Туркменистан: сон, жакъа ва метер

Цоязе — «алжан», цогидазе -…

 

Казбек районалдаса АхIмадов ГIисаца редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «СССРалъул заманалда Туркменистан рикIкIунаан экономикаги гIадамазул гIумруги нахъе ккарал республикабазул цояблъун. Жакъа гьениб коммунизм бугеб гIадаб жо бицунеб буго. Бокьилаан хIакъикъат кинаб бугебали лъазе».

Памятниказул улка

1990-2006 соназда улкаялъе нухмалъи гьабуна Сапармурат Ниязовас, парламенталъ гьесие кьун букIана «гIумруялъго президент» абулеб цIар. Щуго нухалъ кьуна гьесие Туркменистаналъул БахIарчи абулеб цIарги. Ниязовас тIолабго улкаялда жиндиего эхетана 14 000 памятник, Ашхабадалда бана бацIцIадаб меседил. Гьесул сурат бахъун буго туркменазул манатаздаги. Гьесда абулаан «Туркменбаши» — «тIолалго туркменазул эмен» абунги. Школлъималазда тIадаблъун гьабуна щибаб къоялъ дарсал байбихьилалде цебе «ТIадегIанав тIолалго туркменазул эмен Сапармуратие дун хилиплъани, биччанте дир ракI чIезе» абун гьа бай. Красноводск шагьаралда Туркменбаши абун цIарги хисана. Лъималаз хьихьизе кколин умумулинги абун, херал чагIазе пенсия кьолеб гIадат хвезабуна. Сахгьавизе къваригIарав чи Ашхабадалде вачIайин, тохтурзаби пачалихъалъе хираго чIолел ругинги абун, тахшагьаралда хутIун, улкаялдаго больницаби къана, жинда бичIчIуларинги абун, опера, цирк ва балет гьукъана.
2006 соналъул 21 декабралда Ниязов хвана. Гьесул бакIалда тана сахлъи цIуниялъул министр, цаби-гIусазул тохтур Гурбангулы БердымухIамадов. Гьес тIадбуссинабуна пенсия, дагь-дагьккун нахъе рахъулел руго Сапармуратие рарал памятникал, ихтияр кьуна интернет хIалтIизабизе.

Гьоркьохъеб Азиялъул
коммунизм

Туркмениялда руго, Россиялда киданиги макьилъцин рихьуларел, социалиял бигьалъаби. Масала, щивав шоферасе рес буго моцIрое 121 литр бензиналъул чIобого босизе (цо литралъул багьа щуго гъуруш), цIам чIобого кьола, чед кепказде букIуна. Самолёталда цо шагьаралдаса цогидалде воржун — 100 гъуруш. Туркменаз рукъалъухъ, лъехъ, газалъухъ, токалъухъ ва шагьаралъул телефоналъухъ гIарац кьоларо. Мина базе кредит босизе бегьула 30 соналъул болжалалда, лъагIалие цо процентги бецIун. Базаралда буго къваригIанщинаб, амма туркменазул гьоркьохъеб харж бащалъула 300 долларалда.
Газ бичун лъагIалие щола анцI-анцI миллиард доллар, щуго миллион чияс гIумру гьабулеб гьитIинабго республикаялъе гьеб саламатаб бечелъи ккола. Улкаялда киса-кирго руго гIатIидал, квегIенал нухал, гьел мехелалда жаниб чанго нухалъ чурула. Нухазда руго фонтаналги. Улкаялда такъсирчилъи гьечIо, киналго цIогьал тIагIинаруна.

Кире ккарал гIурусал
ва гIурус мацIалъулал?

1991 соналда Туркмениялда гIумру гьабун вукIана 210 азарго гIурусав. Жакъа гьезул къадар лъабго нухалъ дагьлъун буго. ТIадегIанаб лъай гIурус мацIалда гьечIо, республикаялда хутIун руго цо чанго гIурус школа, гьенир цIалулел руго хIакимзабазул лъимал. 2001 соналда улкаялда хвезабуна кIиго улкаялъул гражданство. Россиялъул паспорт бугезул, батIияб улкаялъул чагIазул мина-къай букIине бегьуларилан, тIалъиялъ гьезухъа минаби ва рукъзал нахъе рахъана.
Туркменистан ккола светияб пачалихъ, гьениб гIумру гьабун руго 100-гIан миллаталъул чагIи. Совет Союз биххаралдаса туркменазул къадар кIиго нухалда цIикIкIана. Газалъул нахъраталил рахъалъ Туркменистан дунялалда ункъабилеб бакIалда буго. Кванил нигIматал, бензин, ретIел учузго буго, амма гIадатиял гIадамазул харжал цIикIкIарал гьечIо. Туркменистаналъул законалъ гьукъула улкаялда бокьараб мал-мулк ва ракь бичиялъул, босиялъул къотIи-къаял гьаризе. ЦIакъ чIухIун къачIараб жамгIияб транспорт лъалхъизабулеб бакIалда жаниб чара гьечIого букIуна кондиционер, кIудияб телевизор. Шагьаралъул автобусазда рекIаралъухъ гIарац босуларо.
Шагьаразул къватIазда рарал чирахъал руго меседил лъим тIад биччарал, кьишни жанибе балел къалал — хромалъ берцин гьарурал. Чиновниказе ва гIолилазе гьукъун буго михъ-мегеж тезе.
ГIажаибаб буго мина-рукъалъул масъала тIубазабиялъул къагIидаги. Ашхабадалда рукъалъул цо квадратияб метралъул багьа буго 1,8 азарго доллар. Гьеб багьаялде гьоркьобе уна рокъоб лъураб гьаб заманалъул техника, сантехника, интернет ва ТВ. Цо чиясе чIезабураб рукъалъул гIатIилъиялъул норма ккола 60 квадратияб метр. Машгьурал гIадамазеги, лъимал гIемерал хъизамазеги, цIакъго мискинал чагIазеги рукъзал чIорого кьола. ГIаммаб, гьоркьохъеб ва тIадегIанаб лъай чIобого букIуна. Студентазе моцIрое щола 200-300 доллар стипендиялъул.
ЧIезебураб низам буго школалъул ратIлилги. ЦIалдохъабазул букIине ккола гIурччинаб ретIел, колледжалъул цIалдохъабазул — цIахIилаб, студенткабазул – багIараб. Къокъал юбкаби ва жинсал гьукъун руго. Васаз ретIине ккола чIегIераб тIажу ва хъахIаб горде.
Туркменистан цониги пачалихъалъул цолъиялде гьоркьобе лъугьинчIо. Цере рукIарал киналго союзиял республикабазулгун гьоркьоблъиялда визабазул къагIида цIунун буго. Улкаялъул промышленность, росдал магIишат, энергетика, транспорт ва бухьен хIукуматалъул къайимлъиялда буго. Гьениб мумие рикIкIуна киналго унтаби сах гьарулеб дарулъу­н. Гьелъул цо граммалъул багьа буго доллар. Мумие­ги, найи­л гьоцIоги, борхьил загьруги, прополисги, халичабиги, чIагояб боцIиги, хIанчIиги улкаялдаса къватIибе босизе гьукъула.
ХIадур гьабуна
Нури Нуриевас.