Дунявияв инсан

28 июналда «ХIакъикъаталъул» редакциялда тIобитIана Шамил имам гьавуралдаса 
220 сон тIубаялъул хIурматалда гIуцIараб дандеруссин
«Кавказалъул рагъалде ва Шамил имамасул сипаталде гьанжезаманалъул бербалагьи» абураб темаялда тIобитIараб дандеруссин нухда бачана ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимчи, филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. Гьелда  гIахьаллъана Кавказалъул рагъул тарихалъул цIех-рех гьабулел гIалимзаби-тарихчагIи Юсуп Дадаев, ХIажимурад Доногъо, Россиялъул халкъазул ассамблеялъул ДРОялъул председатель Зикрула Илясов, «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъул председатель Гъайирбег ГIабдулаев, жамгIиял хIаракатчагIи Шамсудин Сиражудинов, ГIабдула ХIажиев ва цогидалги.
 
«Щибаб анкьалда редакциялда гIуцIизе руго нилъер республикаялъул тарихалда лъалкI тарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ бицунел дандеруссинал. Гьезда гIахьаллъизе дица ахIулел руго миллиял газетазул ва телевидениялъул миллиял ре­дакциязул редакторалги журналисталги. ГIалимзабаз бицина жидерго пикру, гьеб букIине бегьула ритIухъаблъунги щаклъизе бакI бугеблъунги. Биччанте батIи-батIияб пикруялъул хIакъалъулъ халкъалдаги лъазе», — ян абуна данделъи рагьулаго ГIали Камаловас.
«Нилъеца гьоркьоб лъезе босараб тема буго гIатIидаб, гIелмияб дандеруссиналъе хасиятаб. Исана 220 сон тIубала Шамил имам гьавуралдаса. Гьев бахIарчиясул хIакъалъулъ жеги тIиритIизарулел руго батIи-батIиял пикраби. Гьединлъидал, редакциялда битIараблъун бихьана Шамил имамасул къисматалъул ва доб заманалда ккарал лъугьа-бахъиназул гIелмияб цIех-рех гьабурал гIалимзабазул ритIухъаб пикруялъухъ гIенеккизеги гьеб халкъалъухъе щвезабизеги», — ян байбихьана данделъи АхIмад МуртазагIалиевас.
Суал: 20 сон бана Шамил имам гьавуралдаса 200 сон тIубаялъул байрам тIобитIаралдаса. Гьелъул аслияб ва къадруяб бутIалъунги бу­кIана Кремлялъул Колонный залалда тIобитIараб дандеруссин. Гьелда­са хадуб сихIкъотIи лъугьана. Цо-цо жамгIиял гIуцIабазда, хасал чагIазда гурони Шамил имамасул цIарги къис­матги ракIалдещолеб гьечIо. Щай гьедин бугеб?
ХIажимурад Доногъо: Гьединаб хIал букIиналъ дир рахIатхвезабунго гьечIо. Щайгурелъул байрамалъулаб багъа-бачариялъул, дахIабазул кунчIиги сверун лъугьинабун вукIине рекъарав чи вукIинчIо Шамил имам. Гьев вукIана жеги нилъехъа лъазабун бажаричIеб гIамал-хасияталъул, гъваридаб гIакълу-лъаялъул инсанги, жамгIияв хIаракатчиги, политикги, бахIарчиги. Исламалъ къабул гьабулеб гьечIониги, чи гьавураб къо кIодо гьавун байрамал гIуцIи, дун вохарав вуго «ХIакъикъаталъул» редакциялъ гьев ракIалдещвезавулев вукIиналдасаги, гьесул хIакъалъулъ бицине дандеруссинал гIуцIулел ру­кIиналдасаги.
Суал: Шамил имам гьавуралдаса 220 сон тIубай – гьеб байрамалъул кинаб кIвар букIине бегьулеб Дагъистаналъул жамгIияталъе?
