Киб бугеб мун, ритIухълъи?

СМИязул алатаз гIемер бицунеб буго 22 ноябралда МахIачхъала шагьаралъул №1 роддомалда, тохтурзабазул гIайибалдалъун, гьабураб лъимер хвеялъул хIакъалъулъ

Гьелъул гIайиб гIунтIизабулеб буго роддомалъул бетIерай тохтуралде. Социалиял гьиназда гьадин хъвалеб буго: «МахIачхъала шагьаралъул №1 роддомалда ккана иргадулаб балагьаб лъугьа-бахъин. Гьение ячIарай лъимаде йигей гIаданалъул букIана цIикIкIараб бидул тIадецуй, лъимаде йигей гьелъул беццаб бакьалъе гьабун букIана операцияги. 2I ноябралъул къаси унти чIвазе байбихьана. 22 ноябралъул къалъудаса хадуб тохтурзабаз хIукму гьабуна, нахъбахъун течIого, операция гьабизе, щайгурелъул бихьулеб букIана кIиго нухалъ лъимадул габур сверун цIину жемун ва гьелъие гьава гIоларого букIин. Гьей гIадан операциялъулаб залалде ячана, наркоз кьуна ва къотIизе кколеб бакIалда гIужцин гьабуна. Операция гьабизе хIадурун рукIана. Циндаго жание кIанцIун ячIана отпускалда йигей больницаялъул бетIерай тохтур ва операциялъулаб зал эркен гьабеян лъазабуна. Роддомалъул хIалтIухъабаз абулеб буго унтаралъ тохтуралъе цебеккунго гIарац кьун букIун бугилан. «Биччанте гьелъ лъимер жинцаго гьабизейинги» абун, тохтуралъ операция гьабизе хIадурарай гIадан нахъе къотIана. Родблокалъул заведующиялъ нугIлъи гьабуна лъимадул ракI кьабулеб букIиналъе. Цин сагIаталъ чIезе ккана цебеккунго гьабураб уколалъул асар инегIан. Хадуб, цIакъ захIматго, ункъо кило цIайи бугев вас гьавуна. ТIоцебе гьабураб лъимер хвеялъ гIолохъанай гIаданалъул рекIеда гъваридаб ругъун лъуна. Гьелда лъимадул гьаракь рагIичIо, гьеб каранде къачIо, гьеб гьелда бихьизецин бихьичIо. Дунялалде вачIиналдего гьев чIвана тохтурзабаз. Гьезда лъалаан гьедин ккелеблъи, лъалаан лъимаца кумек гьарулеб бугеблъи ва гьеб гьесие хIажат букIин. Лъимер гьабуна къаси анлъгоялда, анкьго тIубайдал гурони, гьеб хвеялъул хIакъалъулъ лъазабичIо. Щай? Операциялъул киналго гIахьалчагIазда бичIчIана жидедаго гIайиб ккараблъи, гьел хIинкъана ва больницаялдаса нахъе ине гIедегIана. Малъкъосун хутIана тIолабго больница, гьединаб гIунгутIи кин биччазе бегьулебин, чIужугIаданалъ чIужугIаданалда аскIоб гьединаб нахъегIанлъи кин гьабизе бегьулебан абулеб букIана тохтурзабаз».
Гьаб лъугьа-бахъиналъул хIакъикъат лъазабизелъун ниж щвана ДРялъул сахлъицIуниялъул министерствоялъул пресс-хъулухъалде. Пресс-секретарь Залина Акмадовалъ абуна, МахIачхъала шагьаралъул № I роддомалда гьабураб лъимер хвеялда бан, ДРялъул сахлъицIуниялъул министерствалъ цIех-рех гьабулеб бугилан. « ГIуцIун буго хасаб комиссия, специалистаз цIех-рех гьабулеб буго тохтурзабаз гъалатI биччан бугищали. Лъимер хвеялъе ккараб гIилла чIезабизе буго судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъ. Гьелъул хIасилалда, гIайиб ккарал чагIи тамихIалдеги цIазе руго», — ян бицана гьелъ.
ДРялъул сахлъицIуниялъул министерствалъул руччабазе ва лъималазе медицинаялъул кумек гьабиялъул рахъалъ отделалъул начальник Раиса Шахсановалъ тIубараб хIакъикъат лъачIого тохтурзабаздаги бетIерай тохтуралдаги гIайибчIвазе бегьуларин рикIкIунеб буго. Жидер министерствоялъул хасаб комиссиялъги судалъулгун медицинаялъул экспертизаялъги тIоритIулел ругел цIех-рехазул хIасилазде балагьун кьезе кколин гьеб лъугьа-бахъиналъе битIараб къиматилан абуна гьелъ.
