БегIераб рагIул устарзаби

ЧIварал журналистазул хIурматалда чIана гъутIби

 

2007 соналда Журналистал цIуния­лъул комитеталъ лъазабуна, журналистазул гIумруялъе хIинкъи бугел улкабазул сияхIалда Россиялъ лъабабилеб бакI кколин абун. 1991 соналдаса нахъе гьеб рахъалъ тIоцебесеб бакIалда буго Алжир, кIиабилеб бакIалда – ГIиракъ.
Россиялъул субъектазда гьоркьоб босани, тIоцебесеб бакIалда буго Да­гъи­стан: ахираб 25 соналда жаниб республикаялда чIвана 19 журналист. РитIухъаб рагIухъ рецIел босулеб кинигин, чIвалел руго республикаялда унго-унгояб демократиялъе гIоло къеркьолел журналистал. Гьезухъаги бажарулаан бизнес яги цогидаб ишги гьабун чIезе. Амма гьез тIасабищана захIматаб, гIумруялъе кидагосеб хIинкъи бугеб иш.
Хъвала журналистас гIадатияв, гIа­гараб ракьалда хIалтIулев хурухъанасулги тIадегIанаб хъулухъалда вугев хIа­кимчиясулги хIакъалъулъ. Гьесул макъалабаздасан бихьула дунял, гьесул пикруялъул кьучIалда цIубала хал­къалъул гIакълу-лъай. Жакъасеб гIум­руялъул балъголъаби рагьулел, тIекъалда тIекъабилан абулел, гIун­гу­тIаби тIатинарулел ва гьелде данде къер­кьезе гIалам ахIулел журналистаздехун букIуна батIи-батIияб бербалагьи. Цояз гьел кIодо гьарула, цогидаз гьезие «сайгъат гьабула» гулла. Гьедин Дагъистаналда чIвана тIасабищараб ишалъе ритIухълъи цIунарав 19 журналист…

Гьелъул хIакъалъулъ ниже­ца чанцIулго бицана «ХIакъи­къаталъул» гьурмазда: журна­лис­тал чIварал хъачагъал ра­ла­гьунгутIиялъулги, такъсира­лъул хIужаби балъго гьариялъулги, цIех-рех гьабулел идарабазул жидерго хIалтIуде бугеб тIаса-масагояб бербалагьиялъулги хIакъалъулъ. 

Гьезул хIурматалда микьабилеб ноябралда МахIачхъалаялда, Журналистазул минаялда аскIоб чIана РакIалдещвеялъул ах. ГъутIби чIеялъул тадбиралде рачIун рукIана Россиялъул Журналистазул союзалъулги централиял газетазулги вакилзаби, «Кунаки» абураб кинофестивалалде рачIарал гIемерал гьалбал, республикаялъул СМИязул журналистал. Гьениб тIобитIана РакIалдещвеялъул митинг.
«ГIицIго журналистал чIварал ва гьел чIвайилан буюрухъ кьурал гIадамазул бицун течIого, ДРялъул Журналистазул союзалъ тIалаб гьабуна гьел ракIалдещвезариялъе памятник базеги, гьезул хIурматалда щивасул цIар тIадхъварал гъутIбузул ах чIезеги. 2012 соналда, республикаялъул президентасул указалдалъун, хIукму гьабуна гьеб масъала тIубазе – Журналистазул минаялда цебе памятникги базе, РакIалдещвеялъул ахги чIезе. Гьелдаса нахъе хисана республикаялъул лъабго нухмалъулев, гьезул щивас рагIиги кьуна памятник базе, амма жеги кIун гьечIо иш рагIалде бахъинабизе.
Памятник баялъул мурадалда лъазабун букIана къец. Журналистазулги, скульпторазулги, архитекторазулги данделъиялда халгьабуна букIинесеб памятникалъул анкьго батIияб макеталъул. ТIасабищун буго цояб. Амма жеги гIарац щолеб гьечIо гьеб базе. Гьеб масъала, кин бугониги, рагIалде бахъиналде хьул къотIун гьечIо ва божилъи буго, халкъалъги гьелъие кумек гьабиялде», — ян бицана данделъи рагьарав ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловас.
Митингалда ракIунтарал кIа­лъаял гьаруна журналист ва публицист, «Кунаки» абураб кинофестивалалъул президент Сулиета Кусовалъги, Абхазиялъул вакил, шагIир Геннадий Аламияцаги, Европаялъул Журналистазул цолъиялъул вице-президент Надежда Ажгихиналъги, «Российская газеталъул» Югалъулаб округалда йигей мухбир Татьяна Павловскаялъги, Дагъистаналъул лъайкьей цебетIезабиялъул институталъул проректор, шагIир ва жамгIияй хIаракатчIужу Миясат Муслимовалъги, «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовасги ва цогидазги. Гьез бицана журналистасул хIал­тIул­ги гьесда дандчIвалеб квекIен-квалквалалъулги, гьединго республикаялдагун улкаялда ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ ритIухъаб рагIи абизе хIажат букIиналъулги хIакъалъулъ.
Данделъиялдаса хадуб чIа­на чIварал журналистазул хIур­маталда чIчIвадил гъутIби. Биччанте хадубккун гьеб ахикь данд­чIвазе журналистикаялде ро­кьи бугел гIолилалги, ри­тIу­хъаб рагIи цIунулаго, гIумру кьурал мухбирзабазул гIагарал чагIиги, рагIул гьунаралъ асир гьарурал дагъистаниялгун гьалбалги. Хьул буго, кватIичIого, ай ахикь чIарал гъутIби цIакъго чIа­хIалъилалдего, журналис­тал чIварал такъсирчагIазе мус­тахIикъаб тамихI гьабунилан бицунеб данделъи гьенибго тIо­битIизе рес щвеялдаги.