Зикрула Илясов: Гьеб буго нилъер тарих. Аралде таманча кьвагьани, букIинеселъ гIарада кьвагьулин абун буго. Тарихалде тIаса-масагояб бербалагьи букIине бегьуларо. Доб заманалда ккарал лъугьа-бахъиназе кьолеб ритIухъаб къиматалда бараб буго жакъасел гIемерисел масъалабазе жаваб батиялъул иш. Жакъа гьеб рагъул тарих буго нилъер халкъазул эркенлъиялъул ва жалго жидедаго чIараб гIумруялъул игIланлъун.
Суал: Шамилил байрам кIодо гьабиялъул мурадалда кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб «АхIулгохI» жамгIияб гIуцIиялъ?
Гъайирбег ГIабдулаев: Исана февраль моцIалда байбихьана нижеца гьеб хIалтIи. Республикаялъул бетIерасухъе хъвана кагъат. Бахъана байрам тIобитIиялъул хIакъалъулъ хасаб указ ва гьелда бан тIадкъаялги кьуна. Амма жакъа къоялъги гьеб указалъул къуватги гьечIо, гьеб хIалтIулебги гьечIо. Буго гIуцIиялъул комитетги – ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдусамад ХIамидов вуго гьелъул нухмалъиялда. Амма гьелъул цониги данделъи тIобитIичIо.
МахIачхъалаялда буго Шамил имамасул цIар лъураб къватI. Гьелъул авалалда буго гьитIинабго памятникги. Гьелда аскIоре къазе бажарулеб хIал гьечIо: бихъ-бихъун буго Шамилил рагIаби тIад хъвараб игIлан, гьелда тIад ручкаялъ батIи-батIиял хъвай-хъвагIаял гьарун руго; рек-рекун руго гIодор лъурал къанал, кьишниялъул цIун буго аскIоб бакI. Гьеб иш битIизабизе ккелин абун кагъат хъвана тахшагьаралъул мэр Муса Мусаевасухъе.
Юсуп Дадаев: Дида ракIалде щола 1997 сон. БукIараб жигарчилъи доб заманалда нилъер гIалимзабазулги халкъалъулгоги! Расул МухIамадов, ХIажи ХIамзатов, ХIажагIали Даниялов, Владлен ХIажиев, Дибир МухIамадов, Халил Халилов ва цо­гидалги – киналго хIалтIулел ру­кIа­на цокIалго. Гьезул рукIана гIе­некканагIан ракI тIаде цIалел кIа­лъаял. 1997 соналда республикаялъул шагьараздаги районаздаги тIоритIана гIелмиял дандеруссинал. Гьел гIуцIун рукIана Москваялда, Киевалда, Бакуялда, Турциялда. Му­хIамадгIали МухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь гIуцIун букIана цIакъ пайдаяб хIалтIи, рахъана гIе-мерал тIахьал. 
Шамил имам тIолабго дунялалда машгьурлъана гIалим, гIуцIарухъан, реформатор ва рагъулав цевехъан хIисабалда. Гьес нилъее тана цIакъ бечедаб ирс. БукIинчIо гьесул гIумруялъул ва хIаракаталъул би­цинчIого тараб цониги рахъ. Ахи­рал соназда къватIире рахъана ХIажимурад Доногъолги дирги гIелмиял хIалтIаби. Амма цогидал гIалимзабазул сихIкъотIи буго. Гъорлъе вакканагIан, гъваридго бичIчIулеб буго гьев инсанасул кIодолъиги, къадруги, къисматалъул тIадегIанлъиги. Шамилие къваригIун гьечIо рецц-бакъ гьаби – гьесул гIумру гьелъие мустахIикъаб букIин киназдаго лъала. Амма бугеб тарихияб бечелъиялъул бицине тIадаб буго нилъеда.
