ГIочIода чIвачIониги бегьила

Гьава-бакъ рекъезабулев чи кко­ла ТIадегIанав Аллагь ва Гьесул хIукмуялдаса рорчIизе бакIги гьечIо. Амма къуватал гьураздасаги, гьалагаб цIадалдасаги, кутакаб багIариялдасаги, хъетIун балеб гIаздадасаги нилъго цIунизе тIадаб буго щивасда.

Араб анкьалда МахIачхъалаялда кутакаб гьури бахъана ва гьелъул хIасилалда тахшагьаралъе ккана гIезегIан зарал. Къокъго абуни, тахшагьар хIадур батичIо тIаби­гIаталъул гьединаб ахIвал-хIалалде.
Дагьаб цебе гьалагал цIадал рараб заманалдаги лъелъ гъанкъулеб букIана МахIачхъала. Лъица гьелъул жаваб кьезе кколеб? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун ниж щвана тахшагьаралъул мэриялде ва гьадин бицана гьениб: «МахIачхъалаялда гIадамазе гIумру гьабизе шартIал чIезари, чIара-хьараб, хIинкъи гьечIеб ахIвал-хIал букIинабиялъул мурадалда гIемераб хIалтIи гьабулеб буго. Ракъварал гъутIби къотIун, токалъул хIубал хисун лъугIун руго тахшагьаралъул гIемерисел къватIазда. Амма киса-кибего квер гIунтIулеб гьечIолъиялъе мукIуралги руго.
Ахирал къоязда гьалагаб гьури бахъиналъул хIасилалда ккарал лъугьа-бахъиназул гIочIода чIван бицине кколаро. Гьединал лъугьа-бахъинал ккечIого рукIунаро. Амма кигIан гIисиналги гIунгутIаби тIагIи­нариялда тIад хIалтIула ниж. Гьоро­ца щапизарурал гъутIбузулги токалъул хIубазулги бицана администрациялъул хIалтIухъабазул иргадулаб данделъиялдаги. Шагьаралъул къватIал хъил тIун къачIалел рукIин бихьулеб батила нужедаги. Гьеб хIалтIуда цадахъ нижеца цIиял лъолел руго канализациялъул люкал ва хисулел руго басриял рогIрал».
Республикаялъул МЧСалъул пресс-хъулухъалдаса щварал баяназда рекъон, гьороца зарал гьабун буго ичIго-анцIго чиясе. «Нижер телефоналде кIалъан рачIарал гIемерисез кумек тIалаб гьабулеб букIана минабазде, машинабазде тIаде регун рачIарал токалъул хIубал, гъутIби нахъе росизе рачIаян. ГIицIго шагьаралдаса гурелги, сверухъ ругел поселоказдасаги гIадамал рачIана кIалъан. Нижер хIалтIухъабаз тIадаб иш рагIа-ракьанде щун тIубазеги гьабуна», — ян бицана республикаялъул МЧСалъул пресс-хъулухъалда.
МахIачхъалаялда гьороца бегизабун батана 200-ялдаса цIикIкIун гъветI. Араб анкьалда гьел хъухъана ва нахъе раччана «Горзеленхоз» МУПалъул хIалтIухъабаз. Кинабниги хIалтIулеб букIана лъабго бригада, щуго КамАЗ, трактор ва автокран.
ГIадамазул хитIабазда рекъон хIадур гьабураб сияхIалда буго жеги 50 бакI ниж щвезе кколелин бицана «Горзеленхозалъул» мастер СагIид Юсуповас. Нагагьлъун нужеда аскIобги батани, инсанасул гIумруялъе хIинкъи бугеб хIалалда гьороца бегизабураб гъветI, кIалъазе бегьула телефоналъул гьал номеразде: 63-20-34; 67-21-23; 67-21-53.

Темирхан ХIасанов