Тарбия кьей

Гьеб къо бачIиналъухъ ялагьун чIун йикIана Ленаги. Гьелда рагIулаан цадахъ цIалулел ясаз бицунеб бусурбабазул байрам КIалбиччанкъоялъул. Гьелъиеги бокьун  букIана цIияб берцинаб гордеги ретIун, кIудияб къвачIаги босун, ясалгун цадахъ тира-сверизе ине. 

 

Рокьун рукIана гьелъиеги КIал­биччанкъоялъул сайгъатал. Банти­калгиха гьелъ росарал, Наидал гIа­дал. Туфлабиги рукIана гьелъул Ма­рямилалда релълъарал. Написатил   гIадаб таргьаги баччана гьелъ. Киназдасаго берцинайги лъугьана Лена: зобгIан хъахIилал бералги, кIургI-кIургIарал хъахIал расалги, кIибикьараб нилъуги, елъулелъул, кIаркьабазда лъугьунел гьитIиналго гвендалги, цIурмил гIадаб гьаракьги. Амма щаялиго ясазе  Лена цадахъ ячине къабуллъичIо. Бихьулищха Жапаратил  эбелалъ абун буго Лена бусурманай яс гурин, гьейги цадахъ ячун тирани, щвараб жоялдаса баракат бахъулилан. Цинги Жапаратицаги  гьеб киналго ясазда бицун буго. Рокъое тIадюссинеги бокьичIо берзул нур свинедухъ къачIан йигей Ленае. Гьей ясазда хаду-хадуй йикIана- гьелда лъалареб букIиндалха щиб абизе кколебалиги, кие ине кколеялиги. Жалго щвара-щваралъурги абулеб букIана ясал-гьудулзабаз Лена гIурусай йигила. Ясазул рагIаби ритIухъ гьарурал киниги, чIахIиязги Ленае цIакъго мукъсанал сайгъатал кьолел рукIана. Ясазул тургьби цIолел рукIана. Ленал таргьинир абуни, дагьа-макъалго конфетал ру­кIана. Лена рокъое тIадюссана. Ясазда ракIалдецин ккечIо жидеего щвараб жоялъул кинаб букIаниги сайгъат гьелъие кьезе. Яс йихьарабго, бичIчIана Любада  байрамалъулги Леналги ккараб. Гьелъ гIодое йичча­заюлей йикIана яс, КIалбиччанкъо нилъер байрам гуриланги абун.
Заманалдасан тIаде щвана гIу­русазул байрамги. Лена бусадаса яхъи­налде, Любаца ясалъухъ школалде ритIизе хъухъанчадалги тIу­на, конфеталги тортги жанир лъун, таргьаги хIадурана. Лена жиндирго беразда божулей йикIинчIо. Гьей лъугьана  КIалбиччанкъоялъул байрамалдаса жийго ячIараб куц бабада ракIалде щвезабизе:
— Баба, баба! Дуда кIочонищ тараб дир чIобогояб таргьа, — йилан, магIил цIурал бералги къапезарулаго, ахIу­леб букIана Ленаца. Амма Любаца ясалда бичIчIизабуна квешлъиялде данде лъикIлъи гьабизе кIварав чи вугила дунялалда бищунго лъикIав чийилан. Бабаца кьурал сайгъаталги росун, Лена школалде ана. Гьелъ классалъул киналго лъималазе ращад гьарун рикьана хъухъанчадалги, тортги, конфеталги. Написатги, Марямги, Наидаги, Жапаратги, абизе рагIиги бачIунарого, руцIцIун чIун хутIана.