Эркенаб гугари

ТIадруссана меседил медалалгун

Россиялъул тIасабищараб командаялъе – тIоцебесеб бакI

25-26 ноябралда Польшаялъу­л Быдгощ шагьаралда юниоразда гьор­кьоб тIобитIараб эркенаб гугария­лъул рахъалъ дунялалъул чемпионаталда, Россиялъул тIасабищараб командаялда гъорлъ гIахьаллъи гьа­буна Дагъистаналдаса гугарухъа­базги. КIигоял тIадруссана меседил медалалгун.
Чемпионат тIобитIараб тIоцебесеб къоялъ бергьенлъиялъул тIадегIанаб хIокIиде вахана 86 кг цIайиялда гугарарав ГIалихан ЖабрагIилов. Финалалда ГIалихан бергьана Казахстаналдаса спортсменасдаса. Турнир тIобитIараб кIиабилеб къоялъ 74 кг цIайиялда чемпионлъун вахъана, Словакиялдаса гугарухъангун финалалда дандчIварав ХIажи Набиев.
КIиявго чемпион ккола МахIач­хъалаялъул «Динамо» спортшкола­лъул «къебелъухъ» Россиялъул мус­тахIикъав тренер Иманмурза ГIа­лиевасул нухмалъиялда гъоркь куцарал гугарухъаби.
Дагъистаналдаса цоги спортсмен МухIамадамин Дибировги гугарана финалалда 125 кг цIайиялда, амма гьев баллаздалъун къуна Гуржиялъул гугарухъан Гено Петриашвилидаса. Дибировасе щвана гIарцул медаль. Чемпионаталъул хIасилазда ре­къон, Россиялъул тIасабищараб ко­ман­даялъе щвана тIоцебесеб бакI. Поль­шаялдаса гьел тIадруссана лъаб­го меседил, цо гIарцул ва цо маз­гарул медалалгун.

Дзюдо
Голландиялдаса «гIарац» ва «мазгар»
Дунялалъулго Гран-при турнир

Голландиялъул Гаага шагьаралда тIобитIараб дзюдоялъул рахъалъ Дунялалъулго Гран-при турниралда Россиялъул тIасабищараб командаялъе росана батIи-батIиял даражабазул анлъго медаль. Гьеб хIасилалда рекъон, Россиялъул дзюдоистазе щвана командаялъулаб кIиабилеб бакI. ТIоцебесеб бакI щвана Голландиялъул командаялъе.
Турниралда гIарцул ва мазгарул медалал росана Россиялъул тIа­са­бищараб командаялда гъорлъ къе­цазда гIа­хьаллъарал Дагъиста­нал­­даса дзюдоистал МухIамад Му­­хIа­мадовасги ва Ислам Хаме­то­васги. ГIолилазда гьор­кьов дзюдоя­лъу­л рахъалъ Европаялъу­л чемпион, Ма­­хIачхъалаялдаса Му­хIа­мад Му­хIа­­мадов (90 кг), церекку­нисел данд­­чIваязда гугарун, бергьана Литва­ялдаса Дибурисидасаги монголав Эрденехрудасаги. Бащдабфиналалда гьев бергьана Голландиялдаса Сминкидаса. Финалалда МухIамадида данде гугарулев ву­кIана Европаялъу­л чемпион, Сербиялдаса Куколь. Октяб­ралъул байбихьуда Загребалда тIобитIараб дзю­доялъул рахъалъ тур­ниралъул фи­налалдаги гугарун вукIана гьев кIи­явго, бергьун вукIана дагъиста­нияв. Гаагаялда рукIарал къецаз­да бергьана сербав. МухIамад муста­хIикълъана гIарцул медалалъе.
Европаялъул Кубокалъе гIоло къецазда 2014 соналда чемпионлъун вахъун вукIарав Ислам Хаметовас гьабсагIат гIумру гьабулеб буго Самараялда, гьенив хьвадула дзюдоялъул рахъалъ тренировкабаздеги. Гаагаялда тIобитIараб турниралда цереккунисел дандчIваязда Ислам бергьана лъабго дзюдоистасдаса. Бащдабфиналалда гьев къуна гIолилазда гьоркьов Европаялъул чемпионаталъул гIарцулав призер, Испаниялдаса Альберто Гайтеридаса. Исламие щвана мазгарул медаль.
Россиялъул Дзюдоялъул федерациялъул сайталъ лъазабухъе, исанасеб сезоналъул хадусеб турнир тIобитIизе буго 2-3 декабралда Токиоялда, «Мастерс» абураб турнир 16-17 декабралда букIине буго Санкт-Петербургалда.

 

Тхэквондо

Къелеса Европаялъул чемпионаталъул призер
Къецазда гIахьаллъана
42 пачалихъалдаса
спортсменал

Рохалил хабар бачIана дагьаб цебе Къелебе. Ругъелдаса ГIу­ма­ров МухIамадрасул вахъун вуго Евро­паялъул чемпионаталъул гIар­­­цу­лав призерлъун. Ноябралъу­л байбихьуда Кипралъул Лорнака шагьаралда 15-17 сон барал гIо­ли­лазда гьоркьоб тIобитIараб тхэк­вондоялъул рахъалъ Европая­лъул къецазда гIа­хьаллъана МухIа­мадрасулги.
42 пачалихъалдаса гьенир гIа­хьаллъарал спортсменазда гьоркьов гьев вукIана Дагъистаналдаса цохIо тхэквондист. Гьесда дандчIвазе Уйташ аэропорталде рачIун рукIана Му­хIамадрасулил гIага-божаралги гьу­дулзабиги. МухIамадрасулица би­ца­на: «Дун цевевахъана 63 кг цIайи­ялда, тIоцеве дандчIвана испаниявгун, хадув киприявгун, хорватиявгун, Босня-Герцоговинаялдаса тхэквондист. Гьездаса дун бергьана. Ахирисеб щуабилеб дандчIваялда очкабаздалъун цевеккана россиялъулав. Россиялъул командаялъе кинабниги щвана 26 призалъулаб бакI — микьго меседил, микьго гIарцул ва 10 мазгарул медалал», — ан. 2008 соналдаса нахъе Расул ругьунлъизе хьвадула МахIачхъалаялъул Насир ХIажихановасул цIаралда бугеб спортклубалде. Гъоркьиса гьев вахъун вукIана Дагъистаналъул чемпионлъун. Исана апрелалда Грециялда тIоритIарал президентасул кубокалъе гIоло къецазда босун букIана гIарцул медаль. Гьев цIалулев вуго МахIачхъалаялъул финансазулгун промышленнияб колледжалда. МухIамадрасулил тренер ккола МухIамадов Асадула.
Сайпула ГьитIинамухIамадов