Спорт гуро, шоу буго

Рингалде рахъаралъухъ миллиардал щвана

Араб анкьалъ дунялалъулго боксалда кIвар бугеб лъугьа-бахъинлъун букIана Флойд Мейвезеридагун Конор Макгрегорида гьоркьоб букIараб къеркьей. БатIи-батIиял информациялъул алатаз тIубараб лъагIелалъго бицараб гьеб дандчIваялда бергьенлъи босана Мейвезерица. ИчIабилеб раундалда техникияб нокауталде ккезавуна гьес Конор. Къеркьеялдаса хадуб кIиявго спортсменасе щвараб гIарац рикIкIани, гьеб бахуна гIага-шагарго 400 миллион долларалде.
Гьумер хIадур гьабуна Темирхан ХIасановас.

*** 

ЦIияв тренерасда цадахъ тIоцебесеб бергьенлъи

Премьер-лигаялъул микьабилеб туралда
«Анжи» хIана «Уфа» командагун

Футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул турниралъулаб таблицаялда 10-абилеб бакIалда бугеб «Уфаялдаса» «Анжи» къелин кколеб букIана. Амма цIияв тренерасул нухмалъиялда гъоркь майданалде бачIана тIубанго батIияб «Анжи». ТIоцересел минутаздасаго байбихьана Вадим Скрипченкол командаялъ бергьенлъиялде ишанги босун къеркьезе ва 18-абилеб минуталда кьабуна гол. КIиабилеб таймалдаги лъикI хIалел рукIана анжиялъулал. Гьебго заманалда «Уфаялъулги» букIана чанго рес Будаковасул кавабахъе торгIо кьабизе, амма «Анжиялъул» голкиперас ясбер гIадин цIунана каваби. ПалхIасил, 1:0 хIисабгун хIай лъугIана.
Хадусеб, ай ичIабилеб туралда «Анжи» хIазе буго Ленинград областалъул «Тосно» командагун.
Микьго туралдаса хадуб анлъго очкогун турниралъулаб таблицаялда «Анжи» буго 14-абилеб бакIалда.

***