«ЦIор добехун буго, дун гьанив вуго, Гьоркьоб кIияздаго хъаравул гьечIо»

 

    «Кида магIарухъе нахъ руссинел нилъ?» — ан абураб кечI буго Бакълъухъа МухIамад ХIамзаевасул. Щаяли лъаларо, гьел кочIол мухъал ботIролъе рачIинчIеб къо букIунаро. Аралъул хIисабги букIинеселъул пикруги гьабизе, гIадамазда нилъги нилъеда гьелги рихьизе жакъа цIакъго хIажат буго гьоркьо-гьоркьоргIаги магIарухъе щвезе. Гьебги хIисабалде босун, 17 июналда «ХIакъикъаталъул» коллективалъ сапар бухьана БежтIе.

 

    Дагъистаналъе автономия кьуралдаса нусго сон тIубаялда бан, гьединал сапарал магIарулазул щибаб районалде гьаризе ракIалда буго редакциялда исана.

     БежтIа ниж дандчIвана гIемерал гIадамалгун, гьаруна гара-чIвариял, рахъана таманал суратал. Гьелда бан, газеталъул гьаб номер тIубанго бежтIадерие сайигъат гьабулеб буго.

  Битlараб бицани цебегоялдасаго гъира букlана магlарулазул некlсиял росабазул цояб, Аваргlурул кинилъун лъугьараб Бежтlе щвезе.

    РоцIараб риидалил къо букIана. Бакъуе саламги кьун, рогьалил хIанчIазул чIирчIидиялде гIинги бан, гьабугьинан нухги нахъа тун, лъабго сагIаталдасан ХIебде щвана ниж. Рогьаралдаса нахъе нилъехъ ялагьун чIун йигин Шамил районалъул «Цолъи» газеталъул редактор ПатIимат МухIамадова ва гьанир рещтIинчIого гIоларин абуна ишцояй ПатIимат ГьитIиновалъ. Ятана, гьелъ абухъе, ялагьун чIун. Радалалдаса нахъе нухда бералги лъун йикIанин жийилан, урхъарал гьалбал гIадин, къабул гьаруна гьелъ ниж.

   ЦIакъ разияй гIадан йигоан, елъун гурони кIалъаларей. КIалбиччанкъоялде гIадин, къачIан батана столги. Куракул карщиде гIунтIун, гьениб камураб жо букIинчIо. ЦIакъ гьалбал хирияв, сабурав чи вугоан гьелъул росги. БежтIа нилъехъ балагьун чIарал чагIи ругин, гIедегIил гьабизе ккелин, лъабабизеги Кавсарат Сулеймановалъ абидал, расги бокьуларого гIадин рахъана тIаде.

    ЧIа, цо бакI гьоркьоб биччан батанин. ХIебде щвелалде цоги бакIалдаги рещтIен бана нижеца. Редакциялъул шофер ГIуриса МухIамадил дача буго битIахъего гIурул рагIалда. Гьенив нужехъ валагьун чIун жиндир вас Рашид вугин бицун букIана гьес, редакциялдаса къватIире рахъуна- го. Ахбазаналъул бугIун цIураб ящикгун ватана Рашидги ниж тIаде щвезегIан. Гьесул ахикьа багIлиги кванан, Рашидие рецц-бакъги гьабун, ниж сапаралъ рахъана.

    Хъил тIурал нухаз берцин гьабун буго жакъа Анкьракь. АваргIоргун цолъизе гъираялда гIедегIун бачIунеб, гIемер бицунеб рагIараб, Журмут гIорги бихьана. Квараниса, Анцухъе унеб шагьранухдеги тIун бугоан хъил. Доб маргьадулъ гIадин, лъабго бакIалде нух бикьулеб бакIалде щун рукIана. Бакьулъа тIаде букIана, азарил соназ чодул щанкIлазги гьакил къиркъидулел бурдуцаги нусцIул мерхьараб, БежтIе рачунеб нух. ТIоцеве вачIунев чиясе гьедигIан бигьаяб нухги букIинчIо гьеб. Гъоркьехун гьалдолеб гIор, тIадехун цIумаз бусен лъурал гIасиял кьураби. ГьентIаса Дибирица цIакъ махщалида бачунеб букIана ниж рекIараб микроавтобус.