АхIмад МуртазагIалиев: Шамил имамасул кIварги къадруги кIоченабизе жигар бахъулел гIа­лимзабиги камуларо. Дица мисал ба­чина Виноградовас, Дигоевас, Сахаровас, Матвеевас, Мухановас ва цогидаз вузазул тарихалъул факультетазе хIадурараб цIалул тIехьалда хъван бугеб макъалаялдаса. Кавказалъул рагъул заманалъул тарих лъазабулел гIалимзабазул хасал школалцин лъугьун руго: Армавиралъулгун Грозныялъул (Виноградов), Санкт-Петербургалъул (Лапин), Москваялъул (Дигоев), Краснодаралъулгун Майкопалъул (Матвеев). Гьезул тIахьазда тIубанго батIияб къагIидаялъ бицунеб буго «миллияб эркенлъиялъе гIоло гьабураб рагъ», «колониялъулаб политикаялде дандечIей», «Кавказалда колониялъулаб политика тIобитIи» абурал калимабазул хIакъалъулъ, ай гьединал рагIаби тексталда хIалтIизего гьарулел гьечIо гьез. Кавказалда рагъ байбихьиялъе гIиллалъунги гьез рикIкIунеб буго «мугIрузул халкъазул гIалхулаб хъа­чагъазулаб тIабигIат-гIамал» ва абулеб буго «Россия хIажатаблъун кканин гьединаб гIамалалдаса жиб цIунизеян». Щай гьедин хисараб гIурус гIалимзабазул пикру?
Юсуп Дадаев: Ярагъгун рачIаразде данде рахъана дагъистаниял. Гьел къеркьана эркенлъиялъе гIоло. Дагъистаниял, кавказалъулал вахIшиял чагIи рукIанин абураб пикруялъул рахъкквезе гьечIо гIакълу бугев чияс. Гьересиял хIужабазул кьучIалда тарих машгьурлъизабичIого букIи­на­лъул мурадалда гIемер бицине ккола Шамилил къисматалъулги, гIумруялъулги, доб рагъулги хIакъалъулъ. 
Дица дагьаб цебе къватIибе биччана «Шамил имамасул бахIарчияв наиб Дуба» абураб тIехь. Гьелда бицуна чачанасул къисматалъул хIакъалъулъ. Чачаназе гьеб лъугьана унго-унгояб байрамлъун. Жидер бахIарчиясул хIакъалъулъ гьединаб тIехь жеги лъицаниги хъвачIин абулеб букIана гьез. БатIи-батIиял миллатазул нус-нус бахIарчияв наиб, мурид вукIана доб заманалда. Гьезул хIакъалъулъ бицинеги хъвазеги ккола гIалимзабаз.
АхIмад МуртазагIалиев: Цоги мисал бачина дица. Академик Андрей Сахаровасул редакторлъиялда гъоркь къватIибе бачIараб «Россиялъул тарих» абураб вузалъул цIалул тIехьалъул кIиабилеб томалда хъван буго: «Кавказалъул севериябгун бакъбаккул рахъалда гIумру гьабулеб букIана киналгIаги чияр законазе мукIурлъуларел мугIрузул къавмаз: черкесаз, чачаназ, ингушаз, лъарагIаз, магIарулаз. Гьезие хасиятаб букIана рагъуе тIасанборчIараб гъира, гьез хIалтIизабулеб букIинчIо ракь. Гьез гIасрабаз хьихьулаан боцIи ва хъачагълъи гьабулаан. Гьез гьарулаан вахIшиял чабхъенал Гьоркьохъеб Кавказалъулги Закавказиялъулги халкъазде. ХIХ гIасруялда гьениб тIибитIун букIана исламияб дин, хасго тIибитIун букIана рагъулаб мюридизм абураб гьелъул бутIа. Гьел къавмаз къабул гьабулароан хъахIав пачаясул власть ва Кавказалда гIурус пачаясул власть щулалъанагIан, гьесул рагъулал хъулбузде гьужумал гьарулаан гьез, росаби рухIулаан ва гьезул мулк хъамулаан; гIадамалин абуни, чIвалаан яги лагълъуде рачунаан. Гьайгьай, жиндир ракьалда жибго жиндаго чIараб ва лъиениги мукIурлъулареб рагъулаб къуват букIине цониги пачалихъалъе бокьиларо. Гьединаб бакI букIиналда рекъечIо Россияги». 
