасал мурадазе гIоло дир вацасул хвел багьанадуй ккоге!
— Щайха ГIисаев гьезда рихарав? Бечедав вукIунищ?
— Сугъулдерида тIасан ГIадилгерей МухIамадтIагьировасухъе хъвараб цо справка букIинчIищ, Шамил ГIисаевасул пишалъун рикIкIунеб буго гьеб росулъ (рохьилаздехун бухьен бугилан, гьединго вагьабияллъун кколилан гьабураб сугъулдерил сияхI – авт.).
БичIчIа, дун ГIисаев ритIухъ гьавизе къваригIарав чи гуро. Амма дие тIекъаб жо бокьун гьечIо. Гьеб справкаги гьес хъвачIо. Нагагьлъун СагIид Амиров гIадал чагIаз гьеб хъван букIун батани, жидерго хIур гьабизе бегьулилан хIинкъун, щибниги гьабуларев ГIисаевасда тIад чIезабизе къваригIун буго гьезие гьеб. Справкаялда кутакалда инжитаб куцалда хъван буго цо чиясул хIакъалъулъ. Гьединлъидал, гьесги цIакъго хIаракат бахъулеб буго ГIисаевасде гьеб рехизе.
— Сугъралъа лъабго журналист чIвана – ХIажи ГIабашилов, ГIабдулмалик АхIмадилов, ХIажимурад Камалов. Гьезул щибалъулъги Шамил ГIисаевасул цIар рагIулаан…
— Гьаб ахираб ичIабго соналда жаниб дирго щаклъи кканщинав чи кив вукIаравали лъазабуна дица минут минуталде данде ккезабун. Масала, живго чIвазе кIиго сагIат хутIидал, ХIажи ГIабашилов Шамил ГIисаевасул кабинеталъуса ун вуго кьабизабун нуцIагун. Гьениб гьезул хъачIаб кIалъай ккун буго. Гьанже хIисаб гьабеха, чIвазе къваригIарав чи гьединищ къватIиве виччалев? Гуро, ГIисаевасул букIинчIо гьединаб къуват. 2008 соналдаса нахъе жиндирго гIарац бикъулев вукIарав АбихIасановасдацин рагIи абичIо гьес. 

— ХIажимурад ГIисаевас чIва­чIилан дуца гьабулеб лъазаби цIех-рехчагIаз кин къабул гьабураб?

— Щокъроб къараб ракьа вуго дун гьезие. Ахирги дихъ цо щибалиго батанилан (ярагъ, наркотикал – авт.) дун хIинкъизавизе хIалал рихьизецин бегьула гьез.
— Гьанже рахъун щай цIех-рех­чагIаз ГIисаевасде гьединаб гIайиб гIун­тIизабураб?
— ТIад тургьбиги ххун, хъачагъал гIадин Москваялде рачун инчIищха доб мехалда хIукуматалъул нухмалъулевги хутIарал вакилзабиги. РакIалда букIараб куцалда гьезда гIайиб тIадчIезабизе бажарулеб гьечIеб къагIидаха. Шамил ГIисаевасеги шартI хIисабалда туснахъ бихьизабуна гьез хIукуматалъул вакилзабаз гIарац бикъулеб букIин цIех-рехчагIазда лъазабичIогойилан.
Гьанже цIех-рехчагIазда ракIалде щун буго ГIисаевасда сугъулдерил ццим букIинги.
Амма гьениб цо хIалихьатаб пи­шаги хIалтIизабуна. Хазамов Му­хIамадил лъадуца кьуна жиндирго росасде данде баянал.
ХIилла-макруялда ва чи чIвазе къасд гьабиялда хурхарал гIайибалги тIад чIезарун, микьго сонгун бащдабги кьун туснахъалда йикIана гьей. Гьереси-инвалидлъи гьабизе гIарац бакIарун букIун буго гьелъ гIадамазухъа.
КватIичIого судияс хIукму хисизабуна — хIисабалде босана гьелъул гьитIинаб лъабго лъимер букIин. Гьезул бищун гьитIиналъ 18 сон байдал хал гьабизегIан туснахъалъуса къватIиеги йиччана.
Гьелда хадурго гьелъ кьуна росасда тIасан гьересиял баяналги – чIвай-хъвей ккараб сордоялъ сардилъ вачIанила гьев рокъове, цинги хал ккун букIанила (телевизоралдасан рицунел) цIиял харбазда хадуб.
ХIакъикъаталда абуни, гьеб сордоялъ лъимерги биххун, гьелда аскIоса вагъарун гьечIоан МухIамад Хазамов, гьезда цадахъ гьенив вукIарав гьесул вацгIалас кьурал баянал руго гьел. Амма гьенивго вукIарав чIужуялъул вацас абулеб буго МухIамад рокъов вукIинчIилан. Гьединал баянал кьуралъухъ гьей эркенлъуда тана. Гьебги гьелъ гьабуна жиндир росасул цоги чIужу йикIин лъайдал. Изоляторалда йигеб мехалда лъан буго гьелда гьеб.
Гьединго гьадаб чIвай-хъвей ккараб параялда ШугIайбовги «Одноклассниказда» жанив жиндирго имгIа­ласухъе хъвадарулев вукIун вуго.
Хазамов МухIамадихъе щай хьвадулев чи мунилан рази гьечIого ШугIайбовасда гаргадулев вукIарав АбихIасановги кин гьел кIиялгогун цадахъ гьеб ишалде гьоркьове лъугьине кколев вукIарав?
АбихIасановасда ццим бахъа­рал ГIисаевазул чагIиги руго Аби­хIасановас чIванин дур вацилан дида абулел. Амма гьел руго дир къварилъиялдаса пайда босулел чагIи. КъваригIун батани, жидецаго гьабе гьесие тамихI.
— ХIажимурадилги Шамилилги гьоркьорлъаби кинал рукIарал?
— ГьедигIан лъикIал рукIинчIо, амма тушманлъиги букIинчIоха гьезда гьоркьоб. ГIисаевазул эбел унтараб мехалда тIоцеве ХIажимурад ана гьелъие би кьезе. Амма гье­лъухъ-долъухъ балагьичIого, «Немецкая деревня» проекталъе гIоло Шамилие гIезегIан бадирчIваял гьаруна «Черновикалъ». Гьелдаса лъабго сон индал чIвана ХIажимурад. ЧIвазе къваригIараб мехалда гьелщинал соназищ балагьун чIолел? Дица бегана чанго соналъул подшивка. Амма чи чIвазе тIамулел гIадал макъалаби гьенир ратичIо.
ТIоцебего дир щаклъи ккарав чи Шамил ГIисаев гурев, СагIид Амиров вукIана. Амма гьесдехунги кинабгIаги бухьен батичIо дида.