СКАялъул кавабахъе – ункъо торгIо

Гьеб туралда «Анжи» бергьана 4:0 хIисабгун

 

Премьер-лигаялда футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 19-абилеб туралда «Анжи Аренаялда» Анжи» хIана, турниралъулаб таблицаялъул ахирисеб бакIалда бугеб, Хабаровскалъул СКА командагун ва бергьана 4:0 хIисабгун.

Цебесеб кIиго туралда тIатIалаго къураб «Анжиялъе» гьеб букIана кIу­дияб бергьенлъи. Сезоналъул байбихьудасаго гьедин хIан букIарабани, МахIачхъалаялъул команда букIи­на­ан анлъабилеб-микьабилеб бакIазда.
ХIай байбихьана «Анжиялъул» футболистазул гьужумаздалъун. ТIоцебесеб минуталдаго командаялъул гьужумалъулав, аргентинав Хуан Лесканоца хабаровскиялъулазул кавабахъе торгIо кьабуна – 1:0. Жеги чанго минуталдасан, Владимир Полуяхтовас торгIоги кьабун, хIисаб цIикIкIинабуна – 2:0. ТIоцебесеб таймалъул бакьулъ СКАялъул вратарь Криворучко майданалдаса нахъе витIана хIаялъул низам хвезабиялъе гIоло ва Хабаровскалъул командаялда хутIана 10 футболист. ТIоцебесеб таймалъул ахиралда «Анжиялъул» гьужумалъулав Иван Маркеловасги кьабуна СКАялъул кавабахъе торгIо – 3:0. ХIаялъул ахиралда гьалбадерил кавабахъе торгIо кьабуна Игорь Армашица ва хIай лъугIана 4:0 хIисабгун, «Анжиялъул» бергьенлъиялдалъун.
Гьеб матч «Анжиялъе» букIана исанасеб сезоналда «Анжи Аренаялда» ахирисеблъун, хадуб гьезие хIазе бихьизабизе буго цогидаб стадион.
20-абилеб туралда «Анжи» хIазе буго ичIабилеб декабралда Москваялъул «Динамо» командагун.

Аслияб приз – автомобиль
Турниралда гIахьаллъана 100 спортсмен

Каспийскалда «Энергия» ДЮСШалъул базаялда (КъурамухIамад КъурамухIамадовасул гугариялъул школа) тIобитIана, халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастер Юнус ХIусейнов ракIалдещвеялъе ушу-саньдаялъул рахъалъ ункъабилеб халкъазда гьоркьосеб турнир.

Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналъул шагьараздасаги, районаздасаги, цогидал регионаздасаги, гьединго гIагараб зарубежьеялъул улкаби: Азербайжаналдаса, Армениялдаса ва Казахстаналдаса 100-ялдаса цIикIкIун спортсмен. Гьезда гъорлъ рукIана дунялалъул ва Европаялъул чемпионалги.
Турниралъул чемпионаллъун ра­хъана: Зиявудин ХIажиев (60 кг, Гъарабудагъкент район), ГIали ТIал­хIатов (65 кг, Буйнакск), СалахIудин Абушев (70 кг, Гъарабудагъкент район), Багъатир Казанатов (75 кг, МахIачхъала), Расул ГIумаров (80 кг, Гъизиляр), Шамил Рамазанов (85 кг, Гъизляр), Ислам Юсупов (90 кг, МахIачхъала), ГьитIиномухIамад Му­хIамадов (90 килограммалдаса цIи­кIкIараб цIайи, Гъизляр).
Турниралда бергьаразе ва призеразе кьуна грамотабиги, медалалги, призалги, аслияб приз букIана автомобиль. Гьеб щвана, жиндир заманалда Юнус ХIусейнов гугарулев вукIараб, 65 кг цIайиялда турниралъул чемпионлъун вахъарав ГIали ТIалхIатовасе.

Гугаризе вуго Ираналда
ГIабдулрашид Садулаев гIахьаллъизе вуго дунялалъул
клубалъулаб чемпионаталда

Гьеб чемпионаталда, Тегераналдаса «Бимех Рази» командаялъул вакиллъун вукIине вугев Садулаев гугаризе вуго цIияб – 92 килограмм цIайиялда.
«ХIадурлъулев вуго планалда рекъон. Дир цIар кьураб спортивияб школалда, тренер Шамил ГIумаровасул нухмалъиялда гъоркь, щибаб къоялъ тIобитIула кIи-кIи тре­нировка», — ян бицана Садулаевас.
Парижалда букIараб дунялалъу­л чемпионаталда 97 кг цIайиялда гIар­цул медаль щун букIарав машгьу­рав гугарухъан, гьеб чемпионаталда­са хадув ургуялде вахъине вуго тIо­цеве.