Дунялалда Дагъистаналъул цIар рагIизабуна

Лъадулгун цадахъаб циркалъулаб программагун  АхIмад Сурхатилов цевевахъуна Европаялъул улкабаздаги

 

Гьесул буго гIажаибго берцинаб ва бигьаго гьетIа-кIичIизабизе кIолеб черх. Гьединлъидал гьев лъугьуна гьава жаниб гьечIеб, гьитIинабго цIорол къолониве (куб) (гьелъул борхалъи 50 см), хадуб, кумекчагIаз тIаде кIулалги рахан, тIалъел къала ва лъел аквариумалда жанибе биччала. 15 минуталъ хIухьелги ккун чIарав магIарулас, балагьарал пана гьарула. АхIмад гьенив жанив вугебгIан заманалда, гъурараб цIорода тIад кьурдула Еленаги.

Сурхатилов цевевахъуна факирасул, фокусникасул, йогасул ва иллюзионистасул номералгун. АхIмад ккола Гиннессил рекордазул тIехьалде восарав гьунарчиги. Дагьал церегIан къоязда гIагараб ватIаналде вачIарав гьев «ХIакъикъаталъул» редакциялдеги щвана. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.
– АхIмад, артистлъун вахъиналъе щиб сабаблъул ккараб, киноялде нух кин бахъараб?
– Чарли Чаплинил кино дие цIакъ бокьулаан, гьелъ тIамуна дун артистлъиялде анищ гьабизе. Хунзахъ интернаталда цIалулаго гIахьаллъулаан кьурдул ансамблялда, ичIго сон барав чи хьвадулаан росабалъе кьурдизе. ГIумру гьабизе ниж Нальчикалде рахъараб мехалда, анцIго сон барав дун, Кабардино-Балкариялъул телевидениялде ахIулаан кьурдизе. ЗахIмат бихьичIого, цIализе лъугьана ВГИКалде, Борис Бабочкинил, хадуб Алексей Баталовасул курсазде. ХIалтIана Москваялъул ва «Пластикияб драмаялъул театралда» абурал театразда. Киноялдаса дие пантомима гIагараб букIана, цIакъ бокьулаан кьурдизе. Хадув хIалтIана «Узбекфильм» киностудиялъул режиссерлъун, М. Горькиясул цIаралда бугеб киностудиялъул актерлъун. ЧIалгIана кавказалъулазул ролал хIай, гьединлъидал дица гIуцIана «Пантомима ва факир» абураб дирго программа. 1986 соналда тIолгодунялалъул студентазул фестивалалда дие щвана лауреатасул цIар. ХIалтIана батIи-батIиял цирказда. Филипп Киркоровгун цадахъ цевевахъана Германиялда рукIарал нилъер рагъулал частазда. Берлиналда дун вихьана ва хIалтIизе вачана Гамбургалъул Шмидтил театралде. Ахираб лъабго сон буго Испаниялъул Бенидорм Паласалда хIалтIулаго.
– ТIоцебе кинха лъараб Аллагьас дуе гIадатияб гуреб гьунар кьун букIин?
– Цо нухалъ дида бихьана гIемераб заманалъ лъеда гъоркь чIун бажарулел Индиялъул йогазул хIакъалъулъ бицунеб кино. Дагъистаниязул хаслъи ккола, гIадатияб гуреб жо бихьани, цогиязда кIолеб дида щай кIоларебин пикру гьаби. Дихъаги бажарана.
— Сундаса гIуцIун бугеб программа, кинал пачалихъазде щварал?
– Гьелда гьечIеб жо щиб бугеб? Иллюзия, йога, каучуг (акробатика), махсара, хIадурулел руго цIиял номерал.
Ниж щвана Европаялъул киналго пачалихъазде. Рес щвана чамалиго къоялъ Парижалъул машгьураб Мулен Ружалда хIалтIизе. Сверана Россиялъул чIахIиял шагьарал. ЦIакъ бокьилаан дагъистанияздаги дирго программа бихьизабизе. Масала, гIемерал гIолохъабазда кIола къолонир кIичIван кIусизе. Дир буго батIияб масъала. Дун вукIуна лъелъ букъараб, тIад кIулал рараб къолонив. БотIрол бидурихь тIуни яги щукIдул рукIкIани, дихъа ишара гьабун бажаруларо. АнцIго-анцIила щуго минуталъ яхI гьабизе ккани, дун кIотиналъул ахIвал-хIалалда, ай гьанисаги ун, довеги щвечIеб хIалалда вукIине ккола. Гьеб буго щибабкъойилал тренировкабазул ва, аслияб жо, дунго дидаго божиялъул хIасил.
