«Гьаб гьитIинаб росулъ кIудияб дунял Расул ХIамзатовас данде гьабуна»

 

 

 

Гьаб векалъул тарих хадуб магIарухъ —

Хунзахъги ЦIадабги цIалулеб мехалъ;

Дир цIар киб букIинеб: чIваралъ, хваралъищ,

Я хабар лъачIого тIагIаразулъищ?

ЧIваразулъги гуро, хваралъги гуро,

Я хабар лъачIого тIагIаралъ гуро.

Ханжарги тIагъурги магIидаги бан,

Мун бихьула дида даим чIагояб;

Доб Петербургалда пача тIуркIараб,

Гьундул бусада гъоркь шагьал сорораб.

МагIарулас жакъа жиндирго тIохда

ТIагърикьаги бахъун цIала хъалиян.

 

 ЦIидасан, тIоцебесеб нухалъ рагIулеб гIадин, цIалана ЦIадаса Расулил гIажаибго пасихIго хъвараб шигIру. ШагIир вичIчIизе ккани, гьесул ватIаналде щвезе кколин абун буго цо гIакъилав хъвадарухъанас. ХIакъикъаталдаги битIараб батила гьеб. ШагIирасул рухIияб дунялги пикрабазул эркенлъиги рагIа- ракьанде щун ричIчIизе ккани, гьесул инсул росуги бихьизе ккола. Гьединаб пикругун 9 сентябралда ХIамзатил Расулил ватIаналде сапар бухьана дица.

Сентябралъул микьабилеб къоялъ щибаб соналъ гьениб тад­бир тIобитIулеб букIаниги, жеги шагIирасул росулъе щун вукIинчIо. Исана тIоцебе бихьана «70 гурони цIараки гьечIеб» абун Расулица кучIдузулъ гIемер рехсараб ЦIада росу.

Филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамадги шагIир ва Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасановги рукIана дир сапарцоял. СагIат микьго­ялда къватIире рахъине къотIиялда рукIарал Хъвадарухъабазул союзалъул делегациялъул чагIиги ун ратун, гьезда хадур гъезелъун кьабуна нижецаги.

Дир гьудул, ругьунаб чоца рехани,

Чодул мугъ бухуге, гьеб гурин гIайиб…

  МагIарухъе гьарулел сапарал рокьула дие. Загьир гьабун бажа­рулареб цо балъгояб асар буго гьезулъ. ГIагараб ракьалде бугеб рокьиги инсухълъиялъ нахъеги жиндихъего ахIулев вукIиналдаса бугеб рохелги, тамашаяб рекIелгъейги сайигъат гьабула щи­баб нухалъ магIарухъе вачунел нухаз. Гьединаб асаргун ана дун Хунзахъегун ЦIадавеги. Гьоркьо-гьоркьоб, заман бихьун, Даку Асадулаевасул репертуаралдаса АсхIабгIали ХIасановас ахIулеб кочIоца куркьбалги гъун, Ибрагьимил МухIамадица рицарал Ра­сулил поэзиялъул хIакъалъулъ ва шагIирасул гIумруялда ккарал кепал лъугьа-бахъиназда тIадги релъулаго, гьабугьинан нахъа толеб букIана нижеца нух. БагIараб кьоги бахун, ЧIалде унаго, нухлул ракьанда батулеб «Могьохъ» кафеялда нижехъ балагьун чIун ратана Умарагьи СалихIоваги Мо­скваялдасагун Питералдаса ва Башкириялдаса «ХIамзатил Расулихъе» щвезе рачIарал гьалбалги. Хъваш-башги гьабун, нахъеги нухда рахъана.

