Новость на родном

Диана Гурцкая – Дагъистаналда

Бесдаллъималазул ва сакъатазул ургъалида 18 апрелалда Дагъистаналде ячIана Диана Гурцкая. Гьей ккола РФялъул мустахIикъай артистка, ЖамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб хъизама­лъул, лъималазул ва улбузул масъалабазул рахъалъ комиссиялъул нухмалъулей. МахIачхъалаялъул аэропорталда гьелда дандчIвай гьабуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулесул тIоцевесев заместитель Анатолий Карибовас ва захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул рахъалъ министр Изумруд Мугудиновалъ. Д. Гурцкаялъ бицана МахIачхъалаялде ячIиналъе гIилла кканин канлъукъал...

Новость на родном

Данделъи

ЛъикIал хIасилалги гIемерал масъалабиги СагIудиязул ГIарабиялдецин бегьула хер бичизе Халатбахъараб ракъдаллъиялъ ва цIакъго кIудияб гIатIилъиялда тIибитIараб гарцIалъ гIемерал квекIенал гьаруниги, гъоркьиса нилъер росдал магIишаталъ рихьизаруна лъикIал хIасилал. Гьелъие нугIлъи гьабула гьадинал баяназги: могьолал культурабазул (ролъ, пурчIина, пиринчI, цIоросаролъ) бакIарана 359,5 азарго тонна (пачалихъияб программаялъ бихьизабуралдаса щуазаргоялъ цIикIкIун), 173,3 азарго тонна цIолбол (2017 соналде дандеккун 103,4...

Новость на родном

Журналистазул мажлис

Тарихазул технологиязул заман Данделъиялда гIахьаллъана азаргоялдаса цIикIкIун чи тазул VI халкъазда гьоркьосеб форум тIобитIана 5-6 декабралда Грозныялда. Гьелда гIахьаллъана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакиласул заместитель Сергей Стариковги, Северияб Кавказалъул регионазул нухмалъиялъул вакилзабиги, журналисталгун блогералги. Форумалда гIуцIун рукIана щибаб республикаялъул СМИязул майданал. БукIана гьениб Дагъистаналъул бокIонги.Форумалъул гIахьалчагIазде хи­тIаб гьабулаго, Сергей Стариковас гьадин абуна: «Нилъер форум кIодолъулеб...

Новость на родном

Экстремизмалде данде

Каспийскалда тIобитIана «Россия – исламияб дунял» абураб стратегияб къокъаялъул дандеруссин   Дандеруссиналъул аслияб мурад ккола Россияги исламияб дунялалъул улкабиги цадахъ лъугьун терроризмалъул хIинкъиялде данде къеркьей. Данделъиялда хасаб кIварбуссинабуна, гьеб ишалъулъ гIолилал гIахьал гьариялъул мурадалда, гьезие лъайгун бичIчIи кьезе кколеблъиялде. Бицана гIолилазул рахъалъ тIобитIулеб политикаялдаги лъайкьеялдаги пайда цIикIкIинабиялъул мурадалда цадахъал тадбирал гIуцIизе ккеялъул хIакъалъулъги.Дандеруссиналда гIахьаллъана РФялъул...

Новость на родном

Дербенталде кIваркьезе буго

4 ноябралда Дагъистаналде вачIун вукIана Россиялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Александр Матовников   Гьесда дандчIвай гьабуна республикаялъул нухмалъулев Владимир Васильевас ва ДРялъул бетIерасул ва хIукуматалъул администрациялъул нухмалъу­лев Владимир Ивановас. Гьел дандчIвана 2000 соналда, хун хадуб, Бихьинчилъиялъул орден кьезе вихьизавун вукIарав рагъулав хъулухъчи Марат Молчановасул эбел ва яц Наталья ва Эйдан Молчановалгун.Россиялъул президентасул указалдалъун, Марат Молчанов...

Новость на родном

Бергьенлъаби

Къецазул хIасилал гьаруна РФялъул ЖамгIияб палатаялда шапакъатал кьуна  Дагъистаналъул цIалдохъабазе ЦIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIараб ТIолгороссиялъул къецалда гIахьаллъана 353 цIалдохъан. Гьезда гьоркьоса 100 авторасул хIалтIи рикIкIана бищун лъикIаблъун. Гьезда гьоркьор руго Буйнакск районалъул ТIаса Гъазданущи росдал школалъул анкьабилеб классалдаса Аида Акаеваги Гъизилюрт районалъул ЦIобокь-Миякьоб росдал школалъул ункъабилеб классалъул цIалдохъан Хадижат Юсуповаги.Сочинениялъул авторазе шапакъатал кьуна РФялъул лъайкьеялъул министралъул заместитель...

Новость на родном

Къецалъул хIасил

ХIамзатил Расул гьавуралдаса 95 сон тIубаялъул хIурматалда газеталъул редакциялъ тIобитIараб конкурсалъул хIасилал гьаруна   Гьеб къецалда гIахьаллъаразул къадар нусго чиясдасаги тIаде ун букIана. Конкурсалда бергьаралин абуни ахIун рукIана МахIачхъалаялде ва гьезие шапакъаталги кьуна. Гьенибго тIобитIулеб букIана киноялъул ва телевидениялъул «Кунаки» абураб фестивальги. Гьезда бергьенлъиги баркун, гьадин абуна «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камаловас:— ХIурматиял магIарул миллаталъул...

Новость на родном

Кинофестиваль

Миллат букIуна, мацI бугони Республикаялда унеб бугеб Северияб Кавказалъул киноялъул ва телевидениялъул фестиваль Гьелда хурхун Дагъистаналъул Журналистазул рокъоб тIобитIана «Миллиял мацIал цIуниялъулъ республикаялъул милатазул газетазул кIвар» абураб цIаралда гъоркь «гургинаб стол».Данделъи бачунев Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Да­гъис­таналда бугеб гIуцIиялъул председатель, «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель З. Илясовас, гьеб рагьулаго, кIварбуссинабуна миллиял мацIал лъазариялда сверухъ нилъер республикаялда,...

Новость на родном

БегIераб рагIул устарзаби

ЧIварал журналистазул хIурматалда чIана гъутIби   2007 соналда Журналистал цIуния­лъул комитеталъ лъазабуна, журналистазул гIумруялъе хIинкъи бугел улкабазул сияхIалда Россиялъ лъабабилеб бакI кколин абун. 1991 соналдаса нахъе гьеб рахъалъ тIоцебесеб бакIалда буго Алжир, кIиабилеб бакIалда – ГIиракъ. Россиялъул субъектазда гьоркьоб босани, тIоцебесеб бакIалда буго Да­гъи­стан: ахираб 25 соналда жаниб республикаялда чIвана 19 журналист. РитIухъаб рагIухъ рецIел...

Новость на родном

Газалъул магIишат

Налъи бецIизе буго дагь-дагьккун   «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялъ кьезе бугеб гIарцул бицун данделъи тIобитIана хIукуматалъул председатель Артем Здуновас. 2018 соналъул тIоцебесеб июлалдаса 2019 соналъул 31 июлалде щвезегIан «Газпром газораспределение Дагестан» ОООялда хадуб бугеб 550 миллион гъуршил налъи бецIун бахъинабизе заман кьуна. Гьеб бецIизе буго бутIа-бутIаккун.Газалъул мухъазул хIисабсуал гьабизе бугинги лъазабуна данделъиялда. Гьезул бащдазул вуго...