ЦIияб хъулухъ

Барки

19 октябралда Россиялъул президент Владимир Путиница тасдикъ гьабураб указалда рекъон, Дагъистаналъул бетIерлъун вукIарав Рамазан ГIабдулатIипов тIамуна Каспиялъул регионалъул улкабазулгун гуманитариялги экономикиялги бухьенал гьариялъул рахъалъ РФялъул президентасул хасав вакиллъун.
«ХIакъикъаталъул» редакциялъ Рамазан ГIабдулатIиповасда баркулеб буго цIияб хъулухъги, гьарулеб буго гIагараб ракьалъулги кIудияб улкаялъулги цебетIеялъе гIоло гьабулеб хIаракаталъулъ икъбал.