Зикрула Илясов: Тарих цIидасан хъваялъул хIужаби камулел гьечIо. Гьелъул кумекалдалъун жидеего гIарац балагьулелги руго. Масала, гьел тIахьазда кьурал баяназ улкаялъул тарих хисизабун бугин ва гьединал хIужабазе нух къазе кколин абураб магIнаялъул кагъат битIизе ккола министерствабаздеги ведомствабаздеги. Гьелда гъоркь гъолбасинеги ккола республикаялъул бе­тIерас яги гIелмияб идараялъул нух­малъулес. Дагьалъ цебе ДГУялда букIана философиялъулаб дандеруссин. Гьениб бицунеб букIана миллияб хаслъиялъулги. КъваригIун буго МахIачхъалаялда хасаб дандеруссин гIуцIизе ва гьенире Россиялъул гIелмиял центраздаса гIалимзабиги ахIун, Кавказалъул рагъуеги Шамил имамасеги ритIухъаб къимат кьезе.
АхIмад МуртазагIалиев: Исана июналда «РИА-Дербент» газеталъе кьураб интервьюялда рагъулав журналист Иван Коноваловас хъвалеб буго: «Нижеца ХIХ гIасруялъул бащалъиялдасаго гьабулеб буго гьаб рагъ, щайгурелъул Россиялъул ракь букIин хIисабалдеги босун. Нилъеда лъала, Шамил имамас Россиялъул армиялде данде гьабураб доб рагъуе (Кавказалъул рагъ) кумек гьабулеб букIараблъи Англиялъул гIарцуца». ГIемерал соназ федералияб телеканалалда хIалтIулев вукIарав рагъулав корреспондент, публицист, хъвадарухъан Иван Коноваловас загьир гьабулеб буго официалияб пикру. Гьесие бокьун буго эркенлъиялъе гIоло кавказалъулаз гьабураб рагъул аслияб магIнагун мурад кьучIдасанго хисизабулеб пикру тIибитIизабизе. Кинаб къимат кьолеб нужеца гьелъие?
ХIажимурад Доногъо: Академик Сахаровасда дица абилаан, Кав­казалъул рагъул хIакъикъат лъазе бокьани, Лев Толстоясул «ХIа­жимурад» ва «Чабхъен», «Рохь къотIи» абурал гьитIиналго харбал цIалеян. Гьел асаразулъ мухIканго бихьизабун буго дагъистаниязулги чачаназулги рагъул магIнаги гIурус аскаралъул хьвада-чIвадиги. Шамилил нухмалъиялда гъоркь Кавказалъул рагъ байбихьараб заманалдаго гьев рикIкIунаан гIалхулавлъун, хъачагълъун, мутIигI­лъуларевлъун. Амма гьоркьоб заман анагIан, гьесул хIакъалъулъ пикру хисана: гьев гIакъилав ва пикру камилав рагъул цевехъанги политикги вукIин бичIчIана. 
МахIачхъалаялда бугеб Шамилил памятникалда аскIоб рацIцIалъи гьечIолъиялъул гIайиб буго нилъеда.  
Тарихиял школал гIуцIизе лъиениги гьукъун гьечIо, хасго гьелъул мурадалда гIарацги кьолеб бугони. Гьеб бакIалда ахIдон, рагъун хIасил ккеларо. МухIканал хIужабазул кьу­чIалда хъварал макъалабаздалъун, гIелмиял дандеруссиназдалъун, тIахьаздалъун жаваб кьезе ккола гьединал гIалимзабазул хIаракаталъе.
Суал: Гъуниб магIарда Шамил асирлъуде анищ?
ХIажимурад Доногъо: Буго Горшельтица бахъараб «Шамил асир гьави» абураб сурат. ХIакъикъаталда, гьениб бихьизабун буго генерал Лазаревгун гара-чIвариялъул лахIзат. Шамил асирлъуде инчIо. Гьев ун вукIана къотIи-къай гьабиялъул му­радалда генерал Барятинскийгун дандчIвазе. Амма гьев махсараде ккуна. Гьесда цадахъ рукIарал мурид­забазда, наибзабазда букIараб хIалги бичIчIун, бажаричIо Шамилида рагъ лъугIизабеян абизе. Гьез гьеб иш тIадкъана Шамилил вас ГъазимухIамадида.
