Россиялъул халкъал цолъиялъул къо

Улкаялъул халкъазул цокIалаб рекIел кьаби

 

Пятигорскалда тIобитIана Россиялъул халкъазул миллияб адабияталъул фестиваль

Миллатазул анкькьераб нур

Фестиваль рагьана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Андрей Галактионовас. Халкъазул цолъиялъул къоги баркун, гьес абуна: «ГIасрабаз гIуцIана нилъер умумуз гьаб пачалихъ. Гьез тIегьазабуна вацлъиги, гьудуллъиги, лъикIал бухьеналги. СКФОялъул халкъазул батIи-батIиял мацIазул адабияталдаги руго гьелъие гIемер мисалал»,- ан.
Ставрополь краялъул хIукумата­лъул председателасул заместитель Ирина Кувалдинацаги рахъккуна гьеб пикруялъул. «Нилъерго гIадатазулги хъвадарухъабазулги адаб-хIурмат гьабула нилъеца. Жакъаги гьаниб бихьизе буго Северияб Кавказалъул халкъазул гьоболлъиги маданиябгун рухIияб бечелъиги. Жакъа гьаниб рагIизе буго тIолабго улкаялъул рекIел цокIалаб кьаби», — ян бицана гьелъ.

Дагъистаниязул жигарчилъи

Фестивалалда кучIдул ахIана Дагъистаналъул кочIохъаби ГIабдула МухIамадмирзаевасги, МухIамад ГIа­лиевасги, Жалав Бекеевасги, Агъахан Агъахановасги. Гьединго гьез рикIкIана ХъахIабросулъа МахI­мудилги, Стал Сулейманилги, Йирчи Хъазахъилги, АбутIалиб Гъапуровасулги асарал. «Дагъистан» абураб вокалиябгун хореографиялъу­лаб пачалихъияб ансамблялъул артистка Заира Даибовалъ ахIана лъарагIазул халкъияб кечI.
Жидерго шигIраби цIалана МухIа­мад АхIмадовасги, Юлия Зачесовалъги, ХIамзат ГIизудиновасги, Къасумбег Мигърабовасги.
Миллиял азбаразда тIиритIун ру­кIана кванил нигIматалги устарлъиялъул тIагIелалги. Унсоколо росулъа МухIамадгIали МухIамадгIалиевас гьарулел тIагIелазухъ балагьизе рачIун рукIана гIемер гIадамал. Гьез гъираялда халгьабулеб букIана устарасул хIалтIабазухъ.

Лермонтовасул музеялда

«Северияб Кавказалъул халкъазул мацIалда цIалулел руго Лермонтовасул мухъал» абураб данделъиялдаги гIахьаллъана дагъистаниял. МагIарул миллияб театралъул артист Рамазан ГIабдулагъаниевас гьениб цIалана магIарул мацIалде буссинабураб «Макьу» абураб Лермонтовасул кечI.
«Дир Кавказ – дун вуго дур цIудул куркьбазул хIули» абураб цIаралда гIуцIун букIана библиотекабазул выставка. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб библиотекаялъ гьенир церелъун рукIана миллиял мацIазда рахъарал тIахьалги. Масала, гьениб букIана 1935 соналда лезги мацIалда бахъараб Лермонтовасул «Бэла» абураб асар. Гьединго гьениб букIана Дагъистаналъул Миллияб библиотекаялъ хIадурараб «Кавказалъул экспресс» абураб литературиябгун художествияб альманахги. Бищунго гIемер цIехолеб букIана «Нилъ – Россиялъул халкъ. ГIемермиллатазулаб Дагъистан» абураб мультимедиялъулаб асар.
БатIи-батIиял тIахьал церелъу­н рукIана «Дагъистан» басмаханаялъги. Гьелъ миллиял мацIазда риччарал асаразда гъорлъ рукIана магIарул мацIалда Александр Пушкинил «Евгений Онегин» абураб поэмаги, «Дагъистаналда ЧчугIа кколезул сапар» абураб А. Гусевасул тIехьги.
Сакъатазе санагIатал тIахьалги рукIана выставкаялда. Канлъукъал ва беццал чагIазе гьел хIадурун руго ДРялъул Миллияб библиотекаялъул хIалтIухъабаз.
Дагъистаналдаса музыкант Шамил ШарипгIалиевас бачана цо чанго бакъан. Пятигорскалъул Культураялъул рокъоб рагьун букIана Россиялъул югалъул ЯсикIабазул театразул парад. Гьез рихьизаруна миллиял маргьабазда рекъон лъурал спектаклял. Дагъистаналъул актераз бихьизабуна «Мокьрол пурчIуналъул балъголъи» абураб спектакль.
Лермонтовасул галереялда цебелъун букIана Дагъистаналъул 12 художникас бахъараб 20 сурат. Гьездасанги рихьулел рукIана республикаялъул гьайбатаб тIабигIатги, арал гIасрабазул шагIирзабазул сипаталги.
«ГIолилазул рагьараб микрофон» абураб шагIирзабазул къецалда гIо­лилаз цIалана жидецаго хъваралги цо­гидал авторазулги асарал. Къецалда чIел босарав лъабгоясда гьоркьоса кIигоял руго Дагъистаналда­са: МухIамад Мусаевги АхIмад ГIабдулаевги. Хадубккун гьел ритIизе руго Москваялде – декабралъул авалалда гьениб тIобитIизе буго «Мцыри» абураб гIолохъанал ша­гIирзабазул фестиваль.
Кавсарат Сулейманова