 

ГЬАЛДОЛЕБ ГIУРУЦА БАХЧАРАБ КЪИСМАТ

 

     Мунагьал чураяв Даку Асадулаев къадаралде щвараб бакIги батула гьенибго. Пикрабалъ нахъеги цебе бачIана кIикъоялда щуго соналъ цебе ккараб иш. 1976 соналъул март моцI, БежтIа концертги кьун рачIунел кочIохъаби тIад рекIараб автобус гебегун араб кьуру. Гьадаб свери жиндие бищун бокьулареб бакI кколин абун, Манаша Дибироваги цоги кочIохъанги гъоркье рещтIанин бицуна. Гьал тIаде щвелалде кIкIалахъа гъоркье ун батула автобус.

Лъебелазул рохьор вехь гьечIел чундул,

Вихьанищ нужеда Даку араб бакI?

 КочIохъабаз цIураб автобусалъе

Авария ккараб кьуру киб бугеб?

      Гьеб кечIги рагIун букIана лъимерлъудаго, гьелъ гьабураб асар жеги буго рекIелъ цIунун. Гьанибго гIажал щвана нилъер машгьурай шагIир Фазу ГIалиевалъул кIудияв вас ГIалиеги. Гьудулзабигун цадахъ бежтIадерил рохьове хIухьбахъиялде арав гьев тIад вукIараб машинаги бортана кьурулъа гъоркье гIурулъе. Гьенисан рортун гIажал щварал гIадамазул халатаб сияхI бугилан бицана нижер къаламцояй Кавсарат Сулеймановалъ. 17 сон барай жиндир яцгIал Хадижатги хванин гьаниса гъоркьеги йортунин гьелъ абидал, пашманал пикрабаз кверде росана. Кавсаратил яцгIалги малъун, 11 чи къадаралде щун вуго цо къоялда жанив гьенив.

    Амма гьединал къваридал пикраби рекIелъе рачIаниги, сапаралдаса бугеб рохел свинабу- леб къуваталъул хиялал гьел рукIинчIо. Рази­ лъи букIана магIарухълъи гьединаб бечедаб тIабигIаталъул ва тарихиял хIужжабазул кIудияб нугIлъун ккеялдаса.

    Къадекак ахIулеб мехалъ ниж щвана гIорхъаби цIунулезул заставаялде. ТIоцере рачIунел чагIи рукIиндал, нижер паспортазул хал гьаби дагьаб халат бахъана. Гьезул низам лъугIизегIан ниж гIурдаллъиялда кваналел чуязухъ балагьун рукIана. АскIосан чвахулеб гIорги, сверухъ кигIан бокьаниги кваназе татуяб гIурччинаб херги, роцIараб гьаваги, гьел мугIрул айгъиразда рухIдаллъун хутIана. Гьанжего-гьанже гьабураб гьитIинаб тагьиги бугоан эбелалда хадуб бекерахъдулеб. ЛъикIаб бекерухъан лъугьаги дурилан щурана дица, цохIо гьелда рагIуледухъ.

 

БЕЖТIА, ДУР БЕРЦИНЛЪИ, БИЦУН ПАЙДА ЩИБ…

      ГIорхъаби цIунулезул постги нахъа тун, кватIичIого нижер «Мерседес» хъил тIураб нухде лъугьана цIидасан. Цебе рехун бачIана магIарул росдал чанго мина, азбаралъур гьаб-добалде руссарал руччаби, гIи-боцIул сас. Гьеб букIана ХашархотIа росдал цо авал.