ГIемер рагIула дида: Шамил асир­лъуде ине бегьулароанин, Гъуниб магIарда хвезе кколаанин. Дир ццин бахъунаан гьеб рагIидал. Амма ракIчIун абила, Шамил рагъулъ хваравани, гьелго чагIи ахIдезе лъугьинаан, Шамил динияв фанатик вукIанин. 20-ялдаса цIикIкIун соналъ Кавказалда рагъулел рукIарал гIурус генералаздаги офицерзабаздаги тIоцебесеб нухалда бихьана Шамилил гьумер. Барятинскияс гьесда абуна, дур мурад тIубазабизе дихъа бажаруларин ва гьеб тIубазе Петербургалде пачаясухъе вилълъине кколилан. Щивасе къадар Аллагьас хъван букIуна. Бусада хвезе, кьалда чIвазе хъван букIарабаниги, гьелда щибго гьабун бажарулароан. Амма Шамил имам хвана 78 соналъул ригьалда ва вукъана БакъигIалда.
Суал: Шамил имамас лъураб щу­го шартIалда гьоркьоса кинаб тIубазабураб пачаяс? Кинаб шартI цIунун хутIун бугеб  жакъа къоялдаги?
ХIажимурад Доногъо: 1. Дагъистаниял тIамулел рукIинчIо Россиялъул армиялда хъулухъ гьабизе. Советияб власть чIезабизегIан гьеб шартI цIунана, ай жидеего бокьун, яги къотIи-къаялда рекъон гурони, дагъистаниял армиялде рачунароан. Жидеего бокьун рагъде аразул гIуцIун букIана Дагъистаналъул рекIаразул полкги, жидеего бокьун гIахьаллъана гьел Россиялъ турказулгун, япониялъулалгун гьарурал рагъазулъги. 2. Тана исламияб дин гьабизе, гIадат-гIамал цIунизе рес кьуна. 3. Тана хисичIого хъвай-хъвагIай: гIараб мацIалда, гIажам алфавиталда. 4. ХисичIо судалъулаб производство. ЦIунана цогидал шартIалги. Амма миллияб рагIаллъи хIисабалда, цогидалго гIадин, Дагъистаналъеги чанги къварилъи гьабуна. 
Зикрула Илясов: Гара-чIвариялда доб заманалда букIараб психологияб ахIвал-хIалги жакъасел тарихчагIаз жидер тIахьазда хъвалел жалги дандекквезе ккола. Цо-цояз, масала, бицуна Дагъистан Турциялда, Персиялда ва гь.ц. гъорлъе ккарабаниян… Гьел жал Америкаялъул ва цогидал улкабазул тарихчагIаз хъвалел рукIараланиги, бичIчIизе бегьилаан. РакIунтизабулеб буго гьел гIахьучIал Россиялъул гIалимзабаз хъвалел рукIиналъ. Гьелъул мурад ккола цогояб улкаялда гIумру гьабулеб бугеб цогоял гражданаллъун кколеб халкъ дандбазаби.
Нилъер газеталда бахъун букIана Россиялъул генералиссимусазул хIа­къалъулъ хъвараб макъала. 1875 соналда жиндие кьураб гьеб тIадегIанаб цIаралдеги гьелде рекъонкколеб ратIлил формаялдеги Шамилилги Сталинилги букIана цогояб бербалагьи.
ГIабдула ХIажиев: ГIурус шовинизмалъул ва гьелъул тIадецуялъул бицунеб мехалда гIалимзабазухъа ри­тIухълъи цIунун бажарулеб гьечIо. Цо рахъ гурони бихьизабулеб бу­кIунаро гIурус гIалимзабазул хIал­тIабазулъ. Гьебги хIисабалде босун, бичIчIикьеялъулаб хасаб хIалтIи гIуцIизе ккола школаздаги вузаздаги. Шамил имамасул гIаданлъи, батIияб диналъул вакилзабаздеги асирлъуде ккараздеги букIараб бербалагьи бихьизабизе ккола. Инсанияталъул пикруялъ кин къабул гьабизе кколеб рагъда чIварал нилъер муридзабазул, наибзабазул бутIрул Петербургалде ва цогидал шагьаразде ритIиялъул хIужаби? Гьелищ рецц-бакъалъе мустахIикъал ишал? 
