Исана ноябралда байбихьун букIана тахшагьаралъул аслияб майдан къачIазе. ЦIияб сон тIаде щвелалде, гьеб къачIанги бахъана. ЦIигьабун къачIараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тIобитIана ва гьебги байбихьана багIараб чIоло къотIиялдасан… Гьелдаса хадуб рагьана «РакIалдещвеялъул ах – гIумруялъул ах» абун цIар кьураб, КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул ахги. Гьениб республикаялъул щибаб районалъул ва шагьаралъул вакилзабаз чIана 54...

