11 декабрь — Халкъазда гьоркьосеб мугIрузул къо

Нилъ цIунарал гIадин, нилъецаги цIунизе ккола

 

Гьаб хIалалда тIабигIат хутIани, 60-70 соналдасан нилъер лъаразеги гIоразеги
лъим кьолел цIорол мугIрул риун лъугIизе руго

2003 соналъул анцIила цоабилеб декабралда цолъарал миллатазул генералияб ассамблеялъул 57-абилеб сессиялда 11 декабрь лъазабуна халкъазда гьоркьосеб мугIрузул къолъун. Дунялалъул ракьул гьумералда мугIруз кIудияб бакI ккола. КъанагIатгицин ратиларо жидер ракьалда мугIрул камурал пачалихъал. Щибаб улкаялда, мугIрул кIодо гьарун батIа-батIайиса тIобитIула гьеб къо. Дунялалда бищун рорхатал мугIрул руго Гьоркьохъеб ва Югалъулаб Азиялда. Ралъдал гьумералдаса микьазаргоялдаса цIикIкIун метралъ рорхатал Гималай, Каракорум мугIрул, анкьазаргоялдаса цIикIкIун метралъ рорхатал Гиндукуш, Памир, Тянь-Шань мугIрул – дунялалда ругел бищун машгьурал ва рорхатал 117 мугIрузул борхалъаби руго гьенир.

Кавказалъул мугIрул

Кавказалъул мугIрузул читIир тIибитIун буго ЧIегIераб ва Каспий ралъадазда гьоркьоб. БетIераб Кавказалъул рорхатал щобаз жибго Кавказ бикьизабун буго кIиго рахъалде – Северияб Кавказалде ва Закавказиялде. Гьединго мугIрулги рикьун руго кIиго бутIаялде – КIудияб Кавказалъул ва ГьитIинаб Кавказалъул мугIрул.
Севериябгун бакътIерхьул рахъалдаса югалдегун бакъбаккудехун КIудияб Кавказалъул мугIрузул халалъи буго 1100 километр – Таманалдаса Бакуялде щвезегIан. Нусиялда ункъого километралда бищун гIебаб рахъ буго КIудияб Кавказалъул мугIрузул Эльбрус мегIералда сверухъ бугеб Маххул мегIерги, Казбекги жеги щуазарго метралъ борхалъи бугел анлъго мугIрузул рорхалъабиги гьоркьоре рачун. Жибго Эльбрусалъул борхалъи буго 5642 метр, Казбекалъул 5033 метр.
КIудияб Кавказалъул мугIрузда буго 2050 цIорол мегIер (ледник), гьезул гIатIилъи буго 1400 квадратияб километр, мугIрул тIиритIун руго чанго улкаялда — Россиялда, Гуржиялда, Югалъулаб Осетиялда, Азербайжаналда, Эрмениялда ва Турциялда.
ГьитIинаб Кавказалъул мугIрул тIиритIун руго ЧIегIерралъдал ра­гIал­дехун. Гьел мугIрузул борхалъи цо-цо бакIазда бахуна ункъ-азарго метралде.

