ЧIобого щвезе кколеб, амма эбел-инсуе хираго чIолеб

ЦIалдохъабазухъа гIарац бакIариялда щиб абулеб законалъ?

 

Ихтиярал лъазе ккола
Школалда гIарац бакIарулеб бугони, ахIизе бегьула 8-800-737-77-66 номералде. Эбел-инсул разилъи гьечIого щиб букIаниги босизе школалда гIарац бакIарулеб бугони, тIадехун рехсараб номералде ахIизе бегьула итни-хамиз къояз радал 9 тIубаралдаса къаси 6 тIубазегIан ва рузман къоялъ – радал 9 тIубаралдаса къаси щуго тIубазегIан.
30 августалда тIобитIараб тIол­го­россиялъул эбел-инсул собраниялда РФялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Ольга Васильевалъ лъазабуна школалда гьабулеб капиталияб ремонталъухъги ва цогидал хIажалъабазухъги гIарац бакIаризе гьукъараб бугин. Министралъ гьедин абуна школазда гIарац бакIари законалда дандекколищин МахIачхъалаялдаса чияс суал кьедал. «Эбел-инсухъа гIарацги бакIарун гьарулел жал рукIунаро школалда ремонтал. Гьаб данделъи лъугIарабго, гьелъул хIакъалъулъ дун кIалъала Дагъистаналъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министрасухъе, гьеб суал дандбазе буго республикаялъул нухмалъиялдаги», — ян абуна О. Васильевалъ.
Улбузул гIарзал
ЦIияб цIалул сон тIаде щвараб къоялдаса нахъе лъималазе босизе кколебщинаб школалъул къайиялъул гуребги, эбел-инсуе бетIерунти камулеб гьечIо. Школалде лъимер араб тIоцебесеб къоялдасаго эбел-инсуда лъазабула щибалиго гьабизе гIарац бакIарулеб бугин. Шагьаразул школазда бищунго цIикIкIун гIарац бакIарула тIоцебесеб классалъул цIалдохъабазул эбел-инсухъа. Амма школалъ гIарац бакIарулеб бугин абун эбел-инсуца гIарзал гьаруниги, тамихIалде щивго цIаларо. Щайгурелъул гьениб я школалъул директорасда, я учителасда тIад гIайиб чIезабизе кIоларо, гIарац улбузул комитеталъул гIахьалчагIаз бакIарулеб букIиналда бан. Гьебги буго гьез жидеего бокьун гьабулеб хIалтIи. Масала, гьал къоязда «ХIакъикъат» газеталъул «РекIел ахIи» рубрикаялде кагъат битIун бачIун букIана пуланаб школалъул цIалдохъабазул эбел Раисатица.
«КигIан бицаниги щиб, нилъер республикаялда щибго хисулеб гьечIо. Щибаб соналъ бицуна школазда гIарац бакIаризе гьечIин. Директорас абула кьогеян, классалъул нухмалъулелъ тIадгьабула кьезе. Кьолеб гьечIони, инкар гьабулеб бугони, гIарза хъвазе тIамула. ЧIобого цIиял тIахьал кьезе ругин бицуна, кьолелъул яги гIарцухъ ратула ялъуни хварал кьола», — ян бицунеб буго кагътида цIалдохъабазул эбелалъ.
Нижеца цIех-рех гьабуна цIал­до­хъабазул эбел-инсухъа школалъе гIарац бакIариялъул къагIидабазул ва законалда рекъон сундухъ гIарац бакIаризе ихтияр бугебали.
РитIухълъи кьижараб мех
Школа «цIунарухъ» ва классал рацIцIаралъухъ щивав цIалдохъанас кьезе кколеб буго 500-700 гъуруш. 1000-2000 лъимер цIалулеб школалъул хIисаб гьабуни, ракIалде ккезе бегьула хасаб хъаравуллъиялъул гIуцIабаздаса цо гучал хIалтIухъаби ратилин гьез школалде лъимал цIунизе хIалтIуде росунин абун. ХIакъикъаталдайин абуни, цIалул заманалда школалъул кIалтIа эхетун ратула цо херай кIодоги, хIажат ккани жинца гуреб жиндие кумек гьабизе кколев гIадав кIудияб ригьалъул чиги. Сундаса цIунулел ругел ва кинаб хIинкъи бугеб школалъул цIалдохъабазеян абураб суал бачIунеб буго тIадехун рехсараб сурат бихьидал.
Школалде лъимер битIулелъул цо-цо школазда эбел-инсухъе анкетаби цIезаризе кьола ва гьенир кьурал суалалазда гьоркьоб букIуна: школалъе кинаб букIаниги кумек гьабизе рес бугищ нужерин абураб пунктги. Амма гIарац бакIарулелъул гьелъухъ щивго валагьуларо, гьеб кьезе инкар гьабураз директорасул цIаралда гIарза хъвазе кколеб буго пуланаб захIмалъиялда бан, гIарац кьезе рес гьечIин абун.
