Тренер хисунилан хисиладай хIай

Футболалъул рахъалъ

Россия­лъу­л премьер-лигаялъул иргадулаб туралда МахIачхъалаялъул «Анжиялъ» къабул гьабуна Москваялъул «Динамо» команда. Дагъистаниязда футбол чIалгIунищ ялъуни ахираб заманалда щибаб хIаялда къолеб «Анжиялда» ццим бахъунищ бугебали лъаларо, стадионалде рачIунезул къадар, цебеялда дандеккун, дагьлъун буго.
ХIаялъул гIемер бицинаро, щайгурелъул иргадулабги нухалъ ни­лъерал къуна. «Анжиялъул» кавабахъе «динамоялъулаз» кьабуна лъаб­го гол. Нилъеразин абуни жаваб гьабуна гIицIго цо голалдалъун.
ХIаялдаса хадуб букIараб пресс-конференциялда «Анжия­лъул» тренер Александр Григоря­ница лъазабуна жинца Ма­хIач­хъалаялъул командаялъулгун къо­мех-лъикI гьа­­би­зе бугин. Хадуб Дагъистана­лъул командая­лъул сайталдаги бачIана Григоряница «Анжи» танин ва гьесул бакIалда командаялъе нухмалъи Белоруссиялдаса Вадим Скрипченкоца гьабизе бугин абураб хабар. ХIакъикъаталда гьедин ккезеги ккана.
Хадусеб туралда «Анжи» хIазе буго Казаналъул «Рубин» командагун.
ГьабсагIаталда «Анжи» команда буго турниралъул таблицаялъул 15-абилеб бакIалда.