ЛъикIлъиялъ къвал балеб батаги

БачIунеб соналде хьулалгун ва анищалгун

 

Тарихалде ана 2017 сон. ЛъагIалил ахиралда щивав чияс хIисаб гьабула гьеб соналъ жинца гьарурал пайдаял ишазул, хIисабалде росула гьаризе ракIалда ругел.
Дунялалда къанагIатги гьечIо ЦIияб соналда дандчIвай гьабулареб улка. ГIадаталда рекъон, гьеб къоялъ нилъеца цоцазда байрам баркула, сайгъатал кьола, божула бачIунеб соналъ щивасул хьулал, анищал, къасдал ва мурадал тIуразе рукIиналда.
2018 сонги баркун, нижеца цо-цоязулгун гара-чIвари гьабуна ва гьезие кьуна гьадинал суалал:
*2017 соналда Дагъистаналда ккарал лъугьа-бахъиназда гьоркьоса щиб ракIалда чIараб, кинаб къимат дуца гьелъие кьолеб?
*Республикаялъе, хIалтIулеб бакIалъе ва гIадамазе щиб лъикIлъи гьабун бажарараб?
*БачIунеб соналда тIуразе бокьарал кинал къасдал, мурадал, анищал дур ругел?
*МагIарулазда, дагъистаниязда ЦIияб сон кинал рагIабаздалъун баркилеб дуца?
МухIамадхIажиев Анвар, СССРалъул чемпион, ДРялъул эркенаб гугариялъул тIасабищараб командаялъул кIудияв тре­нер, спорталъул мас­тер, Россиялъул муста­хIикъав тренер, ХIамид ХIамидовасул цIаралда бугеб эркенаб гугариялъул школалъул тренер:
— Дун ккола спорталъ «унтарав» чи. Дица гугаризе ругьун гьавуна олимпиялъул хIаязул кIиго чемпион: ХIажимурад МухIамадов, Шарип Шарипов ва гIарцул медаль босарав МухIамад Ибрагьимов.
2017 соналда дица ругьун гьарурал Дибиров Аминица Европаялъул къецазда кIиго нухалда чIел босана, ХIажиев ИсмагIилие гьениб кIиабилеб бакI щвана.
БачIунеб соналда рукIине руго дунялалъул ва Европаялъул гIемерал чемпионатал. Ниж гьезде хIадурулел руго, хIасилалги рукIина нижеца тIураб гIетIалда рекъарал.
Дагъистаниязда, магIарулазда, хасго нижер школалъул гугарухъабазда баркула тIаде щолеб ЦIияб сон. Киналго гугарухъабазе гьарула чIахIиял бергьенлъаби. Биччанте бачIунеб сон дагъистаниязе талихIаблъун букIине. ХIехьезе кIоларел балагьаздасаги цIунараб, мискинлъиялъ мугъги рехараб батаги бачIунеб сон.

ХIасангIалиев Айгум, ДГУялъул юридикияб факультеталъул административиябгун финансалъулаб ва таможнияб правоялъул кафедрая­лъу­л доцент, юридикиял гIелмабазул кандидат:
— 2017 сон дагъистаниязе букIана бакIаб сон. БачIунеб соналъ бокьилаан СМИяздасангIаги Да­гъис­таналда ругел лъикIал рахъазул хIа­къа­лъулъги бицани.
БачIунеб соналдаса байбихьун, нилъерго напсги цIунун, бахIарчиял умумузул малъиги гIадахъ босун, дагъистаниял, гъуждул гурун, хIалтIизеги цIализеги ратилин абураб хьул буго дир.
Квеш ккараб жо буго лъабго миллион чи вугеб Дагъистаналъе нухмалъи гьабун бажарулев инсан нилъеда гьоркьов ватичIолъи.
2017 соналда дица ракIбацIцIадго тIубазабуна дирго профессионалияб хъулухъ. Щивав дагъистаниявги дица ахIула МугIрузул улка тIегьазабизелъун къецбан хIалтIизе.
ЦIияб соналда киналго дагъистаниязе рохел, аваданлъи, сахлъи гьарила ва магIарулазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи, рагIи дандеккей цIикIкIагиян дугIаги гьабила.

Набигулаева Маржанат, РАНалъул Дагъис­таналъул гIелмияб цент­ралъул гIелмияй хIал­тIухъан, филологиял гIелмабазул кандидат:
— 2017 сон дие букIана икъбалаб ва гьабулеб хIалтIи данде билълъараб. ЦIадаса ХIамзатица 140 сон баялъул юбилеялде хъван рагIалде бахъинабуна ва басмаялда бахъана «ЦIадаса ХIамзатил шигIрияб хъвадарухъанлъиялда насихIатазул мотивал» абураб гIелмиял цIех-рехазул тIехь.
Гъоркьиса дир ракIунтараб лъугьа-бахъин ккана халкъ лагълъиялдаса эркен гьабизе ва экономика хъахIгьабизе рагIи кьун букIарав Рамазан ГIабдулатIипов хIалтIудаса ин.
БачIунеб соналда дир ният буго, 1991-1995 соназда Расул ХIамзатовас хъварал асаралги данде гьарун, гьесул кучIдузул анлъабилеб том хIадур гьабизе.
МугIрузул улка бечед ва берцин гьабизе къуватги, сахлъиги, сабурги кьеги нилъее киназего.
Цагърал ролъуца цIеги,
Мокъал гьанад рекаги,
ХинкIалгун мохмох камун,
МагIарулал хутIугеги.

