Гьавураб къогун!

«ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ ракI-ракIалъго баркула РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, магIарул редакциялъул гьудул ХIажиев ГIабдулхIакимида гьавураб къо!

ГьитIинго жиндирго бажарилъаялдалъун гIумруялде галиги Гьарула щулияб сахлъи, хIалтIулъ тавпикъ, гьабулеб ишалъулъ рахIматгун баракат. лъун, Дагъистаналъул МВДялъул идарабазда ва Централияб аппараталдагун Северияб Кавказалъул полициялъулабгун миллияб гвар- диялъул батIи-батIиял бутIабазда хIалтIулаго, ритIухълъи чIезаби, Россиялъул ва республикаялъул мурадал цIуни, гIадамазе жиндаса бажарараб кумек гьаби гьес рикIкIана жиндирго хIаракатчилъиялъул аслияб магIналъун.

ГIумруялъул нухда кинаб хIалтIуде тIамуниги, ВатIаналъе, халкъалъе ракIбацIцIа­ даб хъулухъги гьабун, дагъистаниясул къадру-къимат цIунулеб буго ГIабдулхIакимица Пачалихъияб Думаялъул депутат хIисабалдаги.