Буртабазул зигара

      Болъихъ районалъул РахатIа бугеб буртабазул фабрикаялъул иш рес къотIараб хIалалде кко­леб бугин лъазабуна гьелъул нух­малъулев ГIали МухIамадовас.

   -ГIолохъаби гьенире хIалтIизе рачIунел гьечIо. Цебе лъабнус­го чи хIалтIулев вукIараб фа­брикаялда жакъа хутIун вуго къогогIан чи, гьелги руччаби.

      ТIадежоялъе, фабрикаялъул къайи-цIа хисичIогоги бана гIемераб мех, техника басралъун буго. ГIолохъабазе бокьулеб гьечIо гьенир хIалтIизе, росу тун шагьаразде гочунел руго, -ян абуна фабрикаялъул нухмалъулес.

      Амма гьадин хутIизе гIадаб фабрика букIинчIоха гьеб. Сове­тияб заманалда, цохIо нилъерго улка гуребги, къватIисел пача­лихъалги буртабаздалъун хьезарулаан гьелъ. Жакъайин абуни… Буртабаз­даса инкар гьабун гIадатияб, хинаб ретIелго тIасабищулеб буго гIухьбузги.

    Болъихъ районалъул РахатIа буртаби гьарулеб фабрика рагьана 1926 со­налъ. МугIрузул Дагъистаналда рикIкIунел предприятиязул цояб букIана гьеб доб мехалда.