Дин батIиял, ватIан цоял

АхIмад-хIажи ГIабдуллаев: «Мажгиталги килисабиги рукIинчIелани, Дагъистаналда жакъа гIадинаб гIодобе биччараб гIумру букIинароан»

 

«2018-2020 соназда ДРялда терроризмалъул идеологиялде данде хIалтIи гьаби» абураб программаялда рекъон, гIолилазул форум тIобитIана республикаялда. Гьелъул аслияб масъалаги ккола ватIаналде бугеб рокьи загьир гьаби, экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьей. Форумалда гIахьаллъана Северияб Кавказалъул республикабаздаса ва цогидал регионаздаса вачIарав 150-гIанасев гIолилав. Гьебин абуни гIуцIун букIана ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъ, муфтияталъ, насранияб диналъул вакилзабаз ва ягьудиязул жамгIияталъул вакиллъиялъ.

Форум рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов, хIукуматалъул председателасул заместитель Рамазан Жапаров, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимов, гIолилазул ишазул министр Саид Камилов, муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаев, МахIачхъалаялъул ва Грозныялъул архиепископ Варлаам, ягьудиязул жамгIияталъул вакил Валерий Дибияев ва цогидалги.

ГIолилал – улкаялъул букIинесеб

Владимир Ивановас бицана республикаялда анлъабилеб нухалда тIобитIулеб бугеб форумалъ жа­къасеб гIелалъе рухIияб тарбия кьеялъе кумек гьабулеб букIиналъул. Гьес цIалана ДРялъул бетIер Владимир Васильевас форумалъул гIахьалчагIазде гьабураб хитIабги. Гьелда хъван буго: «Дагъистаналда кидаго ракълида гIумру гьабулеб букIана батIи-батIиял диназул вакилзабаз. Гьаб заманалдаги гIолилаз гьеб рахъалде кIваркьей ва гIумру гьабиялъул битIарал нухал тIаса рищи цIакъ къиматаб ишлъун ккола. ГIолилалги ккола нилъер букIинесеб. ЛъикIаб лъайги бугел, тарбияги щварал гIолилаз, гьадинаб, ай гIемермиллатазул ва батIи-батIиял диназул жамгIияталда тарихияб ва рухIияб бечелъи лъикI цIунула», — ян.
Щибаб соналда тIобитIулеб, регионалъе цIакъго пайда бугеб форумалъул кIваралъул бицана муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевасги.
«Дица хIикмалъи гьабула килиса баялде дандечIолел гIадамазда. Мисалалъе, пачалихъалъ гIарац би­ччалеб буго килиса базе, гIадамазин абуни жидерго разилъи гьечIолъи бихьизабулеб буго. Халкъ диналде ва цоцазул адаб гьабиялде ахIулел бакIал, ай килисабиги мажгиталги рукIинчIелани, ракIалде ккола, Дагъистаналда жакъа гIадинаб гIодобе биччараб гIумру букIинароан», — абун кIалъана муфти. Шайихас ракIалдещвезабуна 1999 соналда диназул церехъабаз ватIан цIуниялде ахIулел рукIараб куцги.
«Гьелъул хIасил бихьулеб буго жакъа. Гьелъие лъикIаб къиматги кьолеб буго. Нилъер жакъасел ишазеги къимат кьезе буго тIаде гIолеб гIелалъ. Гьединлъидал цIуне вацлъи, гьудуллъи, кумек гьабе хIажатасе, Аллагь цо вукIин кIоченеги тоге», — ян бицана АхIмад-афандица.

Цадахъаб ах

ТIоцебесеб октябралда, фору­ма­лъул программаялда рекъон, тIобитIана «Дир Дагъистан – гIур­ччинал километрал» абураб гъутIби чIеялъул акцияги. Диназда гьоркьосеб гIолилазул форумалъул гIа­хьалчагIазда цадахъ, ГIиса аварагасул цIаралда балеб бугеб рухIияб централда аскIор гъутIби чIеялъул акциялъулъ гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ва администрациялъул нухмалъулев Владимир Иванов ва хIукуматалъул председатель Артем Здунов.
РухIияб централда аскIоб 200 гъветI чIана тахшагьаралъул бетIер Салман Дадаевас, миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Энрик Муслимовас, муфти АхIмад-хIажи ГIабдулаевас, насранияб ва ягьудияб диназул Дагъистаналда ругел церехъабаз, форумалъул гIахьалчагIаз.
«Гьаниб аскIоб бугеб нухдасан дунги къойилго хьвадула. Гьанжеялдаса нахъе гьанисан унаго гьаб къо ракIалдещвела дидаги. Гьадиналго гъутIби чIезе руго тахшагьаралъул ва республикаялъул цогидал бакIаздаги. Узухъда, гъутIбузда хадуб хъулухъги гьабизе ккола. Гьединлъидал дица киназдаго гьарула гьазие хъулухъ гьабеян», — абун кIалъана Артем Здунов.
МахIачхъалаялъул бетIер Салман Дадаевас бицана, ГIиса аварагасул цIаралда бугеб рухIияб централда рагьизе бугин музейги гьединалго цогидалги бакIалги. Ва гьебги лъугьине бугин Дагъистаналде рачIунел гIадамазе бихьизе бокьулеб бакIлъун.
«Дир хьул буго, гьанире рачIарал гIадамаз жакъа нилъеца чIарал гъутIбузул рагIдукьги чIун хIухьбахъи гьабилин абураб. Божарав вуго гьаб централъ Дагъистаналда туризм цебетIезабиялъе кумек гьабизе букIиналдаги», — ян бицана Салман Дадаевас.
РухIияб центр балеб буго 25 гектаралъул ракьалда. ИчIго гектаралда букIине буго хIухьбахъиялъул ах. Гьениб букIине буго мажгит, школа, лъималазул ах, спортивияб комплекс, чIобого квен кьолеб столовая, реабилитациялъул центр-больница, музей, библиотека, 5000 машина лъалхъизабизе санагIатаб бакI ва цогидабги.
Нахъисеб къоялъ Гьудуллъиялъул рокъоб, диназда гьоркьосеб гIолилазул форумалъул программаялда рекъон, лъабабго диналъул церехъаби дандчIвана республикаялъул студенталгунги. Гьенибги бицана республикаялда гьабулеб бугеб хIалтIулги нилъее хIажатабщиналъулги.
Форумалъул программаялда ре­къон, гIахьалчагIи рикьун рукIана чанго батIияб къокъаялде, ва гьел гIахьаллъана спортивиялгун интеллектуалиял тадбиразда. Гьениб бихьизабуна диназда гьоркьосеб форумалъул хIакъалъулъ фильмги. Щибаб диналъул церехъабаз форумалъул гIахьалчагIазе цIалана лекциялги.
ПатIимат СултIанмухIамадова