Эбелилан абун, Аллагьас йижун, ракьалде биччараб Бичасул хIикмат

«ХIакъикъат» газеталъул бихьиназул рахъалдасан

 

Гьаб ракьалда тIад бугебщинаб берцинлъиги, гьайбатлъиги, хIеренлъиги, чалухлъиги, чергеслъиги БетIергьанас барахщичIого кьурал хIурматиял руччаби! Нуж мустахIикъал руго Микьабилеб марталъ гуребги, Аллагьас кьурабщинаб къоялъ нижеца, ай бихьиназ, кIодо гьаризеги, рохизаризеги, адаб-хIурматалда рехсезеги. Нуж мустахIикъал руго гьаб ракьалда тIад ругелщинал тIугьдузе, нужедаса берцинал гьел гьечIониги. Нуж руго, хIурматиял руччаби, калам хIалималги, хIалкIолъи бугелги, тIегьлъун кенчIолелги, зазлъун хIенчолелги, канлъи бикьулелги, ханлъи бекьулелги, рокьуе мукIуралги, гIанчIал ракIазул, гогьаб гьимидул, къо ккедал, бахIарчиял, хIал ккедал, бихьинчиял, бухIараб цIорозабизе, цIорораб бухIизабизе кIолел, гIодизе малъизеги релъизе гьукъизеги кIоларел, БетIергьанас дунялалде битIараб инсанияталъул гьайбатаб ва камилаб бутIа. БухIун щвараб бакъудасаги гьалаглъун балеб горо-цIералдасаги кIудияб гъветIалъ цIунулел гIадин, нужецаги цIунула ниж, бихьинал, квешабщиналдаса, кигIан кIудияб кьуру цебе букIаниги, гьеб кьвагьунги, нух бахъула нужер цо рагIуца. Умумуз абухъе, нужер хIатIикь буго алжан. Гьениб бакI щвеялдаса талихIал руго нижги!