Макъсудовасул цIар кьуни, рекъараб букIинаан

 

Исана ноябралда тIобитIизе буго ДГМУялъ 100 сон тIубаялъул юбилей.

Гьел соназда жаниб ДГМУялъе нухмалъи гьабуна 13 чияс. Байбихьуда

гьеб хъулухъалда цIар букIана «директор» хадуб — «ректор». Гьайгьай,

щивав директор-ректорас саламатаб бутIа лъуна ДГМИ-ДГМА-ДГМУ

цебетIезабиялда. Амма МухIамад Макъсудовас ДГМИялъе ректор-

лъи гьабурал сонал рикIкIуна гьелъул коллектив щула гьабурал ва

хIалтIулъ чIахIиял хIасилал ккараллъун.

 

МухIамад Макъсудов гьавуна 1913 соналъул анлъабилеб февралалда Авар округалъул (гьанжесеб Шамил район) Гьолокь росулъ. Дол соназда магIарухъ букIинчIо официалияб медицинаялъул кинабгIаги хъулухъ.

МухIамадил кIудада вукIана халкъияв местIер, гьес сах гьарулаан Хунзахъ округалъул унтарал. Лъимерлъудаса нахъего МухIамадилги анищ букIана кIудадаго гIадав местIерлъун

вахъине. Амма байбихьуда рукIана росдал школалда цIали (1925-1930), хадуб – Дербенталъул ва Буйнакскиялъул педагогиял техникумал(1930-1933). ЦIали лъугIидал, ай 1933

соналда, ДАССРалъул Наркомпросалъул буюрухъалда рекъон, 20 сон барав гIолилав витIана Гьолокь росдал тIубачIеб гьоркьохъеб школалъул директорлъун. Гьенив МухIамад хIалтIана кIиго соналъ (1933-1935).

1935 соналда МухIамад цIализе ана Москваялъул стоматологияб институталде. 1939 соналда лъугIизабуна гьеб ва тIад вуссана Дагъистаналде.

ХIалтIана МахIачхъала шагьаралъул стоматологияб поликлиникаялда ва больницаялда. Эркенаб заманалда дарсал кьолаан зубоврачебнияб школалда.

Гьайгьай, гIолохъанав тохтурасул рукIана букIинеселде чIахIиял анищал, бокьун букIана цIияб къагIидаялда хIалтIи гIуцIизе, хIалбихьи цIикIкIинабизе, лъай гъварид гьабизе ва махщел цIубазабизе.

Амма гьеб киналдаго тIад хIучч цIана рагъалъ. Макъсудов

ахIана рагъулаб хъулухъ тIубазе ва тIамуна №3187 эвакогоспиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. ГIемер заман иналдего тIамуна госпиталалъул начальниклъун, гьединго Северияб Кавказалъул фронталъул эвакогоспиталазул челюстно-лицевой отделениязул бетIерав хирурглъун.

Гьелдаго цадахъ гьес дарсал кьолаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялда, рачунаан стоматологиялъул курсал.

1941 соналъул кватIараб хаслихълъуда немцаз жигар бахъулеб букIана Кавказалде рорчIизе.

МахIачхъалаялъул клубал, кинотеатрал, школал сверизаруна госпиталазде. ГIемерисеб мехалда

гIолохъанав хирургас жинцаго гьаризе кколаан захIматал операциял.

Доб заманги ракIалде щвезабун,МухIамадица абулаан: «ГIолохъанаб мехалда кинабго жо, хIатта бищунго захIматал ишалги, бигьалъула.

Амма челюстно-лицевой отделениялда хIалтIулел тIоцересел къоял дие рукIана гIумруялда жанир бищунго захIматаллъун», — ан.

Рагъул ва рагъдаса хадусел тIоцересел соназда Макъсудовас гьабун буго лъабазаргоялдаса цIикIкIун операция.

1946-1951 соназда гьев хIалтIана рагъул инвалидазул госпиталалъул челюстно-лицевой отделениялъул начальниклъун. Республикаялъул нухмалъиялда бихьана гIуцIарухъанлъиялъе Макъсудовасул бугеб гьунар ва 1951 соналъул 17 апрелалда МухIамад тIамуна Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министрлъун, гьебго заманалда цадахъ бачунаан госпиталияб хирургиялъул кафедраялъул доцентасул хIалтIиги. Микьго соналъ хIалтIана министрлъун. Гьеле гьел соназда

цIидасан гIуцIана хасал ишазда тIад чIеялъул ва махщел камил гьабиялъул хъулухъал, рагьана 15 цIияб больница, чамалиго диспансер, 600-ялдаса цIикIкIун ФАП. Гьединго МахIачхъалаялда рагьана нусго унтарасе бакI бугеб рахунел унтабазул больница, Буйнакскиялда –лъималазул больница, Дербенталда– туберкулезалъул больница, республикаялъул бруцеллезалъул больница, Гъаякенталда – санаторий,республикаялъул трахоматознияб ва психоневрологияб диспансерал, поликлиникагун ва стационаргун цадахъ цIияб стоматологияб комплекс.

Республикаялъул стоматологияб поликлиникаялда гIуцIана лъималазул отделение. Гьарурал операциязул хIасилаздалъун ва профессионалияб къадруялдалъун Макъсудовас бетIерлъи гьабулеб челюстно-лицевая хирургиялъул отделение лъугьана Северияб Кавказалда гьеб профи-лалъул бетIераб центрлъун. Гьенир сах гьарулаан нилъер улкаялъул гIемерисел республикабаздаса ва областаздаса рачIарал захIматго унтарал гIадамал.