– Дур тIоцебесеб цевевахъин ракIалда бугищ?
– Гьайгьай, буго, хасго гьелде гьабулеб букIараб хIадурлъи. Ниж хIадурлъулел рукIана гаражалда жанир, дир масъала букIана ункъо минуталъ къолонив чIей. Лъабго минут арабго, квеш лъугьана – щукIдул рукIкIана, бажаричIо къватIир ругезде ишара гьабун. МагIарзухъа би чвахана. КвартIаялъ къалиги бекун, вачана къватIиве.
— Балагьаразе дур кинал номерал бищунго рокьулел ва кир рукIарал ракIалдаса унарел церерахъинал?
— Киназего рокьула дир «аквариум» ва «трансформация» абулел номерал.
2010 соналда Казахстаналъул тахшагьар Астанаялъ анцIго сон тIубаялъул юбилейги, гьезул президент НурсултIан Назарбаев гьавураб къоги кIодогьабулеб байрамалда шагьаралъул аслияб майданалда 45 градусалъул багIариялда 25 азарго чиясда цебе лъелъ букъараб къолониб дица бана анцIго минутгун лъабго секунд.
Стамбулалда къолониб бугеб цIо­ролъ бана анкьго минут.
Норвегиялъул принцессаялъ ахIа­на дун жинцаго бачунеб «Гала-артис­та» абулеб программаялда цевева­хъине. Гьениб дида абуна, номерал гIе­мер ругила, гьединлъидал анлъго минут гурони къолониб багейилан.
«Минута славы» шоуялда дир номер киназего бокьана, гьелъухъ дие 30 азарго евро кьуна. БакI кьечIо, абуна, гIайиб гьабугейила, бакIал церего рикьун ругилан.
– Дуца гIумру гьабулеб куцги квана-гьекъолеб къагIидаги цогидазулалдаса батIияб бугищ?
– Гьекъолеб жоялдасаги хъалиябаздасаги цебего инкар гьабуна. Квен къваригIуна черхалъе гуребги рухIалъеги, гьединлъидал как бай чара гьечIеб бугилан рикIкIуна дица. ГIумру букIине ккола хIилла-рекIкI гьечIеб, гIарцуе лагълъи гьабулареб. Къоялъул низамги кунеб жоги дир батIияб букIуна. МагIарулав вугелъул, гьан бокьула, амма дагьаб куна — гьелъ пластика хвезабула. ГIемерисеб квен гьан гьоркьоб гьечIеб букIуна, гIорцIизегIан кваналаро. Бищунго бокьулеб квен ккола хинкIал. Гьелги кьун, хьихьулаан дун эбелалъ. Дун вуго кинабгIаги унти лъачIев чи. Гьеб буго эбел-инсухъа дие щварал геназул баракат. Дир кIодоца бана 115 сон, кIудадаца – 103 сон, эбелалъул буго 93 сон, гьелъ жакъаги щибаб къоялъ зарядка гьабула.
— Дур пишаялде машгъуллъизе яги йогаялде ругьунлъизе бокьарав чиясда щиб дуца малъилеб?
— Аслияб жо буго Аллагьасда божи. Дида лъала Гьесул бер кидаго диде балагьун букIин. Аллагьасда божичIого, как-кIалги гьечIого ву­кIаравани, мацIги гIадамалги лъала­рев чи, чияр бакIалда вилилаан. Къолонив кIусулаго, диде бачIуна летаргияб макьу, цебе бачIуна Шамил имамасул сипат ва накIкIулъе ун гIадин, гьев цевеса тIагIунеб мех ккола тIалъел ричIизе заман щвараб лахIзат.
Бокьарав чиясухъа бажарула йогаялде машгъуллъизе. Амма тIубанго инкар гьабизе ккола наркотиказдасаги, гьекъолеб-цIалеб жоялдасаги, жахIда-хIусудалдасаги. Машгъуллъизе ккола спорталде, рухIияб рахъалде.