      АнцIго минуталдасан гIадин лъугьана ниж БежтIе. ТIоцебе дир бер речIчIана, росу къотIун унеб Хазанг1оралъул берцинаб сураталде. Беразда бихьулеб бугониги, дие бигьаго букIинчIо, гьабсагIат гьитIинабго лъарал сураталда чвахун унеб гьеб, магIарул шигIрабазулъ гIемер рехсараб Аварг1оралъул байбихьи бугин абураб жоялде ругьунлъизе.

    Амма доб риидалил цIад хIалаканщинахъе, добагьаниб цун чвахун унеб, хIабургъараб, гьалагаб гIор гуреб, матIугIан тIокIкIараб, магIугIан бацIцIадаб лъел сураталда, гъорлъан цIвак-цIвакун ругел киналго ганчIалги церелъун рихьулеб хIалалъ, берцинго чвахулеб лъар букIана БежтIаса гIодобе унеб. Нахъисеб къоялъ бихьана АваргIурул байбихьилъун кколеб, гьелъ бусен лъураб бакIги. Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб хадуб бицина, цин БежтIа росдалгун лъай-хъвай гьабилин.

    Рорхатал мугIруз сверун ккураб, роцIараб, бацIцIадаб, гьогьомараб гьаваялъ ханлъи гьабураб, гIажаибго гьалбалги хирияб, гIадамазухъги урхъараб росу буго БежтIа.

     Администрациялъул минаялда цере лъалхъидал, нижеда дандчIвай гьабуна разияб гьумералъул чияс. Гьев ватана БежтIаса ШугIайб Ражабов. Нижги лъалев, магIарул газеталъулгун щулияб бухьенги бугев, гьалбалги хирияв унго-унгояв магIарулав.

      Гьес ниж рачана БежтIа участокалъул нухмалъулесул ишал тIуралев ХIусен ХIайбулаевасул кабинеталде. Ниж рачIиналъухъ валагьун чIун ватана гьевги. Самбоялъул рахъалъ дунялалъул къецазда щуцIул чIел босарав спортсмен ккола гьев. Амма кутакалда сабураб гIамалалъул, гIадамалги ричIчIулев, кIалъазеги махщел бугев чи ватана ХIусен. Гьесулгун хъваш-башалда рукIаго, тIаде гIунтIана, цогидаб машинаялда рукIарал газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановги къаламцояй Зульфия ХIажиеваги.

    Администрациялъул данделъаби тIоритIулеб рукъ занкIун цIун букIана гIадамаз. Официалияб кIалъаялдаса хадуб ХIусен ХIайбулаевас, данделъаразулгун нижер лъай-хъвайги гьабун, бицана къокъго газеталъул тарихалъул ва анлъго сагIаталъул нухги нахъа тун, гьенире щвезегIан рачIарал нижее баркала кьуна.

    Гьес рагIиги кьун кIалъазе вахъарав бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасдаги багьана ккечIо. Хинал рагIабаздалъун баркала загьир гьабуна ХIусен ХIайбулаевасе ва бежтIадерил жамагIаталъе. Хадубго баркала кьуна гьес газеталъул хIалтIухъан Кавсарат Сулеймановалъеги. Гьелъул хIаракат гуребани, гьаб сапар лъугьине букIарабищали лъаларин мукIурлъана ГIумахан. Гьелда течIого, росуцоялгун кIалъазе Кавсаратиеги рагIи кьуна гьес. Кавсаратица бежтIасел нечезаруна газеталъе подписка гьабизе лъикIал гьечIин нужиланги абун. Ахиралда махсараги гьабун релъизеги тIамуна. Щибаб рагIи кодо-кодобе кьун гьабулеб гьелъул каламалъ дунгоги хIайран гьавуна.

    Данделъиялъул ахиралда ГI. ГIумахановас «ХIакъикъаталъулгун» щулияб бухьен бугел бежтIадерил вакилзабазе ХIурматалъул грамотаби кьуна.

     Гьанже нилъ гIурдатIе гIедегIизе кколин, хадур нижги гьарун, машинаялда аскIове хIалакун ана ШугIайб Ражабов. Гьес нухги бихьизабун, бежтIадерил росу бакьулъа эхеде хъамуна Дибирицаги машина.