 Унилан, рииги ун бахъинчIеб, щведал щун ха­салихълъиялъги жеги гьоболлъи бачIеб гьогьо­мараб къо букIана. Цебе рехун бачIана хундерил тIалъи, квегIаб рахъалдехун — БакьагьечIи росу, аскIобго цун гIадин — Гиничукь, дагьаб добегIан — ГIараниб хъала. Аваристаналъул тахшагьаралъ асир гьавун хутIана дун. Хьиндаллъи гIадин пихъил гъутIбузги, гъветI-рохьалъгун рорхатал мугIрузги берцин гьабун гьечIониги, кидаго пана гьавула хундерил тIалъиялъ. Лъимерлъудаса нахъе дир берда цебе букIиналъищали лъаларо, батIияб асар буго дир гьелдехун. Гьонода, дун гьавураб ва гIураб ЛъимбецIихъ авалалдаса щибаб къоялъ бихьулаан дида Хунзахъ росдал авал. МаркIачIул бер рукIкIунеб гIужалъ Хунзахъ къалъ-къалъун ракарал чирахъаздеги ракI гъолаан, радал рогьа­лил хъахIлъиялда гьоркьосан Хунзахъ росдал ми­набазул тIохазда берчIвазеги ругьунлъун вукIана. Гьединаб тIолареб рокьиги лъугIулареб хинаб асар­ги буго дир хундерил ракьалде. Лъимерлъиялъул ракIалдещвеяз цIакъго рикIкIаде вачун ватанин, гIайиб гьабуге.

  ЦIада росдал рагIалда нижеда дандчIвай гьабу­на Хунзахъ райадминистрациялъул нухмалъулев НурмухIамад Задиевас, гьесул заместителаз ва ад­министрациялъул цогидал хIалтIухъабаз. ЦIадаса ХIамзатиеги, Расулиеги, ХIажиясеги — лъабасего бараб памятникалда цере тIугьдулги лъун, рилъ­лъана росу рагIалда «ХъахIал къункърабазе» бараб, зодихъе араб стеллаялда аскIоре. Ниж рачIиналдего гьенибе бакIарун бугоан цIигьулдерил жамагIат.

  Тадбиралъе байбихьи лъуна «Къункъраби» кечIалъе композитор Ян Френкелица хъвараб бакъ­аналъ. ЦIакъ махщалида бачана гьеб бакъан цо гIолохъанай ясалъ чагъанаялда. Хадуй гьей хисун ячIарай гьитIинай гIолохъанчIужуялъ роцIараб гьаракьалъ салам кьуна тIаде рачIарал гьалбаде­рие. ЦIалана Расулил кочIода гьоркьосан чанго мухъ ва рагIи кьуна Хунзахъ районалъул нухмалъ­улев НурмухIамад Задиевасе.

 КIалъай букIана киналго районалъул нухмалъулезда релълъараб. Бицана дунялалда киса-ки­бего тIибитIараб Расулил творчестволъ гIагараб Дагъистанги, Хунзахъгун ЦIада росуги машгьур гьабунилан. Бицана кIиго соналдасан кIодо гьа­бизе бугеб Расул ХIамзатовасул нусго сонил юби­леялъул хIакъалъулъ. Гьеб кIудияб тадбиралде хIадурлъи гьабизе районалъ гьанжего байбихьун бугин абуна Н. Задиевас: разе ракIалда руго цIиял школал, ясли-ахал, къачIазе руго нухал. КIиго со­налда жаниб гьабизе ракIалда гIемераб жо батила, кинабго рагIалде бахъине Аллагьас квербакъи гьа­беги.

    Хъвадарухъабазул союзалъул цIаралдаса хун­дерие салам кьуна Авар секциялъул нухмалъу­лев, филологиял гIелмабазул доктор Ибрагьимил МухIамадица.

      КIалъай букIана берцинаб, гIенеккарасе асар гьабулеб. Цебе лъураб тIанчидаса цIогьохъего цIаларал мухъазул кумекалдалъун кIалъалеб гIадат гьечIо гьесул. Пикрабазе эркенлъиги кьун, чвахун бачIунеб калам букIана.

   «ГIалам хIайран гьабурал Расулил кучIдузул те­маялда кидаго аслияб бакI ккуна рахьдал мацIалъ. Гьеб рахьдал мацIалдехун бугеб жиндирго рокьи кучIдуздасан загьир гьабуна Расулица. Гьесие ку­такаб кIвар букIана чиясда жиндирго гIагараб мацI кIочонгутIи, — ян абуна М. МухIамадовас. — КIиго соналдасан нилъеца, Аллагьас хъван батани, кIодо гьабила кIудияв шагIирас 100 сон тIубаялъул юби­лей. Районалъул администрациягун ва республи­каялъул нухмалъигун рекъон, Хъвадарухъабазул союзалъ кIудияб хIадурлъи гьабулеб буго гьелде.

