Россиялъул церетIурал шагьаразецин мисалияб куцалда къачIалел руго магIарухъе унел нухал ЛъикIаб тайпаялъул къачIарал нухал хIисабалда нилъер республикаялда ругел шагьранухал росун руго Россиялдаго бищунго лъикIал нухазул сияхIалде. Киналго тIалабазде дандекколел ва хъулухъ гьабун къачIарал нухазул 56 процент хIисабалде босун буго статистикаялъулаб цIех—рех гьабураз. Россиялда бищун лъикIал нухал ратун руго Москваялдаги, Ханты—Мансийскиялъул автономияб округалдаги. Нилъер республика буго...

