Кагътица сапаралъ ахIана

Республикаялъул травматологиябгун ортопедикияб централъул административиябгун магIишатияб бутIаялъул бетIерав тохтурасул заместитель Рамазан Эскиевас редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Нижер центр рикIкIуна республикаялъул сахлъицIуниялъул идарабазда гьоркьоб медицинаялъул хIалтIухъабазе бищунго захIматаб ва хIалуцараб хIалтIул бакIлъун.Къасиги къадги медицинаялъул хехаб кумекалъул ва жалго бетIергьанал машинабаз централде рачун рачIуна лъукъарал, гьабзаз хIанчIарал ва цогидал къварилъаби ккарал унтарал. ГIемерисезул гIумру ва сахлъи бараб букIуна тохтурасул хехаб кумекалда. Амма гьелъие кIудияб квалквал буго централда цебесан унеб ЦI. ХIамзатил цIаралда бугеб къватIалъул кIиябго рахъалдасан эхетарал машинабазул. Щайгурелъул гьез  квалквал гьабула унтаравгун бачIунеб хехаб кумекалъул машина кавабазде аскIобе бачине, гьев каталкаялда яги носилкаялда лъезе ва жаниве восизе. АхIи-хIуралда, къацандиялда уна къиматаб заман, кватIула унтарасе гьабулеб тохтурасулаб кумек ва хIинкъи букIуна унтарасул гIумруялъе. Гьеб масъалаялъул хIакъалъулъ нижеца хъвачIеб идараги гIарз гьабичIеб бакIги хутIичIо, амма лъилго кумек щвечIо, долго машинаби дораго руго. «ХIакъикъаталдаги» хъван, бугеб масъала халкъалда рагIизабуни хIасил ккезе бегьулин абураб хьул буго», — ян.
ХIакъикъат баян гьабизелъун щвана гьениве, ва централде рачIунел нухазда чIарал машинабазул бугеб квалквал бихьизелъун Рамазаница тIубараб экскурсия тIобитIана. Расул ХIамзатовасул къотIноса централде сверулеб бакIалда бугеб токалъул хIобода чIван руго хасал хъулухъазул машинаби гурони гьеб рахъалде сверизе гьукъулин ва гьенир лъалхъине бегьуларин абурал гIаламатал. Гьениб гIагарлъухъ кидаго чIун букIуна ГАИялъул нарядги. Рамазаница бицухъе, гьелги «регIулел» рагIуларо гIадлу-низам гьабизе. Рамазаница дун вачана Оскарил цIаралда бугеб къотIноса ЦIадаса ХIамзатил къватIалде, ай централде машинаби сверулеб бакIалде. Гьеб буго гIемер машинаби хьвадулареб бакI, амма гьеб свериялъул кIиябго къватI жубалеб бакIалда бугеб хIобода чIван буго тIадехун машинаби сверизе бегьуларин абураб гьитIинабго гIаламат. Унтарасухъе хехаб кумекалъул машина бачIине яги гьев централде вачине ккани, сверизе кколеб буго  тIубараб микрорайон. «Гьаниса тIаде машинаби хьвадиялъул сундуе ва лъие квалквал бугеб?» — абун кьураб дир суалалъе Рамазаница гьадин жаваб кьуна: «Квалквал гуро бугеб, «ГАИялъул хIалтIухъаби-хIалчIахъадазе» гьелъул квегIенлъи буго», — ян. 
Хадуб Рамазаница дихъе кьуна, машинабазул бугеб бетIерунти тIаса босизе кумек гьабеян гьарун, МахIачхъала шагьаралъул бетIер Муса Мусаевасухъе централъул коллективалъ хъвараб кагъатги (сураталда). Гьадинаб кагъат мэрасухъе битIун буго лъабго нухалда, амма «гьесухъа я жаваб, я салам» щун гьечIо. 