РитIухълъи чIезабиялъе цогидаб рахъалъухъги гIенеккизе кколелъул, ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул № 1 роддомалдеги. Гьелъул бетIерай тохтур ( медицинаялъул гIелмабазул кандидат, тIадегIанаб категориялъул тохтур) Земфира ХIажиевалъ бицана, тIоцее гьаб хъулухъалде лъугьиндал жинда больница батанин коррупциялъулъ къан. «Гьелде дица нухал къай гIемерисел тохтурзабазе дандеккечIо. Гьезул цояз дие квешезе гьабураб лъимер хвеялъул пашманаб лъугьа-бахъиналъе гIайибияйлъун дун йихьизаюн йиго, журналистазги гьеб гьереси понцIозабулеб буго. Лъабго сон буго дир гьаб хъулухъалда. Больницаялда гьабулеб кинабго хIалтIи дирго берда цебе букIиналъул мурадалда лъун буго 40 видеокамераги.
Больницаялде ячIарай гIаданалъул халгьабулаго эбелалъул чохьониб бугеб лъимадул ракI кьабизе байбихьидал, дица лъазабуна хехго операцияги гьабун, лъимер хвасар гьабизе кколин. Операциялъул зал чIобого букIана, столалда тIад гьей лъедал, лъимадул рекIел хIалтIи ва эбелалде унти бачIиналъул иш рукIалиде бачIана. Хадуб тохтурзабазул консилиумалъ хIукму гьабуна операция гьабичIого тани лъикI букIинилан. Операциялдаса хадур захIмалъаби камуларо, лъимада рецIцI рекIине, гьелъул микробал бидулъе ккезе бегьула, щайгурелъул гьелдаса цебе гьей гIаданалъе рецIцI ккураб беццаб бакьалъе операция гьабун букIиндал, гьеб гуребги, гьелъул буго кванирукъалъул унтиги (гастрит) унтарал ургьисалабиги.
Мониторалдасан гьей гIаданалда хадуб халкквезе тун йикIана медсестра. Эбелалъеги ургьиб бугеб лъимадуеги мадар лъугьун букIинги бихьун, хIукму гьабуна лъимер гьабизе гьей жийго йичазе. СагIат ункъоялда дун больницаялдаса ана, анлъгоялда гьелъ лъимер гьабун буго. Гьабураб лъимадул ракI цIакъ хьадарго, рагIулеб-рагIулареб хIалалъ хIалтIулеб букIана, кигIан хIаракаб бахъаниги, гьеб чIаголъизелъун гьарурал тадбиразул хIасил ккечIо, лъимер хвана.
ДРялъул сахлъицIуниялъул министерствоялдаса бачIараб хасаб комиссиялъ минутал-секундал ккун видеозаписалдасан халгьабуна больницаялде ячIаралдаса лъимер гьабизегIан гьей гIаданалда хадуб гьабураб хъулухъалъухъ. Комиссиялъул чагIаз абуна: «Кинабго битIун гьабун буго, лъимер хвеялъул гIайиб нужеда гьечIо», — ян.
Министерствоялъул комиссиялъги, судалъулгун медицинаялъул экпертизаялъги, гьарулел ругел цIех-рехазул хIасилазги хвараб лъимадул ургьире раккиялъги бицина лъимер хвеялъе нижеда гIайиб гьечIолъи.
Информациялъул алатаздасан диде гьабулеб гIайиб мекъаб буго. Лъалезги лъаларезги телефоналдасан кьолел суалазги дир рахIатхвезабун буго. Гьеб киналъго квешаб асар гьабулеб буго нижер коллективалъул хIалтIуего. Гьединлъидал дица, дун гьерсаздасаги бугьтаналдасаги цIунеян абун, прокуратураялде гIарза хъвана», — ян бицана бетIерай тохтур Земфира ХIажиевалъ.
ЦIех-рехалъ гьаб лъугьа-бахъиналъе ритIухъаб къимат кьелин абураб хьул буго нижер. Гьелда сверухъ хIалуцарал бахIсал унел руго социалиял гьиназдасанги. Щуазаргоялдаса цIикIкIун чияс къимат кьолеб буго гьеб лъугьа-бахъиналъе. Абизе ккола тохтуралъул рахъ кколел цIакъ дагь гурони гьечIинги. Хасгьабун гьей тохтуралъе квешаб къимат кьолеб буго гьеб больницаялде ккарал улбуз. БитIараб-гьереси якъинлъила заманалдаса, амма тIекъал ишал рихьидал, нилъ руцIцIун чIолел ругони, нилъер гIумруялъулъ ритIухъал ишал дагьлъизе руго къо бахъанагIан.
Нури Нуриев