      Амма тIадеялъул 90 сон тIубала Фазу ГIалиевагун ГIабасил МахIамад гьаруралдасаги. Хунзахъ райо­налъ дунялалъе кьуна кIудияб гьунаралъул лъабго шагIир. Гьедин кьураб буго гьалъие араб соналда «литературияб тахшагьар» абураб хасаб даража­ялъул цIарги. Тарихалда жаниб Хунзахъ районалъе гурони гьединаб цIар щвечIо. Гьеб цIакъ къима­таб хIужаги лъугьа-бахъинги буго нилъер адабия­талъе».

     Хадуб гьес рагIи кьуна къватIиса рачIарал гьалбадерие. ТIоцеве кIалъазе вахъана Санкт- Петербургалдаса гIолохъанав шагIир ва публицист Роман Круглов. Нилъер республикаялде тIоцеве щун вугоан гьев. МагIарул тIабигIаталъги, рорха­тал мугIрузги, гIедегIун чвахулел хехал лъаралгун гIоразги хIайран гьавунин живин бицана гьес. Дагъ­истан берцинаб тIабигIаталъул ракь букIин цебеги бицун букIана, амма гьадин гьалбал хирияб бакI бугилан рагIаниги, тIуванго божун вукIинчIин, гьанже божичIого рес гьечIин абуна Р. Кругловас.

    ГIолохъанго вукIаниги, гIемерал тIахьал цIаларав, цIалараб жоялъул пикруги къиматги гьабизе лъалев чи вукIин вихьулев вукIана Санкт- Петербургалдаса гьобол. Расул ХIамзатовасул творчествоги лъикI лъалеб бугоан гьесда. Гьесул гIемерал кучIдул цIаланин, амма «ХъахIал къункъ­рабаз» рекIелъ хасаб бакI кколин бицана Кругло­вас.

    Башкириялъул Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев Заки Алибаевасулги букIана лъикIаб кIалъай. Цин жидерго миллияб мацIалда нилъер кьурабазе саламги кьун, бицана Расулил ХIамзатовасул поэзиялъ живго цевего асир гьа­вураб куц. Башкириялда жакъаги цIалулел руго Расулил асарал.

     ЦIада росулъ къункърабазе бараб памятникал­да гъоркь бугеб музеялда жанирги тира-сверана гьалбал. Къеда чIван ругел суратазда цереги лъал­хъана, гIолохъанав, хадув бетIер хъахIлъарав Ра­сулихъги кIвар кьун балагьана. МагIарул бурти­наги ретIун бахъараб шагIирасул сураталъги асар гьабуна.

 

«Инсул рукъги, хурги… Рукъ хутIун буго»

 

      Амма ЦIада росдал рагIалда бугеб музей гьа­дингояб жо ккола ХIамзатилги Расулилги мина­ялъуб бугеб музеялда данде. Исана тIоцеве щвана дун гьениве.

    Умумузул некIсияб минаялъул сипат цIунун буго гьениб щибниги хисичIого. Кавудухъан жа­ниве лъугьунаго батIияб асаралъ кверде восана. Азбаралъуб тIоцебе бер речIчIана басрияб чол гьа­кида. Чанги Шурагьаве-нахъе кираялъ хьвадарав чи вукIана мунагьал чураяв ЦIадаса ХIамзат. Къо бихьун магIишат гьабурав инсан.

Дун мискинаб рукъалъул,

Бакъараб хъизамалъул,

Рукъалда къоно чIварав,

Къо бухIарав инсул вас.

ГIумруялъ юргъан щвечIев,

Гъоркьан гурде бихьичIев,

Хьимал бусада хварав

Юсупил МухIамил вас.

Дун вачIарав ЦIадасан,

ЦIорораб къавудасан,

Хундерил районалде

Данде къараб росулъан.

  Гьедин байбихьана ЦIадаса ХIамзатил бигьа­яб гуреб гIумру. Гъоркьа рукъзабахъ буго гьесул букIараб кинабго алат, къайи-цIа, цIулал цагъур, кIалалъ бакIалъул цIарагI ва гьеб гуреб цогидабги.

ТIаса рокъоб буго чанго рукъ, цебе гIатIидаб рагъи. Рагъидул киналго къадал цIун руго ХIамзатилги Расулилги суратаз. Цо бокIнилъ цIорода гъоркь лъун руго ХIамзатил квералъ хъва­рал гIараб тIахьал, нужум гIелмуялъул (астроно­мия) хIакъалъулъ гьес жинцаго хIадур гьабураб тIехь.