ГIабашилов Шейх, ДРялъул электропрофсоюзалъул рескомалъул председатель:
— 2017 сон дие квешаб букIанилан гIарз гьабуни, Аллагьасул ццинбахъина. Хъизамал парахатго ва сах-саламатго тун руго, лъималаз адаб-хъатир гьабулеб буго, къваригIани, хIалае аскIор гьудул-гьалмагъзаби руго, гьобол вачIинилан хIинкъараб хIал рукъалъул гьечIо, чIаголъиялда черх тун буго…
Дун гьитIинаб мехалда бицунаан, колхоз цебетIезабизеян ритIун рачIарал чагIи, цебеса лъикIаб кесекги тIун, унаанилан. Гьединабго хIал буго жакъа Дагъистаналдаги, гьеб буго нилъ пашманлъизе ккараб хIакъикъат. Республикаялда бугеб ахIвал-хIалалъул бицун пайда щиб? ТIаса хьиталги рахъун, рекераниги, хадургъезе кIолеб хIал гьечIо гьаниб. Бицунеб цо, батулеб батIияб, гьединлъидал тIалъиялъ рицунел гьорол харбазда халкъалъул божилъи хун буго.
ЦIияб соналъулаб гьара-рахьиялъул бакIалда дица абила, гьудуллъи щула гьабе, магIишат гIуцIизе хIаракат бахъе, лъай-махщалида тIадчIаян. Зарал рукъуге, кверал раче! Щибаб миллаталъул, жамагIаталъул ва щивав чиясул адаб гьабе, къадру-къимат цIуне.
ЦIияб соналда магIарулазе гьарила талихI, рекъел ва чIара-хьараб, хIалхьараб гIумру.
Лъималаздаса улбул рохараб, улбуздаса лъимал чIухIараб талихIаб гIумру кьеги магIарулазе Аллагьас.

Давуд Давудов, Шамил районалъул ХIебда гьоркьохъеб школалъул мугIалим:
— 2017 соналда ккарал лъугьа-бахъиназдаса бищунго кIвар цIикIкIаразул цояблъун дица рикIкIуна республикаялъул бетIерлъун Владимир Васильев вачIин. Гьелдаго цадахъ республикаялъе рес щвана политикияб, экономикияб ва социалияб ахIвал-хIал цебетIезабизе.
2017 соналда дун гIахьаллъана Сочи шагьаралда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб мугIалимзабазул мажлисалда. Гьениб дица бицана нижер школалда, гIун бачIунеб гIелалъе цIиял тIалабазда рекъон тарбия ва лъай кьеялдаялъун кколел ругел лъикIал хIасилазул хIакъалъулъ.
Болъихъ районалъул Болъихъ росулъ тIобитIараб «ЛъагIалил мугIалим — 2018» абураб зоналияб къецалда дие щвана тIоцебесеб бакI.
Киналго магIарулазе ва дагъистаниязе ЦIияб соналда гьарила рекIел мурадал ва церелъурал масъалаби тIуразаризе бажари ва къуват. Рокьукъаб хабаралдасаги нагагьаб балагьалдасаги цIунаги киналго дагъистаниял.
ЛъикIлъиялда къвал бараб,
Квешлъиялда мал бараб,
Рагъ-кьал тIубан кIочараб,
Батаги бачIунеб сон.

Гъапуров ГIабдула, ДГУялъул тарихалъул факультеталъул лъабабилеб курсалъул студент:
— 2017 соналда дида кIочонареблъун хутIана, МахIачхъала шагьаралъ 140 сон тIубаялда бан тIоритIарал тадбирал. Волонтер хIисабалда, дица жигаралда кумек гьабуна концертал, спортивиял къецал тIоритIизе.
Дун гIахьаллъула ДГУялда гьарулел жамгIиял тадбиразулъ, хасго нижер факультеталъул проф­комалъул ишазулъ. 2017 соналда кумек гьабун бажарана къварилъиялда вугев чанги студентасе.
ГIелму цебетIезабиялда лъураб бутIаялъухъ ректорас дие кьуна гIарцулаб шапакъат ва грамота. Дун гIахьаллъана «Брейн-ринг» ва «Щиб? Киб? Кида?» гIадал факультеталда тIоритIарал интеллектуалиял хIаязда, гьединго республикабазда гьарурал гIолилазул форумазда.
Студентасул аслияб хIалтIи ккола лъикI цIали. Киналго студентазе гьарила цIалулъ, спорталъулъ ва жамгIияб хIаракатчилъиялъулъ чIахIиял бергьенлъаби. Гьеб ккола нилъер эбел-инсул анищ.
Басрияб сонгун цадахъ аги гIагараб Дагъистаналъул киналго гIунгутIаби. Рохалил харбалги, талихIаб гIумруги, сахлъиги, икъбалги магIарулазе босун бачIараб батаги 2018 сон.

Н. Гьидалъев