Анкьил хIасилал

Жаваб кьезе ккола щивас

 

ДРялъул хIукуматалъул данделъиялда бицана хасалиде
хIадурлъиялъул хIакъалъулъ

Данделъи тIобитIана ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас. 2017-2018 соназде республикаялъул ЖКХялъул магIишат хIадур гьабиялъул масъалаби церелъуна гьенир.
ДРялъул бакIал раялъулги, архитектураялъулги, ЖКХялъулги министрасул ишал тIуралев Ибрагьим Казибековас бицана, 15 октябралдаса нахъе хинлъизарулел ругин республикаялъул шагьаразулги муниципалиял районазулги социалиял бакIал. «МахIачхъалаялъулги, Гъизляралъулги, Каспийскалъулги, Хасавюрталъулги, Южносухокумскалъулги, Избербашалъулги, Дербенталъулги гIемертIалаял минабахъе хинлъи кьолеб буго. Амма муниципалитетазда хашго гурони бакIарулеб гьечIо коммуналиял хъулухъазухъ мухь. ТIоцебесеб октябралде хIалтIизабураб газалъухъги (кIиго млрд гъуршиде) токалъухъги (цо млрд гъуршиде) бахана ЖКХялъул идарабазул налъи. Гьелъ зарал гьабизе бегьула хасалил заманалда, гьединлъидал масъала хехго тIубазе ккола», — ян абуна гьес. Масъала тIубалеб нухлъун министрас рехсана пачалихъалъулги хасал предпринимателазулгун бухьен гIуцIи. Гьеб къагIида лъикI хIалтIулеб буго Буйнакск, Гъизилюрт ва Южносухокумск шагьараздаянги абуна.
Владимир Васильевас абуна, Дагъогни шагьаралда лъикIаб хIал гьечIин: хасалоде минабиги, котельниялги, трансформаторазул станциялги хIадурлъиялъул рахъалъги, лъелгун токалъул мухъал хисиялъул рахъалъги нахъеккей буго гьениб. «МахIачхъалаялдаги, Дербенталдаги, Дагъогниялдаги, Гъизляралдаги ЖКХялъул бакIазда къварилъи ккани, гьеб рукIалиде ккезабизе санагIатал шартIал гIуцIун гьечIо. Хисизе ккола Дербенталда, Избербашалда, Буйнакскалда, Хасавюрталда, МахIачхъалаялда ругел социалиял объектал токалдалъун хьезарулел трансформаторалги цогидал алаталги. Гьелдаса лъикIаб хIал гьечIо Агъул, Бабаюрт, Дахадаев, Казбек, Хайдакъ, Гъизляр, Нугъай ва Тарумовка районазул больницабаздаги. Гьалмагъзаби, гьеб буго нилъер ва нилъер гIага-божаразул сахлъи.
Шагьаразда тIуранго хисизе ккола котельниязул къайи-алатал. Нуж руго инспекция ва нужедаса тIалаб гьабизе буго жавабчилъиги. Гьаниб бицен гьабурал киналго масъалаби тIуразаризе тIадаб буго жакъа гьанир гIодор чIаразда. БатIияв чи вачIунаро гьеб хIалтIи гьабизе. Лъица лъим жиндие кьолебали ургъел гьечIо пуланав чиясе. Гьесие къваригIун буго краналдаса бацIцIадаб лъим бачIине. Гьелъул жаваб кьезе ккола хIукуматалъ, ай дицаги нужецаги. Гьедин гIуцIараб букIине ккола нилъер хIалтIи. Гьелде хIадурлъун рукIа нуж», — ан абуна Васильевас.
Лъимал гьари цIикIкIиналъулги гьитIичал холел рукIиналъулги суа­лалда тIасан данделъи­ялда кIалъана ДРялъул сахлъи­цIу­ния­лъул министрасул ишал тIуралев Танка Ибрагьимов. ДРялъул хIуку­маталъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас абу­на, аслияб масъала кколин, рес­публикаялда разе байбихьарал сах­лъицIуниялъул объектал ран ра­хъинари.