Социалияб рахъалде кIварбуссараб

Бицана 2018 ва 2019-2020 соназде республикаялъул бюджеталъул хIакъалъулъ

 

Гьелда бан, тIобитIана ДРялъул хIукуматалъул данделъи. Гьенир гIахьаллъана ДРялъул премьер-министрасул хъулухъ тIубалев ГIабдусамад ХIамидовги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, Дагъистаналъул ХIисабалъул палатая­лъулги УФСНалъулги (Налогал ракIариялъул федералияб хъулухъа­лъул управление) вакилзабиги.

ТIасияб соналъул бюджет гIу­цIулеб мехалда, Дагъистан Республи­каялда тIалъулел социалиял тIа­деросиял тIуразаризе кколин ва гьеб рахъалъ налъигун цIияб финан­совияб лъагIел байбихьизе бегьуларин лъазабуна данделъиялда ГIаб­дусамад ХIамидовас. Россиялъул президентасул «маялъул указал» тIу­разариялдеги социалиял объектал ран рахъинаризе ккеялдеги кIварги буссинабуна гьес.
2018 соналде ва планалда рекъон – 2019-2020 соназде ДРялъул бюджеталъул хIакъалъулъ законалъул проекталъул бицана республикая­лъул финансазул министрасул ишал тIуралев Юнус СагIадуевас. Гьес абухъе, тIасияб соналда бюджеталде щвезе бегьула 103 млд гъуршидаса гIемер гIарац. «Гьелъул бутIалъун ккола федералияб бюджеталдаса бачIине бугеб 71,2 млрд гъуруш (дотациязул бутIа – 5,4 млрд гъуруш, субвенциязул – 6,5 млрд гъуруш ва гь.ц.). БачIине ккола 23,9 млрд гъуршил налогазул бутIаги. Бюджет хIадурун буго дефицит гьечIеблъун», — ан бицана гьес.
Бюджеталъул проекталда рекъон, аслияб къагIидаялда гIарац харж гьабизе буго социалияб рахъалде: коммуналиял бигьалъабазухъги, бухьеналъухъги, социалиял идарабазда кванил нигIматаздалъунгун дарабаз­далъунги хьезариялде, «Земский док­тор» абураб программаялда ре­къон гьарурал тадбиразухъ гIарцул налъи бецIиялде, бигьалъаби гьаризе кколел гражданазе гIарац кьеялде ва гь.ц. ГIарац кьезе буго лъималазул кванил нигIматазухъги.
Финансазул министрас абуна, республикаялъул бюджеталде бачIинехъин бугеб хайира­лъул цIикIкIарасеб бутIалъун кко­лила гIадамазухъаги (39%), цIатариялъухъгун мехтизарулел жалазухъ акцизазухъги (27,4%), хайиралде тIаде лъолебги (16,5%), батIи-батIиял идарабазул мулкалъухъги бакIарулеб налог. Налогазулги налогазул гуребги гIаммаб хайиралда гьоркьоб налогазул гуреб хайиралъул бутIа буго 2,7 процент. ТIасияб соналда гьеб бутIаялъул хайир бахине бегьула 632,6 млн гъуршиде, ва гьелда гьоркьобе ине буго пачалихъияб мулклъун кколебги, ижараялъе кьуралги бакIазухъ бакIаризесеб налог, гьединго пачалихъияб мулкги ракьул бутIабиги ричун щвараб гIарацги, пачалихъияб мулклъун рикIкIунел акцизазухъ щвезесел дивидендалги цогидаб гIарацги.
Сунде харж гьабизе бугеб?
ТIоцебесеб иргаялда, «маялъул указал» гIумруялде рахъинариялде ва гьел указазда бицен гьабулеб роценалде бюджетиял хIалтIухъабазул моцIрол харжал ккезариялде.
Республикаялда экономикияб хIал­къай букIиналда бан, ракIалда гьечIо чIахIиял, ай гIемер гIарац харж гьабизе кколел тадбирал гIу­цIизе.
