ЧIагояб классика

Музыкалияб фестивалалда —  хореографиялъулаб драма «Имам Шамил»

 

27 ноябралда ГIурус театралда бихьизабуна СССРалъул халкъияв артист Мурад Кажлаевасул музыкаялда Россиялъул мустахIикъав артист Муса Оздоевас лъураб «Имам Шамил» абураб балет. АнцIила кIиабилеб нухалдаги дагъистаниязда ракIалдещвезабуна ватIаналъул бахIарчиял васаз бидуца хъвараб тарих.
Пардав рагьарабго, цере рачIуна лъабавго имам: ГъазимухIамад, ХIамзатбег, Шамил. Гьез Дагъистаналъул тарихалда тана хасал лъалкIал. Балет гIуцIун букIана 17 бутIаялдаса. Балеталъул байбихьуда — гIодобе биччараб магIаруллъи. Жиде-жидер хIалтIи-пишаялда гIадамал. ГIадатаб магIарул хъизамалда гьавула хадуб гIадатав гуревлъун вукIине вугев вас. Гьесда лъола ГIалиян абураб цIар. Амма унтидал, гьеб цIар хисана. Ва гьале нилъеда цеве — Шамил. Хадуб — кинабалиго хIинкъараб багъа-бачари. ВатIаналъе хIинкъи букIин лъазабулел гIаламатал. ГъазимухIамад ва Шамил. Шамил имамлъун вищи. Гендерил росдал эркенлъиялъе гIоло рагъал. Лъукъарав имам. Гьесулги эбелалъулги дандчIвай. Гьей хIинкъулей йиго васасул гIумруялда. Амма Шамилица гIагарал мугIрузе гьа бала тушманасдаса ракь эркен гьабизе гIоло.
АхIулгохIда унеб буго вахIшияб рагъ. Тушманасухъе кверде инегIан, хвел тIаса бищулеб буго бахIарчиял мугIрул руччабаз. Балагьаразе цIакъго кIудияб асар гьабуна гIурусазухъе гъоркьлъалие Шамилил вас ГъазимухIамад кьолеб лахIзаталъ. МугIрулцин гIодилел рукIараб гIадаб хIал букIана васасул эбелалда.
Гьале асирлъуде росарал гуржиязул бикаби. Гьезухъ Александр КIиабилес асирлъудаса эркен гьавула Шамилил вас Жамалудин.
Хадусеб бутIаялда — Шамил ва ШугIайнат. Гьеб лахIзаталъ бицунеб букIана дунялалда рагъал гурелги, рокьиги букIин.
Гьанжеги цIидасан байбихьана рагъ. Гьаб нухалда — борхатаб Гъуниб. Ва гьале Кавказалъул рагъул пашманаб ахир — Шамил ана асирлъуде.
Санкт-Петербург. Александр КIиабилес Шамилие кьола меседил хвалчен. КIудияв Имам — гIурусазул балалда. Амма гьесул берал цIакъго пашманго руго. Гьесие асарго гьабулеб гьечIо жиндехун гIурусазул бугеб лъикIаб бербалагьиялъ.
Ва ахиралдаги цере рачIуна лъабавго имам — ГъазимухIамад, ХIамзатбег, Шамил…
Балеталде рачIун рукIана гьелъие хъвараб музыкаялъул автор Мурад Кажлаевги ва Дагъистаналъул культураялъул министарсул ишал тIуралей Зарема Бутаеваги, МахIачхъалаялъул школазул цIалдохъабиги республикая­лъул вузазул студенталги.

 

*** 

Миллияб музеялъе — сайгъат
Лаваша районалъул Гъоркьа ЧIугIли росулъа палеонтолог ГIумар ХIапизовас Дагъистаналъул миллияб музеялъе кьуна ихтиозавралъул хутIелазул копиял

ГIумарида гьел ратун рукIана ГIахъуша росдал рагIалда, Чурчума абулеб бакIалда. 100-300 миллион соназ цере рукIарал гьезул хутIелазул копиял гьаруна ГIахъуша росдал музеялъул директор Зубалжат Мирзаевалъу­л жигарчилъи­ял­далъун ва рес­­пуб­ликаялъул Хал­­къияб Собра­ния­лъул депу­тат Руслан ЯрахI­мадовасул кумекалдалъун. Тадбиралда гIахьаллъана РАНалъу­л ДНЦялъул нухмалъулев МуртазагIали ХIажиевги, ДНЦялъул ИИАЭялъул директор МахIач Мусаевги, институталъул кIудияв гIелмияв хIалтIухъан Рабадан МухIамадовги, республикаялъул миллияб музеялъул директор Пахрудин МухIамадовги, цогидалги. Пахрудин МухIамадовас, тадбиралда гIахьаллъаралги разилъун, хIукму гьабуна ГIумар ХIапизовасул музей пачалихъалъулаблъун гьабизе. ГIахъуша районалъул бетIер АхIмад МахIарамовас абуна районалъул музеялъе хасаб мина кьезе бугилан.

Церерахъин

Гьудуллъиялъул кьо
МагIарул театралда концерт бихьизабуна
гьеб театралъул артистазги ГIурус-Мартан
районалъул гьунарчагIазги

Гьеб цадахъаб проект гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ бицана МагIарул театралъул директор МухIамадрасул МухIамадрасуловас. Театралъул зал кьабун цIун букIана. Гьалбадерие чIвалеб хъатил гьаракь гьоркьоса къотIулеб букIинчIо. Чачаналдаса гIисинал гьунарчагIаз ахIана МухIамад аварагасул гIумруялъул хIакъалъулъ нашидалги мавлидалги. Гьел сайигъат гьарун рукIана авараг гьавураб хирияб моцIалъе. Гьединго рихьизаруна гьез жидерго миллиял кьурдабиги, ахIана гIагараб мацIалда кучIдулги. РагIабаздалъун цоцазда ричIчIулел рукIинчIониги, бихьулеб букIана дагъистаниязулги чачаназулги гьунарчагIаз кIиябго республикаялъул халкъ гьудуллъи-вацлъи цIунизе ахIулеб букIин. Гьединаб букIана тадбиралъул ахIиги- цIуне гьудуллъи абураб. Цадахъаб проекталда рекъон, гьединабго тадбир, театралъул артисталги гIахьаллъун, кватIичIого тIобитIизе буго Чачаналдаги.