Ункъо меседил медаль босана дагъистанияз

Турниралда гIахьаллъана 167 спортсмен

 

14-15 октябралда Хасавюрталъул ХIамид ХIамидовасул  цIаралда бугеб спортивияб кIалгIаялъур тIоритIана ХIХ-ХХ гIасрабазул машгьурал гугарухъаби ракIалдещвеялъе IХ континентазда гьоркьосеб Кубокалъе гIоло эркенаб гугариялъул рахъалъ къецал.

Гьезда гIахьаллъи гьабуна 10 улкаялдаса 167 гугарухъанас. Хасавюрталде рачIун рукIана Азербайжана­лъул, Белоруссиялъул, Польшаялъул, Перуялъул, Казахстаналъул, Украинаялъул, Румыниялъул, Турция­лъул, Узбекистаналъул, Россиялъул регионазул гугарухъабазул командаби. Ургуялде бахъана Дагъистаналъул тIасабищараб командаги.
КIиго къоялъ къецал тIоритIана микьго цIайиялъул категориялда. Ункъо меседил медаль щвана Дагъистаналъул гугарухъабазе. Турнир тIобитIараб тIоцебесеб къоялъ тIоцебесеб меседил медаль щвана Завур Угуевасе (57 кг). М. Батировасул цIаралда бугеб Хасавюрталъул спортшколалдаса Угуев финалалда бергьана юниоразул Европаялъул къецазул чемпион Хасавюрталъул УОРалдаса ГIабасхIажи МухIамадовасдаса. Гьеб къоялъ дагъистаниял мустахIикълъана гIарцул ва мазгарул медалазеги.
КIиабилеб къоялъ 61 кг цIайиялда финалалда гугарана Хасавюрталдаса гугарухъаби Рамазан Ферзалиев ва гьабсагIаталда Москваялъул командаялда гъорлъ цеве вахъунев Зелимхан Абакаров. 12:2 хIисабгун бергьана Зелимхан.
70 кг цIайиялъул финалалда Хасавюрталъул Ш. ГIумахановасул цIа­ралда бугеб спортшколалдаса Мурад КъурамухIамадов бергьана гьебго шагьаралъул УОРалдаса МухIамадрасул ГъазимухIамадовасдаса. Ункъабилеб меседил медаль щвана 86 кг цIайиялда финалалда Польшаялдаса Збигнев Барановскиясдаса бергьарав МахIачхъалаялъул «Динамоялдаса» ГIалихан ЖабрагIиловасе.
Турниралъул техникиял хIасилал:
57 кг 1. Завур Угуев; 2. ГIабас­хIажи МухIамадов; 3. Саид Гъази­мухIамадов (киналго – Дагъистан) ва Расул Калиев (Казахстан).
61 кг 1. Зелимхан Абакаров; 2. Рамазан Ферзалиев (кIиявго – Дагъистан); 3. Улукбег Жолдошбегов (Гъиргъизия) ва Амин Эмеев (Дагъистан).
65 кг АгъахIусейн МустIафаев (Азербайжан); 2. Рустам Таймазов; 3. ШихсагIид Жалилов ва Разамбег Жамалов (киналго – Дагъистан).
70 кг 1. Мурад КъурамухIамадов; 2. МухIамадрасул ГъазимухIамадов; 3. Сайпула ГIалибулатов (киналго – Дагъистан) ва ГIалибег Акбаев (Карачаево-Черкесия).
74 кг 1. Тимур Бижоев (Кабардино-Балкария); 2. ХIусейн Суюнчев (Карачаево-Черкесия; 3. Якъуб Шихжамалов ва МухIамад Хизриев (кIиявго – Дагъистан).
86 кг 1. ГIалихан ЖабрагIилов (Дагъистан); 2. Збигнев Барановский (Польша); 3. МухIамад Къурбанов (Дагъистан) ва ГIумархIажи МухIамадов (Дагъистан-Белоруссия).
97 кг 1. Асланбег Алборов (Азербайжан); 2. МухIамад Ибрагьимов (Узбекистан); 3. МухIамадхан МухIамадов ва Шамил Мусаев (кIиявго-Дагъистан).
125 кг 1. Давид Модзманашвили (Узбекистан); 2. Жамалудин Му­хIамадов (Азербайжан); 3. Саид ХIамидов (Дагъистан) ва Роберт Баран (Польша).
Дагъистаналъул гугарухъабазе кинабниги щвана 18 медаль, гьездаса ункъо меседил, ункъо гIарцул ва 10 мазгарул.
Турниралъул чемпионазе кьуна 150 азарго гъуруш, гьезул тренеразул щивасе – 50 азарго гъуруш. КIиабилеб бакIалъулъ кьуна 100 азарго ва лъаб­абилелъухъ – 50 азарго гъуруш.