2018-2020 соназде хIадурараб бюджеталъул проекталдаги аслияб кIвар буссинабун буго, МРОТ цIикIкIинабиялда бан, моцIрол харжазде гIарац биччаялде; планалда бихьизабураб лъагIалил декабралъул кIиабилеб бащалъиялде тIолалго бюджетиял хIалтIухъабазе моцIрол харжал кьун рахъинариялде; 2018 соналъул тIоцебесеб сентябралдаса нахъе лъайкьеялъул идарабазул студентазул стипендия ункъо проценталъ цIикIкIинабиялде; 2017 соналда къабул гьарун рукIарал роценазул къадаралда коммуналиял хъулухъазухъги бухьеналъухъги бигьалъаби гьариялде; социалиял идараби кванил нигIматаздалъунги дарабаздалъунги хьезариялде ва цогидалги социалиял программабазде.
Программаби гIумруялде рахъинариялде
Бюджеталдаса харжги гьабун, гIумруялде рахъинаризе руго гьал хадусел пачалихъиял программаби: «Терроризмалъул идеологиялде дандечIей», «Дагъистан Республикаялда диниял идарабазулгун бухьенал гьариялъулги гьезие пачалихъияб квербакъиялъулги хIакъалъулъ», «Рищватчилъиялде дандечIеялъул хIакъалъулъ», «Пачалихъияб гражданияб ва муниципалияб хъулухъ цебетIезаби». «2018-2020 соназда пачалихъияб миллияб политика гIумруялде бахъинаби» абураб ДРялъул пачалихъияб программа гIумруялде бахъинабизе буго, федералиябги республикаялъулабги бюджетазул цадахъал харжалги гьарун.
Бюджеталъул хIакъалъулъ пик­раби загьир гьарулаго, данделъиялда бицана учительзабазе кьолел моцIрол харжазулги, ижараялъе кьурал спортзалазулги, гьезул пайдаялъулги хIакъалъулъ. Масала, ГIабдусамад ХIамидовасул пикруялда, учительзабазе харжал кьеялъул рахъалъ цогидал регионаздаса нахъеккей гьечIо нилъер. Амма, цого учителас батIи-батIиял дарсал кьолеб мехалда, камилаб лъай щвеялде щаклъизе бачIунин абуна гьес. Щаклъизе бачIуна, гьес абухъего, гъирабазабиялъул бутIаялъул гIарац бикьулеб къагIидаялдаги.
Хизри ШихсагIидовас абуна, лъайкье­ялъулги сахлъицIуниялъулги ида­ра­базул нухмалъулезе щолин хIал­­тIухъабазулалдаса чанцIулго цIи­кIкIа­раб моцIрол харж. Гьеб ме­къаб иш кколин рикIкIана гьес.
Налъиги – бюджеталъул бутIа
БахIсалда гIахьаллъана ДРялъул ракьулги, мулкалъулги, дармил суалазулги министрасул ишал тIуралев министр Руслан МухIамадовги. Гьес гьадин бицана 2018 соналда республикаялъул бюджеталде щвезе бегьулеб хайиралъул хIакъалъулъ: «Налогазул гуреб бюджеталъул бутIаялде щвезе буго: ижараялъе кьураб мулкалдаса – 362,9 млн гъуруш, ДРялъул мулклъун кколеб бутIаялдаса – 85 млн гъуруш, ижараялъе кьурал ракьаздаса – 78 млн гъуруш ва пачалихъиял идарабазул бутIаялдасаги 9-10%. Жаниб гIумру гьабуларел объектал ижараялде кьеялдалъунги щвезе буго 50 млн гъуруш. Налогазул гуреб бюджеталъул хайир цIикIкIинабиялъул мурадалда министерствоялъ ижараялде кьезе­хъин руго хIалтIизаричIого хутIулел бакIалги. Гьел ратана, пачалихъияб мулкалъул инвентаризация гьабулаго.
Газалъул гьинал ижараялъе кьеялдалъун, 2018 соналда бюджеталъе щвезе буго 312 млн гъуруш, ракьазул ижараялъухъги – 78 млн гъуруш, пачалихъияб мулк бичун – 110 млн гъуруш.
Рехсарал хIужабазул кьучIалда, дида ракIалде ккола, 2018 соналъул бюджет нилъехъа тIубазабун бажарилин. ГьабсагIаталда, ай тIоцебесеб октябралде, газалъул гьиназухъ нилъее кьезе кколеб налъи бахуна 737,2 млн гъуршиде. Гьебги рикIкIине бегьила бюджеталъул нахъраталил бутIалъун».
Муса Азаев