 

ГIУРДАТIА БЕЖАРАБ ШАШЛИКIАЛЪУЛ МАХI

 

      ТIабигIат берцинаб рохьил рацIцIалъудаса белъунеб гьаналги бежулеб чадилги гьуинаб махI сверухълъиялдаго букIана тIибитIун. Халатаб сапаралдаса хадуб гьеб киналъго гьабураб асар кагътил тIанчида жанибе бачун бажарула- ро. Гьале доб магIарухълъи, дун урхъун вукIараб. Нижеда кIочон тана шагьарги, хъудулел машина- базул хIурги, цIияб къо бачIаниги, тIаса унареб чIамучIаб хIалкъайги, кIочана кьогIаб, берцинлъи гьечIеб шагьаралъул гIумру.

    Нижеда цебехун букIана гIурччинаб рохьалъ бахчараб сверухълъиги, гъоркьан чвахулеб АваргIорги, хIанчIазул гурони сас гьечIеб берцинаб тIабигIатги. Гьадинаб бакIалда кумекалъе рачIуна магIарул шагIирасул мухъал:

… Чвахулеб буго лъар, лъарал рагIалда

Лъабазго ахIула Лумумбае кечI.

 Кисан гьал рагIаби мугIрузде щварал,

Африка лъаниги, дида лъаларел?

 

Дихъе кье чагъана, ЦIоралъул чундул,

Доб Алазаналда кьурдизаризе.

 Рихьея дурнавал, пача Ираклий,

 Гьале дида данде вачIунев вуго.

 

Гьевгун цадахъ вуго поэт Ираклий,

Гьалбал, рилълъа нужин Кахетиялде…

Рилълъана, сверана Цинандалалда,

 Цинги кIияздаго дица абуна:

 

 «НекIсияб гъалмагъир гьанже чIалгIанин,

 ЧIаголъи рокьигун вацлъидалъ бугин,

 Доб Георгиевский трактаталда

Те дие жакъа бакI, гъулбас гьабизе».

 

Булоналъул паркахъ парижав гIадин,

 Гьанже цIунтIадерил рохьов вуго дун.

ЦIор добехун буго, дун гьанив вуго,

 Гьоркьоб кIияздаго хъаравул гьечIо.

 

    Нижго гIадин, араб гIасруялъул 80-абилел соназ, бежтIадерил Апаъ-майданалде щваравго, ХIамзатил Расулица хъвараб кочIолъа рагIаби руго гьел. ХIакъикъаталдаги берцинаб бакI буго гьеб. Сверухъ гIурччинаб рохьги, аскIосан чвахулеб лъарги.

    ГIурдада бакараб цIадуда тIад рекъезабун лъураб жамагIаталъул хьагиниб белъунеб букIана кьагIрил гьан, бежулеб букIана шашликI. Дагьаб добегIан, гъутIбузда гъоркь халалъухъе лъурал столазда тIад тIибитIун букIана батIи-батIияб тIагIам. Столалда тIад сурпа-тIутI рекъезабулев, хьит-хьитгIанасеб гьан нижехъе кьолев живго бежтIадерил бегавул ХIусен ХIайбулаевги вукIана. Редакциялъул хIалтIухъабазе сахлъабазул гохIги гьарун, лълъарги борхана. СваказегIан кьурдизеги кьурдун, ХIажи Гъазимирзоевасул «Вехьасул кечIги» ахIана нижеца, цоцада къвалалги ран. Ихтилаталъе ахир лъуна киназго цадахъ рахъун чIун магIарулазул гимнлъун лъугьараб, Расулил «Гуро, гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистанги» ахIун.