Хехаб кумекалъул машинаялъул шофер МухIамад Асадулаевас бицана: «ЗахIматго лъукъарав чи вачун централде цеве щведал, шагьрабакьулъ лъурал машинабаз, травмпункталде нух къан батула. Цинги машинаялъул хважаин валагьулаго уна заман. Унтарасул гIагарал чагIазулги доб машинаялъул хважаинасулги ккола къваригIел гьечIеб хабар, камуларо рагъ-кьал ккараб лъугьа-бахъинги. Лъукъун яги цоги къварилъи ккун полициялъул, прокуратураялъул, судалъул яги тIалъиялъул хIаким централде ккани, полициялъулаз тIасан — Малыгинил къватIалдасанги, гъоркьан — ХIамзатовасул къватIалдасанги нухал къала. Гьеб ккола хIакимзабазул гIадатиял гIадамаздехун бугеб бербалагьи».
Централъул бетIерав тохтурасул заместитель ГIабдурахIман ХIасановас гьеб масъалаялда бан гьадин бицана: «Центр хIалтIула къаси-къалъи цIехечIого. Сордо-къоялда жаниб гьаниве вачIуна 90-100 унтарав. Гьезул  гIемерисел рукIуна авариязда захIматго лъукъарал. ЗахIматго лъукъарасе цо-кIиго минуталъ тохтурасул кумек кватIани, гьев хвезе бегьула, гьелъул гIайибин абуни, гIайибго гьечIев тохтурасде щола».
Централъул травматологияб пункталъул заведующий Мирза Удаевас абуна: «Цо-цо машинаби мехелаз  централда цереса нахъего рачунаро. Щайгурелъул гьезул бетIергьабазда лъала гьаниб гьезда квер хъвалев чи вукIунаревлъи ва цIунаралъулъ мухьги кьезе кколареблъи.
Цо-цо бахьикъосаз, жидерго машина травмпункталъул нуцIида цебе лъола. Каталкаялда яги носилкаялда вугев унтарав вукIуна травмпункталде жанибе нух щоларого, унти хIехьезе кIоларого гIакъубаялда, гьесул гIагарлъи абуни, ахIи-хIуралда машинаялъул хважаин валагьулев, гьевгун дагIба-рагIиялда».
Нижер хабар рагIарав АхIмадов Ислам абулев гIолохъанчиясги гьабуна гьадинаб гIарз: «Лъабго къоялъ цебе МахIачхъала-Каспийск шагьранухда авариялде ккана дунги, дир гьитIинав вац ГIумарги. Дие бицине гIураб къварилъи ккечIо, амма ГIумар  захIматго вукIана. Хехаб кумекалъул машинаялда рекIун травмцентралда сверулаго, нух бакьулъ чIезабун батана чIухIараб машина. «Скораялъ» кигIан сигнал кьуниги, машинаялъул шофер ватичIо. Гьенир нижехъ балагьун ратарал гIолохъабаз, носилькаялдаги лъун, вац рикIкIадаб манзилалъ травмпункталде восизе ккана. Хадуб долго гIолохъабаз валагьун иномаркаялъул хважаинасе гьеб бакIалдаго «кьварараб массажги» гьабуна».
 
ХадурагIи
Кинго бичIчIуларо гьеб масъала тIаде кколеб ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ ахIиги бахъинабун, щай гьелъие ахир лъоларебали. Щибаб къоялъ централдаса 50-70 метралъ рикIкIад бугеб ГАИялъул кIиябго нарядалъ щай гIадлу гьабулареб машинабазул бетIергьабазе?  
Лъабго нухалъ кумек гьарун, официалияб кагъат хъваниги я жаваб кьолареб яги хIукму къотIулареб МахIачхъалаялъул мэриялда лъолеб цIар щиб? Республикаялъул тахшагьаралъул бакьулъ бугеб централда цебе машинабазул гIадлу гьабизе бажаруларел тIадчагIаз рикIкIад ругел районазда ва росабалъ щиб гIадлу гьабулеб?!