Тарихалъул лъалкIда хадур

ХIажимурадил ирсилал — мугIрузул улкаялда

 

Бице, къотIараб бетIер, кинаб ракьалдаса мун?… Р. ХIамзатов

Леонора Москаленко (Хаджи-Мурат) ва гьелъул вас Никита Шангин. Имам Шамилил бахIарчияв наиб Хунзахъа ХIажимурадил наслуялъул чагIи. ХIажимурадил вас гьитIинав ХIажимурад. Гьесулги ва Дагъистаналда машгьурав Хунзахъа МухIамад-Мирза Хизроевасул яц ЗулхIижатилги яс Умалхайирил яс Леонора ва гьелъулги вас Никита араб анкьалда рачIун рукIана Дагъистаналде. Гьез цадахъ бачIана «Непридуманная сага» абураб жиндирго кIудияб хъизамалъул хIакъалъулъ Леонора Николаевналъ хъвараб тIехьги. Гьеб тIохьол хIакъалъулъ бицине данделъун рукIана МахIачхъалаялда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб миллияб библиотекаялда. Леонора Москаленкоца гьадин баян гьабуна:
— Дида дирго васасул васас кидаго гьикъулаан ХIажимурад щив кколевилан. Гьес ракIалдещвезарулаан Шамилилги гьесулги рукIарал гьоркьорлъаби ва абулаан жинда ХIажимурадил къиса бичIчIулеб гьечIилан. Дицаги гьесие жаваб кьолаан, кIудияв гIурабго, бичIчIизе бугилан. Долдаса нахъе ана гIемерал сонал. Дида кIочон букIинчIо гьитIинав васасул суал. Ва ракIалде ккана дунялалдаго машгьурлъараб кIудияв инсул эмен ХIажимурадилги дирго инсулги тухумазул хIакъалъулъ тIехь данде гьабизе. Эбелалъул рахъалъ тухумалъул хIакъалъулъ хъвазе дие кумек гьабуна Хунзахъ бугеб гIагарлъиялъ. ХIажимурад машгьурлъиялъе букIана цоги гIиллаги — гьесул хIакъалъулъ Л. Н. Толстояс тIехь хъвайги.
Леонора Николаевналъ бицана эбелалъул лъимерлъиялъул хIакъалъулъ. ИмгIал хIисабалда, МухIамад-Мирзаца гьарула жиндирго яцалда Ума цIализе йиччайилан. Амма эбел дандечIола, ясазе цIали къваригIунарин, гьей росасе кьезе кколин. Бугониги, эбел разилъана, ва анкьго сон барай Ума Петербургалде ана. ИмгIал цIалулев вукIана Саратовалъулъул губерниялда институталда. Гьениеги цадахъ ячуна гьес Ума. Гьений гьей жиндирго хъизамалде ячуна Саратовалдаса инженер Федор Платоновас. 1914-1920 соназ гьелъ гIумру гьабун букIана гьеб дворяназулаб хъизамалда. Ума цIализе лъугьана Москваялъул университеталъул медицинаялъулаб факультеталде. Гьениб гьелъул лъай-хъвай ккола Николай Беловасулгун. Заманалдасан гьез гIуцIула хъизан. Ва гьезие гьаюла жакъаги Дагъистаналдаса гIагарлъиялъулгун бухьен къотIизе течIей Леонора. Бокьула гьелъие Хунзахъ бугеб гIагарлъиги. Гьезул кумекалдалъун къватIибе бачIана гьелъул тIехьги.
Хадубги Леонора Москаленкоца бицана:
— ЦIакъ бокьулаан эбелалъе Да­гъистаналъул халкъазул фольклор, поэзия. Гьеб кинабго гьелъ цIалулаан магIарул мацIалда. Бокьулаан гьелъие гьединго лезгинка кьурдизеги. Амма бищунго цIакъ гьелъие бокьулаан гIагараб Дагъистан. Пикрабалъ гьей кидаго Дагъистангун йикIана. Гьелъул васигатги букIана жий гIагараб ракьалда юкъейилан абураб. Гьединлъидал гьей юкъун йиго МахIачхъалаялда.
ТIохьода бицунеб буго XIX гIас­руялдаса жакъа къоялде щвезегIан бугеб заманалъул улкаялда бу­кIа­раб ва бугеб ахIвал-хIалалъул хIа­къалъулъ. Тухумалъул гъветI бикьун буго лъабго бутIаялде: эбел-эмен ва жиндирго лъимерлъи, тухумалъул гъотIол кьалбал ва ирсилал, авторалъул гIумру. КьучIал хIужабиги рихьизарун, тIохьода бицунеб буго дунялалда машгьурав ХIажимурадилги инсул рахъалъан гIагарав чи, СССРалъул маршал Кирилл Мерецковасулги хIакъалъулъ.
Библиотекаялда гIуцIун букIана ХIажимурадие сайгъат гьабураб художник ГIамирхан МухIамадовасул суратаздасан тематикияб выстав-каги.
Леонора Москаленко жиндирго вас Никита Шангингун ячIун йикIана «ХIакъикъат» газеталде гьоболлъухъ. Гьей дандчIвана газеталъул хIалтIухъабигун. Аслияб къагIидаялда гьениб бицана бахIарчиясул бетIер ватIаналде тIадбуссинабиялъе гьарулел ругел тадбиразул хIакъалъулъ. Бицана тIохьол хIакъалъулъги. Гьелъул презентация букIине буго 7 декабралда Москваялда. «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловас гьалбадерие бицана, ХIажимурадие сайгъат гьарун, газеталда рахъулел ругел макъалабазул хIакъалъулъ. Гьединго гьез бицана Толстоязулгун бугеб бухьеналъулги, тIехь хъвалелъул, гьездаса щвараб кумекалъул хIакъалъулъги.
Араб соналда Никита Шангин гIа­хьаллъана Хунзахъ ХIажи­му­радил юбилеялъе сайгъат гьарурал тадбиразда. Гьев ккола архитектор.
Щийха кколей Леонора Москаленко (Хаджи-Мурат)?
Леонора Николаевна гьаюна 1930 соналда Москваялда. ЦIалана МГУялъул биологияб факультеталда. Гьеб лъугIун хадуб 1953 соналда хIалтIизе лъугьана гьениего, биологиялъул факультеталде. Гьелдаса хадуй хIалтIана СССРалъул гIелмабазул академиялъул микробиологиялъул институталда. Гьей ккола биологиял гIелмабазул кандидат. ГьабсагIаталда хIалтIулей гьечIо.
Шамай Хъазанбиева