Йога лъазабиялъе чара гьечIого малъулев чи къваригIунаро, кинабго бихьизабула Интернеталдаса.
— АхIмад, дуца гIумру гьабулеб буго Испаниялда. Испаниялъулаздаги дагъистанияздаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугеб?
— Бицине гIураб батIалъи гьечIо. Дол руго гIамал берцинал, къварилъи ккарасе кумекалъе рахъине хIадурал, квергIатIидал гIадамал.
Нилъеца гIадин, испаниялъулаз политикаялъул интерес гьабуларо. ГIемерисезда лъаларо аскIоб бугеб Франциялъул президент щив кколевалицин, къанагIатги вукIунаро Каталониялда бугеб ахIвал-хIалалъ «бетIер унтулев» чи. Гьел руго гIумруялдаса кеп босулел гIадамал.
— Дагъистаналде щвечIого чан сон букIараб, гьанир лъугьун ругел хиса-басиязе кинаб къимат дуца кьолеб?
— 2008 соналдаса нахъе щун вукIинчIо дун Дагъис­таналде. ГIемерисел гьалбаз нилъее къимат кьола МахIачхъалаялда бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун. Гьебин абуни, пашманлъизе ккараб куцалда буго. Киб бугеб архитектура, кир ругел шагьаралъул майданал, паркал, фонтанал, скверал, кинаб куцалда бугеб ралъдал рагIал?! Кир ругел гIадамазе хIухьбахъиялъе бакIал? Балагьизе, бихьизе жо щиб гьаниб бугеб? Европаялъул шагьаразул къватIал шампуналъ чурула, гьанибин абуни, киса-кибего кьишни буго. МахIачхъала дида Стамбулалъул базаралда релълъун бихьула. Дун нечана гьаниб гIадамазул, хасго херал чагIазул бугеб мискинлъи, пакъирлъи, язихълъи бихьидал. ХIалалъ яхъун чIолей херай гIадан йиго цIорораб базаралъул кIалтIа пер бичулей. 93 сон барай дир эбелалъе, дунялалдаго бечедаб улкаялъ, анцIила кIиазарго гъуруш пенсия кьолеб буго. Херал чагIи хIакъир гьари кколарищ гьеб? Дагъистанго буго базаралда. Нилъ ричарухъаби гуро, амма нилъер ричарухъаби гьарулел руго. Гьаниб бугеб жо гIумру гуро.
Медицинаги, школаги, ясли-ахги Испаниялда чIобого букIуна. Бокьараб операцияги чIобого гьабула. Пенсионерал руго гьенир бищунго кепалда ругел чагIи, гьезие киналго хъулухъал чIорого рукIуна. Кьола кIудияб пенсия, гьединлъидал, аслияб къагIидаялда гьезул рукIуна «Мерседес», «Майбах» гIадал чIухIарал машинабиги. Пенсионерасул ихтияр буго лъагIалида жаниб кIиго нухалъ, лъаб-лъаб анкьалъ, чIобого дунял сверизе ине.
«Вид на жительство» гурони, гражданлъи гьечIев дие — магIаруласе Испаниялда кIиго соналдасан кIиазарго евро (120 азарго гъуруш) пенсиялъул щвезе буго.
— Дур лъади Еленаги лъикIаб махщалил артистка йигин бицана…
— БитIараб буго, гьей ккола спортсменка-гимнастка, цееяхъуна гIумруялъе хIинкъи бугел трюкалгун: кьурдула гъурараб цIорода, хвалчадул балада, багIарараб тIорччода тIад.
Нижер лъай-хъвай ккана, гастролазда ругеб мехалъ, Белоруссиялда. 13 январалда нижер вас Аскарица лъагIел бана. Гьанже гьей Елена гуро, бусурман дин босарай Лейла йиго.
— ГьедигIан кIудияб хIинкъи гIумруялъе бугел гьунарал рихьизарун кигIан мухь дуе кьолеб?
— Гьеб ккола балъголъи. БитIун бицани, дун мискинчи гуро, рес буго бокьарал нигIматал ва чIухIарал машинаби росизе. Дир минаби руго Испаниялда, Канаразул чIинкIиллъабазда, рукъ буго Мос­кваялдаги.
Нури Нуриев