Цоцазул адаб гьабизе ккола

Сочиялда тIобитIана «Валдай» клубалъул данделъи

 

«Валдай» клубалъул данделъи тIобитIана «Россия ва исламияб дунял: кIиялъулго кIвар ва цоцазде тIадецуй гьаби» абураб темаялда. Гьеб букIана клубалъул гIахьалчагIазул XVI дандчIвай. Гьенив вукIана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Данделъиялда бицана Россиялъулги исламияб дунялалъулги ругел бухьеназул хIакъалъулъ.

Данделъиялдаса хадуб ДРялъул бетIерас жавабал кьуна «Россия 24» телеканалалъул журналистасул суалазе. Масала, гьес абуна, цо-цо къуватал кигIан къеркьаниги, гьезухъа бажаричIила, исламги гьоркьоб ккун, Россиялда ахIвал-хIал хIалуцинабизе. «Исана Дагъистаналда кIодо гьабуна халкъазда гьоркьосел террористал щущахъ риххизаруралдаса 20 сон тIубай. Доб заманалда хъачагъазде данде бахъана Дагъистаналъул тIолабго халкъ. Федералиял къуваталгун, армиягун ва хасал хъулухъалгун цадахъ гьез хIаракат гьабуна Дагъистан террористаздаса эркен гьабизе. Гьелдаса байбихьана нилъер тIолабго улкаялдаса террористал рачахъиялъул хIаракатги», — ян бицана В. Васильевас.
Дин яги миллат сабаблъун халкъазул гьоркьоблъи холеб бугищан гьикъараб мехалда, ДРялъул бетIерас кьуна гьадинаб жаваб: «ГIемерисеб мехалда бицуна дин яги миллат сабаблъун кколин халкъазда гьоркьосел тунка-гIусиялин абун. Амма Дагъистаналда иш гьедин букIинчIо киданиги. Цогидал пачалихъазул вакилзабазги гьелъулъ балагьула парахалъи хвеялъе аслияб гIилла. Амма Россиялда, хасго Дагъистаналда, гьелъие кьучI гьечIо. Пачаясул заманалдасаго гьаниб вацлъиялъулаб гIумру гьабула насраниязги, бусурбабазги, цогидал диназул вакилзабазги. Россиялда гIумру гьабула 200-ниги батIияб миллаталъ. БатIи-батIиял миллатазги батIи-батIиял диназул вакилзабазги гьабула ракълилаб, парахатаб гIумру», – ян.
Парахалъиялъул аслулъун гьес рехсана политикиял хIаракатчагIазги журналистазги дин хIакъир гьабулел пикраби загьир гьарунгутIи. «Парангазул «Шарли Эбдо» журналалда гIадинал пикраби Россиялъул прессаялда загьир гьаризе рес гьечIо. Цоцазул адаб гьабизе ккола», — ян абуна В. Васильевас.

Шапакъатал кьуна

«Валдай» клубалъул хIалтIул къоязда ДРялъул бетIер данд­чIвана «150 школа» абураб республикаялъулаб проект гIумруялде бахъинабизе квербакъарал ва Дагъистан тун къватIиб гIумру гьабулел бизнесменал-дагъистаниялгун. Гьезие кьуна ДРялъул бетIерасул рахъалдаса баркала загьир гьабураб кагъат.
Регионалъул бетIерасул баркалаялъе мустахIикълъана, мисалалъе, Москваялдаса «Нафта­Газ» АОялъул генералияв ди­ректор Ислам НазаргIалиев. Гье­сул кумекалдалъун къа­чIа­на МахIачхъалаялъул гIемер­про­филазул №5 лицейги, Дагестанские Огни шагьаралъул №3 школаги, Унсоколо районалъул Зирани росдал гьоркьохъеб школаги, Догъузпара районалъул Микрах ва Микрахказмаляр росабазул школалги.
Баркала кьуна Волгоград областалда вугев ДРялъул дармил рахъалъ вакил МухIамад-Расул Халадаевасеги (гьес кумек гьабуна Хьаргаби районалъул ГIаймаки росдал гьоркьохъеб школа къачIазе) Краснодар краялдаса «Каспий-Дагъистан» компаниялъул генералияв директорасул заместитель МухIамад СагIаевасеги (гьес кумек гьабуна Хьаргаби районалъул Могьохъ росдал, Гумбет районалъул ЧIиркъатIа ва ЦIиликь росабазул, гьединго Хунзахъ росдал гьоркьохъел школал къачIазе).