Журналистазулгун дандчIвай

Калининградалдаса Камчаткаялде щвезегIан

 

1 октябралдаса 31 декабралде щвезегIан Дагъистаналдаса
армиялде ине вуго 770 гIолилав

Гьедин лъазабуна журналистазулгун букIараб пресс-конференциялда Дагъистаналъул рагъулав комиссар Даитбег Мустафаевас. Гьесул рагIабазда рекъон, гьеб тарих ккола цебеккунисеб ва Югалъул рагъулаб округалъул штабалъ буюрухъ кьуни, республикаялдаса армиялда хъулухъ гьабизе ритIулезул къадар цIикIкIине бегьула. Гьезда гьоркьоса 170-гIолилас хъулухъ гьабизе буго миллияб гвардиялъул мухъилъ, хутIарав 600-яс РФялъул рагъулаб къуваталда.
«Дагъистаналдаса гIолилаз хъулухъ гьабизе буго Калининградалдаса Камчаткаялде щвезегIан Россиялъул батIи-батIиял регионазда. Маххул нухазул вокзалаздасаго гIадин гьел щвезе кколел бакIазде ритIизе руго авиациялъул кумекалдалъунги. Абизе ккола, нижеца кинабго хIажатабщиналдалъун хьезарун руго солдатал, ай хинаб ретIел-хьиталдалъун, квен-тIехалдалъун, бан­ка­лъулгун щивав чиясул хIа­къа­лъулъ баянал тIад ругел карточкабаздалъун ва гIемераб цогидалдалъун. ГIицIго ракIбацIцIадго ВатIаналда цебе тIадаб налъи тIубазабиялда гу­реб цогидаб сундаго тIад солдатал ургъизе кколаро», — ян абуна Д. Мустафаевас.
Рагъулав комиссарас бицана ругел гIунгутIабазулги. Цебе республикаялда армиялде инарилан рахчарулел гIолилал гIемер рукIун ратани, жакъа гьелъул гIаксалда ВатIаналда цебе тIадаб налъи тIубазабизе бокьаразул къадар гIунги тIокIаб бугила. «ГIунгутIи буго армиялде ине бокьарал гIемерисезе гьединаб рес щолеб гьечIолъи. ВатIаналъе хъулухъ гьабизе ритIулезда гьоркьосаги рищула тIадегIанал ва гьоркьохъел лъай кьолел учреждениял лъугIарал, богогьаби, водителал, фельдшерал ва гьел гурел цогидалги махщалие куцарал гIолилал. Амма тIаса рищун ритIаниги, цо-цо хIалихьатал ишал гьарулелги камуларо. Нилъер гIолохъабаз хъулухъ гьабулел батIи-батIиял частаздаса 19 баркалаялъул кагъат бачIана исана. Буго гьединго нагIана кьун бачIараб 12 кагъатги. 2017 соналда Дагъистаналдаса анкьго солдатасда тIад гьабуна уголовияб дело. Аслияб къагIидаялда исана 1 январалдаса нахъе къотIи-къайги гьабун армиялде ана 1000-ялдасаги цIикIкIун солдат», — ан бицана рагъу­лав комиссарас.
Амур областалда гьал къоязда кка­раб лъугьа-бахъиналъул би­цу­наго, гьадин абуна Даитбег Мус­тафае­вас: «Ханты-Мансийскалъул автономияб округалдаса армиялда хъулухъ гьабизе витIарав гьев солдатасул ккараб къваридаб лъугьа-бахъиналъул рагIа-ракьанде щун цIех-рех гьабулеб буго жавабиял идарабаз. Гьединлъидал гьелъие цебеккунго къимат кьезе рекъараб букIинаро. РакIчIола гIайибиязе та­михI гьабизе букIиналда», — ян.
Темирхан ХIасанов