Терроралде данде

СМИялги жамгIиятги цадахъ хIалтIизе ккола

 

БичIчIикьеялъул хIалтIи ккола терроралде данде къеркьеялъул аслияб бутIалъун

2-3 ноябралда МахIачхъалаялда гIагарлъухъ, Тюбе поселокалда тIобитIана IV Халкъазда гьоркьосеб гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда бицана терроризмалъул идеологиялда данде къеркьеялъул хIакъалъулъ.
Исана конференциялда гIахьаллъана ИзрагIилалдасаги, Турциялдасаги, Сириялдасаги, Россиялъул 12 регионалдасаги экспертал. Гьез бицана жидерго регионазда терроризмалдегун экстремизмалде дандечIеялъул хIалтIи кин гIуцIун бугебали.

Данделъи рагьана ДРялъул хIуку­ма­талъул председателасул заместите­ласул ишал тIуралев Рамазан Жапаровас. «Халкъазда гьоркьосеб ахI­вал-хIал хIалуцараб заманалда, гьа­динал конференциял тIоритIизе ккола», – ян абуна гьес.
ДРялъул печаталъулги информациялъулги министрасул ишал тIуралев Рашид Акавовас абуна, министерствоялда тIад бугин экстремизмалъулги терроризмалъулги идеологиялде дандечIеялъул программаялъул жавабчилъи. «Нижеда бичIчIула, аслияб хIинкъи бачIунеб буго Интернеталдасан, социалиял гьиназдасан. Нилъер гIадамаз кидаго гуро цIалулеб газета яги журнал, кидаго гуро гьел балагьулел телевизоралъухъги. Гьединлъидал, гьалмагъзаби, цIалдолел тIадруссинаризелъун ралагьизе ккола цIиял хIалтIул къагIидаби. Щивасда бичIчIизе ккола, кагътида кьабураб рагIул милат гьабулареблъи. Нилъ руссине ккола электрониял сурсатазде. Жакъа рагьун буго щибаб газеталъул сайт, газетазул гьурмал руго социалиял къокъабаздаги. СМИялги жамгIиятги цоцада ричIчIиледухъ хIалтIизе ккола», — ян абуна гьес.
Миллияб хIинкъигьечIолъи цIу­ния­лъул рахъалъ ИзрагIилалъул эксперт, генерал Узи Даяница бицана экстремизмалдеги терроризмалдеги данде ГIагараб Бакъбаккуда гьабулеб къеркьеялъул хIакъалъулъ. «Дун гIахьаллъана Сириялъулгунги, Иорданиялъулгунги, Египеталъулгунги рукIарал ИзрагIилалъул гара-чIвариязда. Терроралде данде къеркьей ккола гIемераб заманалъ гьабулеб иш, гьеб халалъулеб буго нусго соналдасаги цIикIкIун мехалъ. Ахирал соназда ГIагараб Бакъбаккудаги лъалаго цIикIкIана терроризм. Жеги лъугIун гьечIо регионалда рагъ. ТIадчIун терроризмгун рагъ бачIони, гьеб тIегьалебго тIегьалеб букIине буго. Гьелдаса бергьине рес буго. Руго гьелъие пайдаял нухалги. Гьелъие хIажалъула цо чанго шартI. Масала, гьеб масъала тIубаялъул мурадалда, ИзрагIилалъ бухьенал гьарула Америкаялъулги Россиялъулги дипломатиял ва политикиял къуваталгун. Гьединго ИзрагIилалъул бухьенал руго СагIудиязул Къираллъигунги, Египеталъулгунги, ГIагараб Бакъбаккул цогидал улкабазулгунги», — ян бицана Узи Даяница.
Рехсараб масъала тIубазабиялъе нухал ратиялъулги гьеб рахъалъ бугеб хIалбихьиялъулги хIакъалъулъ конференциялда бицана Ягьудиязул культураялъулги, гIадатазулги, лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги цебетIеялъе квербакъиялъул фондалъул правлениялъул председатель Михаил Черновасги, Россиялъул Миллиял ишазул федералияб агентствоялъул (ФАДН) управлениялъул начальник ГIабдулхIамид Булатовасги, Башкортостан Рес­­пуб­ли­кая­лъул ЖамгIияб хIинкъи гье­чIо­лъиялъул ведомствабазда гьоркьо­себ советалъул секретарь Алексей Касьяновасги.
Данделъиялдаса хадуб Рамазан Жапаровасги Узи Даяницаги жавабал кьуна журналистазул суалазе.
Муса Азаев