 

ОГЬ, МАГIАРУХЪ СОРДО

     МаркIачIул гIужалдехун киналго рещтIана бежтIадерил газеталъул редакторлъун, школалъул директорлъун гIемерал соназ хIалтIарав МухIамадзагьид МухIамадовасул рокъор. Гьоболгьудул тIаде вачIани, эркенго гьел къабул гьаризе бегьулеб, узданаб мина-къайи бугоан гьесул. МаркIачIул какалги ран, кванана. Хадуб букIана бихьиназул эркенаб мажлис, кепаб махсара-хочI ва лазатаб риидалил сордо. ЦIакъ хабар гьуинав чи ватана МухIамадзагьид. РакIалде щвезаруна газеталда живго хIалтIарал сонал, Кьадалиса вачIун БежтIа жинцаго яшав гIуцIараб куц. Бицана гьениб бугеб жиндирго гIагарлъиялъул хIакъалъулъ.

    Боголидаса хадуб нижер сапарцоял ГIабаш ГIабашиловги Темирхан ХIасановги сордо базе жиндирго лъоре рачине вачIана ШугIайб Ражабовги.

     — Аллагьас хъван батани, радал сагIат анлъго тIубарабго нилъ рилълъина АваргIурул байбихьи бугеб магIарде гъоркье. Добасан гIемер рикIкIад гьечIеб колотIа боцIи хьихьун нижер гIадамалги руго. ЦIияб хIанилги хIалбихьила, хинлъилаго рахьдал кружкаги рехила, рогьалил гьаваялъул кепги босун, гIурдатIа гIодорги чIела, — ян диргоги кIудияб гъира ккезабун, рази-ракиго ана ШугIайб.

    МухIамадзагьидил гъора хутIарал ниж ункъалго — бетIерав редактор ГIумахановги, жавабияв секретарь МахIатIовги, маршруткадул шофер Дибирги, дунги регизе рилълъана.

     Лъарал чвахиялда гъоркь, рахIатаб макьида восун вукIарав дун ворчIизавуна рогьалил как ахIулев будунасул роцIараб гьаракьалъ. ЖамагIат-как щвезе бокьун бугин жиндиеян, какие чурулев ватарав ГIумахан, мажгит бугеб рахъалдехун валагьун гIедегIун къватIиве ана. Гьанже гурев гьанже вачIинин ШугIайбилан пикрабазда тIокIаб берде макьуги бачIинчIо, дунялги рогьана. ЧанцIулго ахIизеян лъугьаниги, гьебги инчIо, телефоналъул бухьеналъ рекIкI гьабуна рогьалилъго. Гьанже гьев вачIиналдаса хьулги къотIун, МухIамадзагьидил хъизан ПатIиматица радалго бачIараб кофе гьекъезе ахIана. РакIракIалъго баркала кьуна нижеца гьезие кIудияб гьоболлъиялъухъ. Гьел гIадал гьалбал хириял чагIи гIемерлъаги тIадмагIарухъ.

 

АВАРГIУРУЛ «ТIОЦЕРЕСЕЛ ГАЛАБИ»

 

      КIиго сагIаталдасан данделъана ШугIайб, бежтIадерил мажгиталда цоявгун харбида вугоан. Радал рахъун живги ГIабашги, УАЗалдаги рекIун, колотIе щванилан тIатIала базабун бицана кIалги цебе ккезабун. Дир дагьаб ракIхвараблъиги бичIчIун, ургъел ккоге, дица гьанисан бихьизабилин дуда кинабго бакIилан, хадув дунги гьа- вун, мажгиталъул цололъан нахъе щинкIун ана ШугIайб. АнцIго минуталдасан гIадин, хъатиниб лъуни, кинабго бежтIадерил мегъги росуги бихьулеб щобтIе рахана дунги гьевги.

    — Гьале дуе нижер БежтIа, балагье цо алъул берцинлъи бихьизе, — ян абуна, сверухъе кверги битIун, ШугIайбица. Анкьго километраниги халалъи батулин росдалин бицана гьес. Фотоаппараталъул объективалда жанибе циндаго босизе кIвечIо гьелъул сурат. Чанго бутIа гьабун бахъана дицаги.

