Новость на родном

ХIасилал ва масъалаби

Заманалъул тIалабазда рекъон 22 августалда Гьудуллъиялъул минаялда тIобитIана Августалъулаб данделъи Учительзабазул данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумароваги, РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул департаменталъул директор Светлана Нуждинаги.Данделъиялда аслияб кIалъай гьабуна Уммупазил ГIумаровалъ. «Лъайкьей» — миллияб проект Рехсараб проекталда гьоркьобе уна 10...

Новость на родном

ДРялъул хIукуматалда

21 цIалдохъанасе щвана 100 балл Исана ЕГЭялъул хIасилал квешал гьечIо Артём Здуновасул нух­ма­лъиялда гъоркь тIо­битIараб Дагъистаналъул хIукуматалъул данделъиялда 2019 соналъул ЕГЭялъул хIасилал гьаруна. Аслияб кIалъай гьениб гьабуна ДРялъул лъайкьеялъул министр – ДРялъул вице-премьер Уммупазил ГIумаровалъ.Министралъул баяназда рекъон, 2019 соналда ЕГЭ кьуна 12 452 выпускникас ва ГИА – 23 992 цIалдохъанас. Экзаменал тIоритIана 68 хасаб пункталда....

Новость на родном

ЦIодорлъи гьабе

КантIулел гьечIо   Жакъа къоялде щвезегIан гъанкъун вуго 22 чи 6 августалда Дагъистаналъул ХIуку­маталъул председатель Артем Здунов дандчIвана батIи-батIиял районазул ва исполнительниял органазул вакилзабигун. Гьоркьоб лъун букIана лъималазе лъадалъ кколеб бугеб заралалъул хIакъалъулъ суал. Гьелъие гIиллалъунги букIана жакъа къоялде щвезегIан лъелъ 22 чи гъанкъун вукIин, гьезда гьоркьоса — 11 лъимер.  Артем Здуновас кIвар кьуна чвердеялъул...

Новость на родном

Ракьулъ рахчарал нугIзал

Северияб Кавказалъул экспедициялъул хIалтIул хIасилал   Россиялъул гIелмияб академиялъул Археологиялъул институталъулги (ИА РАН) Дагъистаналъул федералияб цIех-рехалъул централъул Тарихалъулгун археологиялъул ва этнографиялъул институталъулги (ИИАЭ ДФИЦ) гIалимзабазул цадахъаб хIалтIул хIасилалда чIезабуна кIиго миллион соналъ цебеккун тIубанго батIияб гIумру букIараблъи Дагъистаналъул ракьалда. Палеолитин абула ганчIил гIасруялъул заманалда. Гьебмехалда дунялалда рукIана пикру гьабизеги цадахъал ишал гIуцIизеги бажари бугел, инсанасда...

Новость на родном

Хиса-баси

ДНЦялъул бакIалда – ДФИЦ Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулес бицана гIелмияб идараялда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ ГIелмиял идарабазда реформа гьабизе байбихьана 2013 соналда. Гьебмехалда гIуцIун букIана ФАНО – гIелмиял идарабазул федералияб агентство. Гьелда гъорлъе рачана улкаялда ругел киналго гIелмиял институтал ва байбихьана гьезул цIигьариялги. Россиялъул гIелмиял идарабазда реформа гьабун рагIалде бахъинабуна 2018 соналда – Россиялъул ГIелмуялъул ва...

Новость на родном

ГIолилал хIадур руго

24 июлалда Дагъистаналъул вузазул выпускникалгун дандчIвана ДРялъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумарова. Гьенире ахIун рукIана учительзаби камун ругел школазул директоралги. ГIолилазе бицана «Земский учитель» абураб проекталъул хIакъалъулъ.Уммупазил ГIумаровалъ бицана, 2020 соналдаса нахъе 200-ялдаса цIикIкIун чиясе рес щвезе бугин проекталда гIахьаллъизе. Исана гьединаб рес кьолеб буго 50 учителасеянги тIаде жубана министралъ.ДГУялъулги ДГПУялъулги 12 выпускникас...

Новость на родном

Миллионги кьела, рачIа хIалтIизе

ХIалтIизе байбихьана «Росдал (земский) учитель» абураб проект ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда къабул гьарулел руго проекталда гIахьаллъизе гъирабарал учительзабазул хитIабал. Проекталъул аслияб мурад буго гIолохъанал учительзабазулъ гъирабазаби росабазул школазде хIалтIизе ине. Рехсараб проект гIумруялде бахъинабиялъул рахъалъ Дагъистан буго церехъабазул кьерда. ГьабсагIаталда республикаялъул росабазул школазе камун вуго 249 учитель.Проекталда рекъон, росдал школалда хIалтIизе унев гIолохъанав учителасе...

Новость на родном

Бергьенлъи

Дагъистанияз чIел босана   Менталияб арифметикаялъул чемпионал 26 июналда «Дагправда» газеталъул редакциялда журналистал дандчIвана менталияб арифметикаялъул рахъалъ дунялалъул кIицIул чемпион, 12 сон барав МухIамад Къагьировгун. 22-23 июналда Турциялъул Анталья шагьаралда тIобитIараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ тIолгодунялалъулго олимпиадаялда суперчемпионлъун вахъана МухIамад. Гьел къецазда гIахьаллъана 16 улкаялдаса 600 лъимер. Гъоркьиса декабрь моцIалда Малайзиялда тIоритIарал тIолгодунялалъулго къецаздаги гьес, 80...

Новость на родном

ЖамагIаталъул газа

Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги тарал чагIи рукIуна хIакимзаби   Суалазе жавабал кьезеги масъалаби тIуразеги тарал чагIи рукIуна хIакимзаби Республикаялъул бе­тIе­расда цебе гIуцIараб жамгIият цебетIеялъул ва инсанасул ихтиярал цIу­ниялъул советалъул председатель З. Илясовас, 17 июналда советалъул членал Х. Валиевагун, Т. Рассохинагун, Ф. Карибовгун ва советалъул жавабияв секретарь Ш. Дайит­мирзаевгун цадахъ Избербаш шагьаралда гIадамал тIаде къабул...

Новость на родном

Заманалъул гьоко

ХIалхьи гьечIеб рекIел хIалхьи гьечIеб хвел   2019 соналъул кIиабилеб июналда ватIаналда букъана имам Шамилил наиб ХIажимурадил жаназа Кавказалъул наместник гиназ Михаил Воронцовас, наиб ХIа­жи­мурадил гьариги къабул гьабун, гьесие ихтияр кьуна Нуха шагьаралда (гьанжесеб Шеки) рещтIине ва гьениб, бакIалъулаб нухмалъия­лъул берзукь, гIумру гьабизе. РакIалде кко­лаан, ХIажимурадие расги захI­малъиларин магIарухъ хутIараб хъизамалъулгун бухьен гьабизеян. Амма уездалъул...