Дагъистаналъул лъимал, улкаялъул бахIарзал

Чан чоца реханиги,
Жеги черх сородичIеб, —
Гьеб буго гIолохъанлъи,
Гьеб буго гIолохъанлъи.
Гьаб махIу беканиги,
Кидаго галадичIеб, —
Гьеб буго гIолохъанлъи,
Гьеб буго гIолохъанлъи.
Р. ХIамзатов

Гьадинаб букIана ва буго кечI гIолохъанлъиялъул щибаб гIелалъул. Жакъаги гьадин ахIулеб буго. АхIана гьадин араб гIасруялъул 40-абилел соназул гIолилазги. Амма магIуялъ
бакъвазе течIеб гьелъул гьаракь жакъаги буго нилъеда рагIулеб. КватIичIого 80 сон базе буго гьеб кечIалъ. Гьелгощинал соназ рагIулеб буго нилъеда БахIарчилъиялъул кочIол къин гьечIел саринал. Санайилго гьеб кечI нилъеда ракIалде щвезабула ХъахIал къункърабазги жидерго байрамалда. Къойил хIалтIуде-нахъе унелъул, бокьула цо-цо мехалда лъелго хьвадизе, хасго Редукторазул поселокалда бугеб БахIарзазул аллеялдасан. Гъоркьисалагицин гьенир къадада чIван рукIана КIудияб ВатIанияб рагъул БахIарзазул суратал. Бокьулаан гьение щвараб мехалда, лъалхъизе, пикрабаз тIамулаан гьезул гIумрудул хIисаб гьабизе:
— Гьалеха дол кIудияв шагIирас кочIолъ ахIарал гIолохъаби. Щивасулги рукIана анищалги, хьулалги, къасдалги, талихIалде данде роржинеги, цIияб къисматалъулгун дандчIвай гьабизеги, ракълилаб гIумруялъул гьуинал тIагIамазул хIалбихьизеги. Къойил маршруткаялда рекIун уней-ячIунелъулги, гордухъан ялагьизе бокьулаан БахIарчиял васазухъ.
— ГIайиб гурищха… Унго, ун рукIун ругел гIолохъанго – 17-ялдаса ва хадурги… сонал гурони рукIинчIел гьезул гьунаразул бицине гIедегIулаан цIалдохъабазухъе. Абула заманалъ сах гьарулила къисматалъ лъурал ругъналги гIумруялъул захIмалъабигийилан абун. Амма гьал камиял улкаялъего гIаммал ругелъул, къобахъанагIан цIилъулел руго гьел. Гьеб кинабго ракIалде щвана улкаялъул президент В. Путиница КIудияб Бергьенлъиялъ 80 сон тIубаялде хIадурлъиялъул хIакъалъулъ указ бахъидалги. 2025
соналда букIине бугеб гьеб кIудияб байрамалъул гьанжего бицине байбихьидал, цIидасанги церечIолел руго доб рагъул къисаби, цIидасанги рагIизе лъугьана, ахIулаго нухда тараб, дол соназул гIолилазул талихIалъул кечIги…

БахIарчилъиялъул ирсилал

Гьалеха жакъаги лъалхъана дун БахIарзазул аллеялда цее. Гьаниб жакъа буго батIияб къиса. Гьале гIолилазул цоги гIел – бахIарчиял умумузул бахIарчиял ирсилал. Гьанир къададасан гьимулел ругин кколел руго жакъасел бахIарзал. Гьанир гьарурал хъвай-хъвагIаял цIалидал, цIунцIрахуна тIолабго черх – «Награжден посмертно». Гьеб кIиго рагIиялъулъ бугебщинаб бухIиги рухIелги. Улбузулги, лъудбузулги, яцазулги магIуялъ чурун рукIиналъгIаги ратила, суратаздасан гьимулел ругин кколел гьезухъ ялагьун гIорцIулей гьечIо. Суратазулгун гара-чIвариялда дун йикIаго, аллеялъул тIарада къадада цее эхетана цо чIужугIадан. ЛъикI мехалда сураталда цееги чIун, гьелдаги баун, сураталдаса хIур бацIцIине лъугьана гьей гIадан. Дида аскIое ине кIвечIо
– гьадингоги къварид йигей гьелъул рекIеде ячIун – дирго хIалги лъалелъулха дида. Ва хадуб социалиял гьиназдаса цIалана — гьей гIадан йикIун йиго СВОялда чIварав, доб сураталда вукIарав гIолиласул яц. Зама-заманалдасан щолеб буго гьенибе гьел гIолохъабазул гIагарлъи. Гьанжеги такрарлъулел руго дилъ долго пикраби:
— ГIайиб гурищха. Унго-унгоги, рукIун ругел гIолохъанго… ГIолохъанлъиялъги ахIулеб буго добго кечI… БатIияллъун рукIине рес букIинчIо гьазул. Гьадинаб буго хIакъикъат. Гьадин щурулебги батила гьазда цере гьанир рукIарал бахIарзаз. Боржунеб буго гIолохъанлъиялъул кечI. Гьелъие къин гьечIо. Гьелъ даимлъиялде нухарегIулел руго гIолилазул цIаралги бахIарчиял ишалги.

 

Шамай Хъазанбиева