Дол соназда улкаялда, хасго республикаялда, гIолел рукIинчIо лъайги махщелги бугел тохтурзаби.

Гьеб ахIвал-хIал хисизабиялъул мурадалда, 1959 соналъул декабралда Макъсудов тIамуна ДГМИялъул ректорлъун. 1968 соналда гьесие кьуна «профессор» абураб гIелмияб цIар.

25 соналъ (1984 соналде щвезегIан)нухмалъи гьабуна гьес республикаялъул вузалъе, цого заманалда бетIерлъи гьабуна стоматологияб кафедраялъе (1967-1973), хадуб – хирургиялъулаб стоматологиялъул кафедраялъе (1973-1989).

25 соналда жаниб институт цебетIезабиялъе гьес гьарурал хIалтIабазул сияхI цIакъго халатаб буго.

Рагьана цIиял отделениял ва факультетал: 1964 соналда – лечебнияб факультеталъул къасисеб отделение,1965 соналда – стоматологияб ва 1968 соналда – педиатрияб факультетал,1974 соналда – хIадурлъиялъулаб отделение, 1983 соналда – тохтурзабазул лъай-махщел камил гьабиялъул факультет. ЛъикIаланго гIатIид гьабуна материалиябгун техникияб база:

студентазе бана 1400 бакI бугеб лъабго общежитие, морфологияб корпус,

спортивияб комплекс, студентазе «Айболит» кафе, спортивиябгун сах гьариялъулаб лагерь; бана биологияб корпус; байбихьана Калининил цIаралда бугеб проспекталда цIалулгун лабораториязул корпусал разе. Гьебго заманалда хIадурана гIелмабазул 25 доктор ва 130 кандидат.

Дагъистаналъул гIелмияб стоматологиялъе кьучI лъурав ва гьелъие бетIерлъи гьабурав чилъун

рикIкIуна профессор МухIамад Макъсудов.

Ректорлъун гьев вугел соназда ДГМИ лъугьана Россиялдаго къадруял вузазул цояблъун. Гьеб

лъугIарал тохтурзаби хIалтIулел рукIана Совет Союзалъул киналго республикабазда. Гьел республикабазул вакилзаби рачIунаан нилъер тохтурзаби жидехъе хIалтIизе ритIеян гьарун, киса-кибего цIар ун букIана гьезул лъай-махщалил.

Жакъаги Макъсудовасул гIелмиял хIалтIабазул бечедаб ирсалъул къадру-къимат хун гьечIо. Сахлъи цIуниялъе кIвар бугел масъалаби рорхарал гьесул нусгогIанасеб гIелмияб

хIалтIи ва монографиял рахъана Россиялъул гIелмиял журналазда.

КIудияб практикияб кIваралъе мустахIикълъана Макъсудовасул ургьисаго ругел гьурмазул гIунгутIаби сах гьариялъе операциял гьаризе кколеб къагIида малъулел хIалтIаби.

Макъсудов гIемерал соназда хIалтIана цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакIалдаса цоги бакIалде ва цоги чиясул чIандероялда рекIинабизе бегьулеб къагIида –

захIматаб масъала лъазабиялда тIад.

1967 соналда гьес цIунана «Материалы к гомотрансплантации зубных зачатков» абулеб темаялда хъвараб докторлъиялъул диссертация.

1970 соналда басмаялда бахъана «Гомотрансплантация зубных зачатков» абулеб гьесул монография.

Гьеб гIелмияб хIалтIиялъ рес кьуна цIияб даражаялда стоматология цебетIезабиялъе. ЦIакъ кIудияб кIвар бугеблъун рикIкIуна, Макъсудов тIад хIалтIун, хIадур гьабураб ва практикаялда хIалтIизабураб цабзазул рижи-байбихьи (зачатки) цо бакIалдаса цоги бакIалда ва цоги чиясул чIандероялда рекIинабизе рес кьолеб къагIида.

Халкъалъе гьабураб хъулухъалда рекъон, ВатIаналъ гIемерал шапакъатал кьун, кIодо гьавуна профессор Макъсудов. Гьесие кьуна БагIараб Байрахъалъул ЗахIматалъул кIиго

орден, «ХIурматалъул гIаламат» орден, СССРалъул микьго медаль, «Отличник здравоохранения СССР» ва «Отличник высшей школы» абулел гIаламатал. Гьев мустахIикълъана ДАССРалъул ва РСФСРалъул мустахIикъав тохтур, ДАССРалъул ва РСФСРалъул гIелмуялъул мустахIикъав

хIалтIухъан абурал цIаразе.

Макъсудов гIумруялдаса ватIалъана 1993 соналъул 31 декабралда.

Машгьурав гIалимчи ва хирург МухIамад Макъсудовасул нусго

сонилаб юбилеялда бан, 2013 соналъул 15 июлалда Шамил районалъул ХIебда росулъ тIобитIун

букIана данделъи. Гьениб хIукмуги гьабун букIана ДГМАялъе профессор М. Макъсудовасул цIар кьеялъе квербакъи гьабеян абун, ДРялъул президентасул ишал тIуралев Р.

ГIабдулатIиповасде хитIаб гьабизе.

Амма хIасил ккечIо. Гьединлъидал Шамил районалъул халкъалъул рахъалдасан ДРялъул бетIерасде ва хIукуматалде гьединабго хитIаб гьабулеб буго гьанжеги. Хьул буго

гьаб нухалдагIаги республикаялъул нухмалъиялда нижер гьаракь рагIилин ва, ДГМУялъе Макъсудовасул цIарги кьун, гьев абадиялъго кIочонаревлъун гьавилин абураб.


Нури Нуриев