Законалда рекъон, гьединаб гIарза хъвазе тIадаб бугищ эбел-инсуда? РФялъул законалда кибго хъван гьечIо школалъул пуланал хIажалъабазе гIарац бакIаризе бегьулин яги бакIаризе гьукъун бугин. Буго «ГурхIел-рахIмуялъул ишазул ва гурхIел-рахIмуялъул гIуцIабазул хIакъалъулъ» абураб, жинда рекъон цIалдохъабазул эбел-инсуца садакъа хIисабалда школалъул хасаб счеталде гIарац рехизе бегьулеб ва хадубккун сунда тIад гьеб гIарац хвезабун бугебали халкквезе бегьулеб къагIида.
РорчIизе бакI гьечIо
ЦIех-рех гьабурал улбуз бицана, школалъул фондалде гIарац бакIариялдаса рорчIаниги, классалъул фондалде гIарац бакIариялдаса рорчIи цIакъ захIматаб масъала бугин.
ПатIимат, кIиго цIалдохъанасул эбел: «Араб соналда дир кIиго лъимер ана тIоцебесеб классалде. Сентябралъул тIоцересел къояздаго нижер классалда умумузул данделъи тIобитIана. РакIалде ккун букIана лъималазул цIалуда хурхарал суалал дандразе ахIун ратилин. Амма улбузул комитеталъул нухмалъулелъ лъазабуна классалъе хIажат бугин телевизор, компьютер, принтер ва къадада чIвазе кумекалъулал материалал. Гьелде тIадеги классалъулаб хъарщиги директорас жиндирго чвантиниса гIарац кьун босараб бугин, гьединлъидал гьелъухъги директорасе гIарац тIадбуссинабизе кколин абун. Классалда цIалулел руго гьоркьохъеб ресалъул хъизамаздаса лъимал. Гьединлъидал гIемерисез разилъи гьечIолъи бихьизабуна. ХIукму гьабуна лъималазе дарсал кьолелъул телевизоргун компьютер гьечIого бегьуларелъул гьеб босизе гIарац бакIаризе, амма хъорщохъ гIарац кьезе киназго инкар гьабуна. 24 цIалдохъан вугеб классалда 2500 гъуруш бакIарулеб букIана. Дир рес букIинчIо кIиго лъимадуе гIоло 5000 гъуруш школалде кьезе, гьединлъидал дица гьеб дагь-дагьккун кьуна. Данделъи гьабун чанго къоялдасан цо цIалдохъанасул эбел шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялде гIарзгун ун ятана. ГIарз гьабуралъухъа тIокIаб лъицаго гIарац тIалаб гьабичIо ва директорасеги бадибчIвай гьабун буго. Амма классалъе цIалуе къваригIараб къайи босичIого рес букIинчIо. Гьединлъидал 12 цIалдохъанасул эбел-инсуца бакIарараб гIарцуде хIажатаб къайи босана, хутIараз гIарацги кьечIо, гьездаса гьеб тIалаб гьабизе лъилгIаги ихтияр гьечIеблъи гьезда бичIчIун бугелъул. Классалъе хIажатаб къайи босизе гIарац гIолеб букIинчIелъул, цIидасан бакIаризе ккана гьебго 2500 гъуруш. Гьелда гъорлъе унаан хъаравуллъиялъухъ ва класс бацIцIаралъухъ бакIарулеб гIарацги. ПалхIасил, шагьаралъул лъайкьеялъул управлениялде гIарз гьабунин абун щибго хисичIо. Цогидал цIалдохъабазул эбел-инсул бакIалдаги нижецаго кьезе ккана гIарац».
Законалда рекъон, школазда цIалдохъабазул эбел-инсухъа гIарац бакIарулеб бугони, гIарз гьабизе бегьула РФялъул ЖамгIияб палатаялда цебе рагьараб отделалде, шагьаралъул яги районалъул лъайкьеялъул управлениялде, бакIалъулаб прокуратураялде яги ихтияр цIуниялъул гIуцIабазде. Нагагь школалда эбел-инсул разилъи гьечIого хIалица гIарац бакIарулеб букIин чIезабизе кIвани, школалъул директорасде 30000 гъуруш гIакIа къотIизе рес буго. Амма гьабсагIаталда шагьаралъул школазда гIуцIун бугеб гIарац бакIариялъул къагIидаялъул хIисаб гьабуни, лъидаго гIайибчIвазе бакI батуларо. Щайгурелъул эбел-инсуца «жидеего бокьун» гIарац бакIарунин абун тамихI гьабулеб къагIида гьечIелъул РФялъул законодательствоялда.
ПатIимат СултIанмухIамадова