Новость на родном

Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

Федералияб Собраниялде ХитIаб «Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги, Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги. Эбелалъул гIарцул гуч Владимир Путиница ракIалде щвезабуна 2006 соналъ гьадинабго хитIабгун цеве вахъунеб мехалъ, «Эелалъулаб капитал» программа хIалтIизе биччалеб бугилан гьабураб лъазаби. — ГьабсагIат гьеб программа хIалтIулеб буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегIан. ГIемерисел гIолохъанал хъизамазда ургъел чIван батула 2022 соналъ гьеб...

Новость на родном

Путинил кIалдиса кIудиял хьулал

«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.   15 январалда РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитIаб, це-ресел соназ гьарураздаса гIемер батIияб букIанин абизе бегьула. ГIемерал гIадамал, хасго гIолохъаналхъизамал рохизарурал хIужаби рехсана президентас гьенир. Жакъасеб номералда нижеца рехсолел ругоулкаялъул бетIерас жиндирго хитIабалда рорхарал бищунго кIвар бугел цо-цо хIужаби ва баянал. Президентас байбихьана...

Новость на родном

Добго хурив – довго Муса

Гъоркьиса 6 декабралда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталда» бахъун букIана «ГьоцIалъ: токги гьечIо, нухалги «гIайналмалъун руго» абураб макъала.   Дирги гьоцIдерил росдал бегавуллъун вукIарав, гьанже Хунзахъ райадминистрациялда гIуцIарухъанлъиялъулгун правовияб отделалъул начальниклъун вугев Шамил Валиевасулги пикраби руго гьенир кьун.Суал букIана нижер росулъ хасалил заманалда ток загIиплъулеб букIиналдаги кидаялиго рухъа-хъван хвезарурал шагьранухал цIигьаризе ккеялдаги тIасан.Ток дагьлъиялъе Шамилица гьеб макъалаялда...

Новость на родном

ГьитIинав МухIамад Мадани

Яловаялда бугеб Дагъистаналъул жамагIаталъ къватIибе биччалеб «Дагъистан» журналалъул редактор ГIали Асхар Текиние ва хъизан Фейзалие гьавурав васасда лъуна МухIамад Мадани абураб цIар. КIикIуниса шайих МухIамад Маданил лъабабилаб наслуя-лъул чи вукIиналъ ва кIудияв инсул хIурмат гьабун лъуна гьез гьеб цIарги васасда.КIикIуниса шайих МухIамад Мадани вуго, Яловаялъул Гюней росулъ чIей гьабун вукIарав ва Дагъистаналдаса Турциялде (1886) гочарал...

Новость на родном

Кадриял цIар кьуна

Ногъаязул машгьурай шагIир ккола Кадрия Темирбулатова. Гьелъ ногъай мацIалде руссинаруна машгьурал шагIирзабазул асаралги. Машгьурай ва махщел камилай шагIир гIолохъанго, ай 1978 соналдаго къадаралде щвана.Ногъаялги турказул нас-лулъидал, дунялалдаго TÜRKSOY абураб цIаралда гъоркь хIалтIулеб гIуцIиги гьелъул филиалалги руго дунялалъул батIи-батIиял улкабазда. Гьеб гIуцIиялъул церехъабаз церегIанго къоязда Турциялъул лъабго шагьаралда тIоритIана Кадриял хIурматалда батIи-батIиял данделъаби.Масала, гьединаб данделъи тIобитIана...

Новость на родном

Медведев хисана Мишустиница

Россиялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде хитIаб гьабун хадуб улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабуна Конституциялъул 117-абилеб статьяялда рекъон хIукумат гIодоб чIолеб бугин абун.   «Федералияб собраниялде хитIаб гьабулаго Владимир Путиница рорхана кIвар бугел суалал. Гьел киналго гIумруялде рахъинаризе ккани улкаялъул президентасе хIукуматалъ, ай нижеца нухал рагьизе ккола. Жакъа къоялдаса нахъе дун ва министрзабазул кабинет хIалтIудаса...

Новость на родном

Аралда хадуб ракI хвеларо

Экономикаялъул ва политикаялъул рахъалъ араб соналъе цо-кIиго рагIиялдалъун чIванкъотIараб къимат кьезе захIмат буго. Щайгурелъул халкъалъул гIумруялъулъ ккарал лъугьа-бахъиналги батIи-батIиял ругелъулха. Дагъистаналъул хIукуматалъул бетIер Артем Здуновас абухъе, 2019 соналъ республикаялъул экономикаялъул цебетIей борцуна 1,1 проценталдалъун. Гьеб гIей гьечIеб бугин абизе бегьиларо, щайгурелъул арал соназде дандеккун гIемерал субъектазул гуро бугеб гьедигIанабцин цебетIей. Мисалалъе, Россиялдаго 2018 соналда гIадамазул...

Новость на родном

Терек – гьалагаб гIор

ДРялъул вице-премьер ГIабдул-муслим ГIабдулмуслимовас тIоби-тIараб данделъиялда бицана ихдал гIорал щвеялъул хIасилалда зарал ккунгутIиялъул мурадалда гIуцIизе кколел тадбиразулги 2019 соналда гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIул хIасилазулги хIакъалъулъ. ГIорал щвеялдалъун зарал кколел Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго анцIабилеб бакIалда. Бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун рикIкIуна Терек гIор. Гьеб рагIаллъабаздаса къватIибе кIанцIани, зарал ккезе бегьула Бабаюртги Гъизлярги районазда гIумру гьабулев 20...

Новость на родном

Херазул советалъул данделъи

28 декабралда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб Херазул советалъул данделъи. Гьениб Владимир Васильевас бицана ахираб заманалда рукIарал дандчIваязулги ккарал хIасилазулги хIакъалъулъ.— Ункъабго территориалияб округалъул Херазул советазул вакилзабигун дандчIвана дун. ГIенеккана гьез бицунелъухъ. Нилъеда церечIарал масъалаби бигьаял гьечIо, амма киналго цадакъ рекъон хIалтIани, гьел тIуразарун бажарула.Исана къабул гьабуна бюджет. Депутатазда бичIчIана гьеб халкъияблъун букIин. Нилъер хIалтIул...

Новость на родном

Кумек хехго щвела

Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIарав РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботаревги ДРялъул бетIер Владимир Васильевги гIахьаллъана МЧСалъул ситуативияб центр рагьиялъул тадбиралда. Ситуативияб центр рагьана 29 декабралда МахIачхъалаялда. Централъул гIаммаб гIатIилъи буго 3500 квадратияб метр. Гьенир рукIине руго: «112» цогояб номералде кIалъараб мехалда кумекалъе рахъине кколел киналго хъулухъал. Гьенибго букIине буго ДРялъул МВДялъул ГИБДДялъул...