Хадуб гъезе тараб гъечIого хутIула

7 сентябрь – ТIолгодунялалъул туризмалъул къо

 

Дагъистаналда буго хъвай-хъвагIай гьабураб тарихияб
ва маданияталъулаб 6453 памятник

Цересел гIасрабазда цогидал улкабазде къанагIат гурони сапарчагIи щолел рукIун ратичIони, жакъа дунялалда гIемерав чи щола батIи-батIиял бакIазде, тарихиял ва тIабигIиял памятниказухъе. Щибаб соналда улкаялъул гIорхъи бахун, къватIиве уна анцIаза-азар дагъистаниявги. Гьебго заманалда Дагъистаналдеги рачIуна Россиялъул регионаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса гIемерал гьалбал. Туризм буго хайир кьолеб бутIа, ва, хIалтIулъ лъикIал хIасилал щвеялъул мурадалда, хIажат буго министерствабазул ва муниципалиял гIуцIабазул жамгIиял цолъабазул гIахьалчагIазул къуватал цолъизаризе. Туристаз хIухьбахъи гьабулел бакIазда, нухазда гьабулеб хъулухъ, гьалбадерил хIажалъаби ва къваригIелал тIурай нилъер гьаниб загIипго цебетIолеб буго. Гьединлъидал кIвар бугеб рахълъун ккола туризмалъул бутIаялъе гьоркьохъеб хасаб лъай бугел кадраби хIадур гьари. Гьединго нилъер гьаниб туризм цебетIеялъе квалквалал гьарулел руго транспорталъулал харжал цIикIкIарал рукIиналъ, туристал щолел аслиял бакIазда гIураб къадаралда квегIенал гостиницабиги гьалбал рещтIунел бакIалги гьечIолъиялъ. Гьайгьай, Дагъистаналда туризм цебетIеялде киназулго кIудиял хьулал руго. Амма, тIоцебесеб иргаялда, республикаялъул цIар лъикIаб рахъалдасан рагIизабизе, туристал рачIине санагIатал шартIал ругеб регионлъун бихьизабизе ккола. ГIайиб гурищха Дагъистан туристазул ракI тIаде цIалеб бакIлъун лъугьиналъе квалквалал гьарулел хIужаби гIемер рукIин. ТIоцебесеб иргаялда, гьеб ккола санаториязда, пансионатазда заманалъ гIумру гьабуралъухъ босулеб мухь цIикIкIараб букIин. Кавказалъул курортазде, ЧIегIераб яги Каспий ралъадазул рагIаллъабазде бухьараб сапар хираго чIола.
Тарихиял ва маданиял памятникал гIемераб бакI хIисабалдаги машгьураб буго Дагъистан. Амма гьезухъе щвезе захIмалъула нилъер гьанир ну­ха­зул ва кьоязул хIал цIакъ квешаб бу­кIиналъ. ТIаде рачIарал гьалбадеридаса нилъ нечезе кколеб суал буго цоги. Туристаз кIвар кьо­ла сверухъ­лъи­ялде, гье­ниб­ бугеб ра­цIцIа­лъи­ял­де. Гьеб рахъалъ Да­гъистаналда бугеб хIалалъулги бицинего ккеларо. ГIадамазул гIумру гьабулеб бакIалде, сверухълъиялде хашаб, жавабчилъи гьечIеб балагьи гьабулеб бугеб гIадаб асар лъугьинабула, гьеб кинабго бихьидал. Нилъер шагьаразул ва районазул хIакимзабаз, жидерго мухъазда рацIцIа-ракъалъи цIуниялде кьолеб кIвар цIакъго чучаб буго.
ЮНЕСКОялъул специалистаз абулеб буго дуниялалъул батIи-батIиял улкабазде щвезе ругел туристазул къадар, 2020 соналде бахине бугин 1,6 миллиард чиясде. РачIаха щивас цIунизин тарихиял ва маданиял памятникал, гьезул цоцазда релълъинчIеб батIалъиялдаса ва ирсалъул бечелъиялдаса лазат босилин. Дагъистаналда гьабун буго тарихалъул ва маданияталъул 6453 памятникалъул хъвай-хъвагIай. Дагъистаналда туризмалъе хIал­тIизаризе бегьулел нахърателал, ресал цIакъго кIудиял руго. Гьел рукIин нилъеда бихьана ва бичIчIана, ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул тIадкъаялда рекъон, ДРялъул Туризмалъул ва халкъиял художествиял тIа­гIелал ва къайи гьа­биялъул ми­нис­тер­ствоялъ республи­каялъул муниципа­лиял гIуцIабазда ту­­ризмалъулаб хIа­ра­катчилъи лъикI гIу­­цIиялъул рахъа­лъ тIобитIараб кон­курсалда. Да­гъистаналъул бе­тIерасда гьеб тадби­ралъулъ бихьана ту­ризмалъул бутIа цебетIезабиялъ рес­публикаялъул экономикаялъе лъи­кIаб хIасил кьезе букIин. Дида ккола гьеб конкурсалъ муниципали­ял гIу­цIабазул хIа­кимзабазул жидерго шагьаразда ва районазда туризм цебетIезабиялде ракIбазабунин, гьез гьелде кIвар кьезе байбихьанин. Кинабго жо лъазе инсанасул гъира-шавкъалъе гIорхъи гьечIеб гIадин, дунялалда туризм цебетIеялъеги альтернатива гьечIо. Гьеб суал, «цинги гьабилин» абун, нахътIамун тезе бегьуларо, жакъаго кIвар кьезе ккола.
Кинабго цадахъ къан босани, нилъер республикаялда туриз­малъулаб хIаракатчилъи гIу­цIиялъулъ жеги тIуразаричIел нус-нус масъалаби руго ва хадурккунги рукIина гьел. Аслияб иш буго гьеб гьабсагIаталда къваригIараблъун, жинде ирга щвараблъун, кIвар бугеблъун букIин.
МухIамад Жамалов,
«Азия» ОООялъул
генералияв директор