Дагъистаналъул мугIрул

МугIрузул улкайилан гIадада абуларо Дагъистаналда, гьелъул ракьалъул бащалъи ккун буго мугIруз. Дагъистаналъул мугIрул руго берцинал, тIабигIат беричал ва гьарзаял. Гьезул хIакъалъулъ адабгун, чIухIигун рехсон буго шагIирзабазги, хъвадарухъабазги, гIалимзабаз-географазги, нилъер гьанире щварал сапарчагIазги, хIатта къватIисел пачалихъаздаса гьалбадерицаги. Кавказалъул рагъул заманалда Дагъистаналде щварав, нилъер мугIруз хIайран гьавурав гIурусазул цIар рагIарав хирург Н. И. Пироговас хъван буго: «Я Альпал, я Пиринеял, Аппенинал дандекквезе бегьуларо Дагъистангунги гьелъул мугIрулгунги», -ян.
БатIи-батIиял руго Дагъистаналъул мугIрул – даим гIаздаца, цIороца ккурал бутIрузул, тIарцIаб гIидраялъ руччарал, гъваридал кIкIалазул, бегIерал тIогьазул. Нилъер республикаялъул мугIрузул гьоркьохъеб борхалъи буго 960 метр, лъеберго мугIрузул щобал руго ралъдал гьумералдаса ункъазарго метралъул борхалъи бугел. Дагъистаналъул югалъулаб ва бакътIерхьул рахъалда ругел КIудияб Кавказалъул мугIруз Закавказиялдаги Дагъистаналдаги гьава-бакъалъул гIорхъичIваялъе цIикIкIараб асар гьабула.
Дагъистаналда бищун борхатаб мегIер буго югалда, Азербайжаназулгун гIорхъода — Базардюзю. Ралъдал гьумералдаса 4466 метралъул борхалъи бугеб гьениб буго кIиго цIорол мегIер – Тихицор ва Муркар. КилометргIан халалъи бугеб Тихицор альпинистазе рахине бигьаяб буго. Муркар цIорол мегIер севералдаса бакътIерхьудехун тIибитIун буго 1400 метралда, гIеблъи буго 300-400 метр. Базардюзюялъул цIорол мугIруздаса гIемерал лъараз босула лъим, Самур гIоралъул байбихьиги гьениса буго. МугIрузул щобал бечедал руго мучIдуздалъун, мугIрузда ва гIалахазда дандчIвала бисал, лъанкваби, мугIрузул гургурал, улар ва цогидабги гIалхул чан. ЦIумада районалда, гуржиязул ва чачаназул гIорхъода, БетIераб Кавказалъул бакъбаккул рахъалда буго Диклосмта мегIер, гьеб ккола ГIазулаб мегIералъул цо бутIа, борхалъи буго 4285 метр. ИчIго гIазул мегIер буго Диклосмтаялъул рикьалабаздаги. Гьезул гIатIилъи буго щуго квадратияб километр. Диклосмтаялъул гIазулал мугIруздаса лъим босула ГIандигIурулъе журалел Гьакъо, Черо ва Хуландай лъараз.
Дагъистаналъул мугIрузул лъабабилеб борхалъиялъул ккола ралъдал гьумералдаса 4151 метралъ борхат бугеб ГIадалласул ЩулъелмегIер. ТIиндадерица ва мадугьалихъ ругел росабазул гIадамаз гьелда Кабала бесаян абула.
ЦIумада, ЦIунтIа, Шамил ва Лъа­ратIа районазул ракьазул гIорхъода бугеб гьеб мегIералъул ахалъиялда буго чIунтизе тараб Басрияб Акнада росу.
ГIадалласул ЩулъелмегIералъул аслияб борхалъиялдасан рахъ-ра­хъалде бикьун буго анлъго борха­лъи. Альпинистаз абулеб буго, хIан­чIил рорженалъул борхалъудасан балагьараб мехалда, ГIадалласул Щу­лъе­лмегIералъул рорхалъаби щу­гIаркьелаб цIваялда релълъун рихьулилан. Гьелдасан бачIараб батизеги бегьула ЩулъелмегIер (щуго рахъ, рикьи бугеб мегIер абураб цIарги). Жибго ГIадалласул ЩулъелмегIер гьоркьобе ккола чанго магIарул районалъул ракьалдасан 90 километралъул халалъиялда тIибитIун бугеб Богоссалъул мугIрузул массивалда гьоркьобе. 1892 соналдаса нахъе Европаялъул аьпинистазда лъала гьеб магIарде бугеб нух. Советиял альпинистал гьеб магIарде тIаде тIоцере рахана 1935 соналъул 5 июлалда. «Россиялъул Меседил горсвери» абураб туристазул маршрутазул реестралдеги босун буго ГIадалласул ЩулъелмегIералде бугеб маршрут. МагIарде рахунезда батула чанго мугIрузул лъар, тIогьоца рацарал щобал, минералиял иццал. Гьенире рахунеб нухда батула ралъдал гьумералдаса лъабазаргогIан метралъ борхатаб бакIалда цIорол мугIрузда ва тIабигIаталда хадуб халкквеялъе 1930 соналдаго бараб Россиялда ва Европаялда бищунго борхатаб бакIалда бараб метеостанция. Югалъул Дагъистаналда борхатаблъун буго 4142 метралъ ралъдал гьумералдаса тIаде бугеб Шалбуздагъ мегIер. Ахираб 20-25 соналда Дагъистаналъул ва Азербайжаназул бусурбабазда гьоркьоб Шалбуздагъ машгьурлъана зияраталъ гIадамал хьвадулеб мегIер хIисабалда. Гьелъие гIиллалъун бакIалъулал халкъазда гьоркьор тIиритIун руго гIажаибал биценалги:
Гьанибго рехсезе ккола Шалбуздагъалде рахунеб нухда, ралъдал гьумералдаса 2560 метралъул борхалъуда бугин Европаялдаго бищун борхалъуда бугеб Къуруш росуги. ГIалимзабаз абулеб буго, дунялалдаго тIабигIаталда хинлъиялъул асар цIикIкIунеб букIиналъ, Дагъистаналъул мугIрузда цIер биунеб бугилан. Бугеб хIалалда тIабигIатги хутIани, 60-70 соналдасан нилъер лъаразеги гIоразеги лъим кьолел цIорол мугIрул риун лъугIизе ругилан.
— Гьеб букIине буго экологиялъеги, гIадамазеги, магIишаталъеги, экономикаялъеги кIудияб зарал, гIурус мацIалъ абуни, катастрофа, — йилан рикIкIунеб буго профессор Гъайирбег ГIабдурахIмановас. – ТIабигIаталда данде рахъун нилъехъа бажаруларо. Лъим цIуниялъе буго цохIо нух – рохьал цIуни, гьел гIатIид гьари. БатIияб нух гьечIо.
Парахалъи къанагIатаб, хIалуцараб нилъер миллаталъул цебесеб тарихалда мугIрулги рохьалги рукIана магIарулазе ахIичIел гьалбадеридаса цIуниялъе, гьел нахъчIваялъе квегIенал сангараллъунги кумекчагIилъунги. Цере рохьазги мугIрузги нилъ цIунулел рукIарал ратани, гьанже гьел нилъеца цIунизе ккола. Дунялалда тIад нилъ — магIарулал гурони гьечIо миллаталъе мугIрузул цIар кьураб халкъги. Гьелдасаги чIухIизе кколин абуна Гъ. ГIабдурахIмановас.
Пайзула Пайзулаев