«ХIакъикъат» газеталъул бихьиназул рахъалдасан Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурматиял руччаби! Нуж мустахIикъал руго Микьабилеб марталъ гуребги, Аллагьас кьурабщинаб къоялъ нижеца, ай бихьиназ, кIодо гьаризеги, рохизаризеги, адаб-хIурматалда рехсезеги. Нуж мустахIикъал руго гьаб ракьалда тIад ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечIониги. Нуж руго, хIурматиял руччаби, калам хIалималги, хIалкIолъи...