Расул МухIамадовас ва цогидал гIалимзабаз бицинегIанго, ХIажи-ГIумар Булачица тIоцебе байбихьана Шамил имамасул хIакъалъулъ бицине – гьебги гIемер чиясда лъалеб гьечIо. Щибаб росулъ руго Шамилил цIар кьурал васал – гьебги ккола нилъеца гьесул адаб гьабиялъул хIужа.
Суал: Кавказалъул халкъазда тIад михир бачарал генералазе – Ермоловасе, Барятинскиясе ва цогидазе церего лъун руго памятникал. Щай лъолеб гьечIеб Шамил имамасе памятник? 
Зикрула Илясов: Гьеб суал цебелъун букIана МухIамадгIали МухIамадов нухмалъиялда вугеб заманалда. ХIадурун букIана проект, эскиз, жибго памятник. Амма бергьана динияб пикру ва гьелдалъун хабар лъугIана. Гьанжеги борхулеб буго гьебго суал. 
Гъайирбег ГIабдулаев: Дагъистаналда гьеб лъолеб бугони, лъезе ккола тахшагьаралъул аслияб майданалда.
ХIажимурад Доногъо: БатIи-батIияб букIуна памятник. Шамилие гьеб лъолеб бугони, чара гьечIого инсанасул сипаталда букIине кколаро. БукIине бегьула си, хъала ва гь.ц. Гьединаб памятникалда рази вукIина дун. БатIияб памятник лъолеб бугони, исламияб Дагъистаналда халкъалъул цо бутIа дандечIезе бегьула. ХIажат бугищ гьеб жакъа? Чода рекIарав имамасул памятникалъул эскизалъухъ валагьана дун – кинабгIаги асар гьелъ гьабичIо. Шамилил магIна, кIвар, къуват, гуч бихьизабулеб эскиз дида жеги бихьичIо. 
Суал: Нилъ Россиялъул гражданал рукIинги хIисабалде босун, гьанжезаманалъул жамгIияталъ щиб босизе бегьулеб Шамилил ирсалдаса ва щиб кIочон тезе бегьулеб?
Зикрула Илясов: 1. Рекъел цIу­низе кколеблъи бичIчIизе ккола. 2. Дагъистаналъул халкъазул цолъи цIуни. 3. ГIурус халкъалъулгун вацлъиялъул бухьен тIезе бегьунгутIи: АхIулгохIда цоцалъ жубанин гIурус Иванилги магIарул МухIумилги биян хъвана ХIамзатил Расулица. Улкаялъул цолъи цIунизе ккола нилъеца.
Гъайрбег ГIабдулаев: Жам­гIия­талъул аслияб бутIа буго гIолилал. Гьел жакъа рукIуна Интернеталда, те­лефоназда. Гьенисан щолел баяназ куцалеб гIел буго гьеб. Гьединлъидал, гьел сурсатазда ритIухъал баянал рукIинариялда тIад хIалтIизе ккела.
ХIажимурад Доногъо: ЧIухIарал рагIаби абиларо. Гьеб рагъул баяназулъа дир бер тIаде цIалеблъун ккола инсанасул къисмат – Шамилил, наибзабазул, муридзабазул, руччабазул, лъималазул. Гьеб рагъулъ хвана лъикIаздаса лъикIал нилъер гIадамал. Ханжаргун рахъунеб заман ана – хIажат буго бахIарчиял – гамачI гIадал – умумузул мисалалда гIолилал куцазе. Щивас байбихьизе ккола жиндирго хъизамалдаса.
Шамилил кумекалдалъун щвана Барятинскиясе чиналги шапакъаталги. Гьес абуна «Киналго рахъазул хIисаб гьабуни, Шамил вуго дунявияв инсанилан». Шамилие хIажат букIинчIо бечелъиги, батIи-батIиял нигIматалги, сверухълъиялда цIар тIибитIиги – гьесие гIун букIана чедгун хIан, тIехь цIализе рес ва хъизамалъул адаб-хIурмат. Гьеле гьединаб мисалалда куцазе бегьула гIолилалги.