     Гьенисан бихьизабуна ШугIайбица дида цIумадисезул гIорхъода бугеб, риидалги гIазу биунареб Шугъгел мегIералъул тIогь. Гьелъул карандаса гIодобе бугеб, килщил бицалъиялъул гIарцукьераб кIиго мухъ бихьизабуна гьес. Гьеб кколин АваргIурул байбихьи. — Шугъгел мегIер ккола республикаялда бищун- го борхатаб лъабго мегIералъул цояб. Богосский хребет абун, «География Дагестана» учебникалдаги рехсон буго гьеб. Гьелъул карандаса гIодобе чвахулеб АваргIурул гьитIинабго лъар гьанибе щведал, цолъула гьебго гIадаб гьитIинаб цогиги лъаргун. БежтIа росуги къотIун, ХашархотIаги нахъа тун, Анцухъ росда цебе гьеб цолъула лъебе- лазул Журмут гIоргун. Хадуб ГIанди гIоргун жу- бараб гьеб уна тIаса гъоркье – Сулахъалде, — ян, АваргIурул «тIоцересел галабазул» хIакъалъулъ бицана ШугIайбица.

    Гьединго росда тIаде къуларал нартал гIадал анкьго мегIералъул тарихги рагьана гьес дие. Руз- маналде хIалакун рукIиналъ, цоги бакIалде щвезе заман гIечIо.

    Дагъистаналде ислам бачIун гIемерал сонал иналде барабин абулеб, бечедаб тарихалъул маж- гит буго БежтIа. Гьениб дир лъай-хъвай ккана росдал имам Мурад ХIажимурадовасулгун. Дир росулъе — Гьонодеги щварав, кIудияв гIалимчи ХIажиясда цеве мадрасаялдаги цIаларав, сабурав, иман бугев гIолохъанчи ватана Мурад. Бицана сонал анагIан росулъ мадрасаялде бачIунеб гIисинаб гIел цIикIкIунеб ва гIелму тIалаб гьабизе бокьарал гIолохъабиги гIемерлъулел ругилан.

     Рузманалдаса хадур къаде кваназе жинди­ хъего ахIана ШугIайбица. Гьелдаса хадуб нижеца къо-лъикI гьабуна гьайбатаб БежтIа улкаялъулгун. ЧIадаколоса ИсмагIил-шайихасул зияраталда дугIа гьабизе лъалхъана нахъруссутIа. ИсмагIилшайихасул бицен цебеги рагIун букIана. ГIемерав чиясда гIелмуги малъарав, бергьараб лъаялъул гIалим вукIун вугоан гьев. БежтIа гIумру гьабун вукIаго, щун вуго гьев къадаралде. Гьединав чиясул баракат хун хадубги жидее щвезе бокьилин абун, жидерго лъова вукъула бежтIадерица гьев. Амма вижараб росулъ гьесул хоб букIине бокьарал чIадаколосез, БежтIеги рачIун, гьесул хобги рагьун, жаназа нахъ босула. Гьенисан ЧIадаколобе халатаб манзилалъул нух буго, хIухьбахъизегIан нухлул рагIалда лъураб шайихасул жаназаялъ абула: «Лъол нужеда хадур рачIунел руго, гIедегIил гьабе», — ян. Абухъего, жидерго лъова вукъизе кьеян гьаризе рачIунел бежтIадерил жамагIаталъул чанго чи ватула вачIунев.

      Жиндаго лъимерлъудаго рагIун букIараб гьеб бицен нижее такрар гьабуна Кавсаратица. АскIобго гIадин буго кьурулъа гIодобе чвахулеб рахьхъахIаб лъарги.

      ГIемераб жоялда бер чIвана, чанго тIагIамалъул хIалбихьана, лъимерлъудаса нахъе рихьун рукIинчIел тIугьдузул махI чIвана БежтIе гьабураб сапаралда. Гьединаблъун хутIаги гьеб, чан сон аниги, магIарухъе унел нухал нилъеда къосунгеги.

 

    Ашахан ЮСУПОВ