Къеда чIван ругел ХIамзатил цIикIкIарал васал МухIамадилги Ахилчилги суратазда цеве эхетун хутIана. Гьел кIиялго К1удияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIо. МухIамад хвана Саратовалъул госпита­лалда, рагъулав летчик, ХIамзатил кIиабилев вас Ахилчие къадар щвана тIадгьаваялда, тушманасда дандечIей гьабулаго.

Севастополалъул кIалгIаби — ганчIал,

КIикъоялда цойилъ нуж руго нугIзал.

ЦIорораб накIкIилаб сордо букIана,

Самолет бортана ЧIегIер ралъдалъе.

Гьелда рекIараб цIа, карачелазул,

Квачараб гьелчеялъ свине гьабуна,

ГIумру гьечIеб тIагIел ана тIиналде,

Гьелда тIад вукIана дир вац Ахилчи.

Гьеб хабар бачIингун, эбел гIодана

Ралъад гьекъезегIан къечон йигин жий.

Гьединаб гIатIидаб, гьедин кIудияб,

Гьединаб гIурччинаб хоб букIунарин,

Хобалда тIад зани чIванги гьечIелъул,

ЧIаго вугин дир вас, Ахилчийилан,

Дир вас гьев вукIанин лъикIав лъетIахъан

ВачIинин квачIги бан, дихъе лъедонин…

  Дие кутакаб асар гьабулел мухъал ккола Расулил гьал. Щибаб соналъ 9 май тIаде щведалги рикIкIуна дицаго дие. Ахилчи чIванилан хабар бачIарабго цIакъ бухIараб магIирукъ букIун буго ХIамзатил рокъоб. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицунаанин жиндие ХIузуцаян абуна Умарагьи СалихIовалъ. Хунзахъ къасисеб школалда цIалулел соназда гIемер щолей йикIун йиго гьей гьелъие рокъоса- гIебеде сундулъ букIаниги кумек гьабизе.

    ХIузу ккола ХIамзатил бищун кIудияв вас МухIамадил лъади, ХIамзатица кочIолъ рехсарай гьитIинай ПатIил эбел. Рагъдаса вуссинчIев роса­сул адаб цIунун, гIумруялъ чIегIерги бан, тIокIай хъизан-рукъалде юссинчIого чIун йиго гьей.

   Гьелъие тараб кIиго рукъ бугин гьабилан бихьи­забуна Умарагьица узданаб, берцинаб кIиго рукъ — богорукъги егулеб рукъги: «Кутакалда квание цIакъай гIаданги йикIана гьей. Ниж рачIиндал, батIи-батIияб тIагIамги хIадурун ятулаан гъарим. Гьединай, щулияб иман бугей, кIудияб яхIалъул ва сабруялъул гIадан йикIана ХIузу».

    Нижееги кIочонареб асар гьабуна гьел ракIалдещвеяз.

Хадуб букIана ЦIада администрациялъул ми­наялда жаниб гIодобчIей — тIагIамалда белъараб гьанги магIарул хинкIалги, кваналеб жо рекъезе бицунеб чIагояб хабарги. Тамадалъи гьабун гьеб сухIматги берцинго нухда бачана Ибрагьимил МухIамадица.

МагIарулазе сахлъабазул гохIги гьарун, лълъа­ралги рорхана. Нахъеги, цIидасан, цоги нухалъ на­хъеги Расулги ракIалде щвезавун, гьесул хIикматаб поэзия рехсонги рорхана гьел. Аваданаб, чIагояб, махсара-хочI гьарзаяб данделъи букIана ЦIада.

Ахиралдаги цоги нухалъ гIенеккилин живго Ра­сулихъ:

 

Кьоге, кьоге, кьоге дихъе тIокIаб гьаб чагур,

Чоца гIуру гIадин танин гьаб гIумру.

ТIоге, тIоге, тIоге тIокIаб дий чагъир,

Чашкаялъул тIинда батанин загьру

Замана техтеро, гъугъадулеб зоб.

Гъугъдулъе балеб цIад, ана дир гIасру,

ГIурччинал ихазул пашманал хурдул

Хабада шуршула, лъугIана шигIру…

Ашахан ЮСУПОВ