Араб анкьалда Авар театралда тIобитIана «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччарал авар адабияталъул классикал ХъахIабросулъа МахIмудил ва ЦIадаса ХIамзатил тIахьазул церелъей. Дандеруссин нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. Гьес ракIалде щвезабуна классиказул творчество ва бицана «Дагъистан» басмаханаялъ Дагъистаналъул адабияталъул классиказул тIахьал цIидасанги къватIире риччаялъе гьабулеб бугеб хIалтIул. Гьенир кIалъазе рахъана ва шагIирзаби ракIалде щвезаруна...

