Новость на родном

Аэропорталда аскIоб онкодиспансер бала

      КватIичIого (54 моцIида жаниб) МахIачхъалаялъул аэропорталда аскIоб базе буго онкодиспансер. Гьелда тIад харж гьабизе буго 14 млрд гъурущ. Гьелъул цо къадар хIукуматалъ, цогидаб къадар бизнесчагIаз кьезе буго.     Онкодиспансер бай тIаде босулеб буго «МедИнвестГрупп» абураб гIуцIиялъ.     Проекталда рекъон, гьениб базе буго поликлиника, стационар, операциязулгун реанимациялъул, радиологиялъул, реабилитациялъул, паллиативнияб кумекалъул...

Новость на родном

Даран-базаралъе — 613 млн гъурущ

       Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гIуцIараб агентствоялъул хIалтIул хIасилал гьарураб данделъи тIобитIана 1 марталда ДРялъул хIукуматалда.     ГIиси-бикъинаб даран-базар цебетIезабиялъе гъоркьиса республикаялъул бюджеталдаса биччан буго 613 млн гъурущ. Гьеб харж гьабун буго бигьалъаби чIезарун микрозаймал кьезе, лизингалдалъун къайи-цIа босизе.     Гьанжеялдаса хадуб росдал магIишат, промышленность, туризм цебетIезабиялъе гIуцIарал проектал тIуразе агентствоялъ...

Новость на родном

Цоял рачIана, цогидал ана

       Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, цо-цо хъулухъазде тIамуна цIиял чагIи, цогидал гьездаса махIрумлъана.      Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гIуцIараб агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун тIамуна ХI.-М. ГIабашилов.      Цевеги гьебго хъулухъалда вукIана гьев. ХIажи-Мурад ГIабашилов гъоркьиса бергьун вукIана «Лидеры России» абураб конкурсалда.     ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас Ставрополь...

Новость на родном

КОРги къачIазе нухалги гIатIилъизе

      МОСКВАЯЛДА ТIОРИТIАНА НИЛЪЕР РЕСПУБЛИКАЯЛЪУЛ КЪОЯЛ          1-3 марталда РФялъул Федерациялъул советалда тIоритIана «Дагъистаналъул къоял». Гьеб тадбир тIобитIана Дагъистан Республика гIуцIаралдаса 100 сон тIубаялда бан.      ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовасул бетIерлъиялда гъоркь дагъистаниязул кIудияб къокъа гIахьаллъана гьеб тадбиралда.      Тадбиралъул тIоцебесеб къоялъго, 1 марталда, Федерациялъул советалда...

Новость на родном

МахIмудил лирикаги ХIамзатил дарсалги

     Араб анкьалда Авар театралда тIобитIана «Дагъистан» басмаханаялъ къватIире риччарал авар адабияталъул классикал ХъахIабросулъа МахIмудил ва ЦIадаса ХIамзатил тIахьазул церелъей. Дандеруссин нухда бачана филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевас. Гьес ракIалде щвезабуна классиказул творчество ва бицана «Дагъистан» басмаханаялъ Дагъистаналъул адабияталъул классиказул тIахьал цIидасанги къватIире риччаялъе гьабулеб бугеб хIалтIул.     Гьенир кIалъазе рахъана ва ша­гIирзаби ракIалде щвезаруна...

Новость на родном

Жакъа шагьаралде хъван бана гIазу

        23 февраль квачараб бачIана республикаялде. Радалго базе лъугьана гIазу. Хъат-хъат гIадал гIазул хIулабаз гьабугьин бахчана сверухълъи, шагьранухазда къана цIер. ГIодобкъо букIиналъги батила, масала, тахшагьаралъул къватIахъ гьедигIанго гIемер гIадамалги машинабиги рукIинчIо, амма бугониги… Бугониги, гIураб квекIен гьабуна гьава-бакъалъ гIадамазе.        Каспийскиялдагун МахIачхъала­ялда гьоркьоб бугеб цIияб шагьранухда къараб цIер сабаблъун, чанго машина цоцалъ речIчIана. Хушеталде сверулеб...

Новость на родном

«МацIал рижула, церетIола, унтула, хола»

     Рахьдал мацIазул къо кIодо гьабуна ДГУялъул филологияб факультеталдаги. Гьениб гIолилаз бихьизабуна жиде-жидер миллатазул хаслъи. Гьелъие гIоло гьез тIибитIун букIана умумузул кванил тепси, ахIана миллиял кучIдул, гьаруна кьурдаби.      МагIарул студентазул горсверуда хасаб чIаголъи лъугьинабун букIана гьеб киналдаго цадахъ жеги диалектазда кучIдул ахIиялъги.       Гьедин данделъарал пана гьаруна ЦIоралъул магIарулазул, сугъулдерил, бежтIадерил, цIунтIадерил, гIахьвалазул мацIазда...

Новость на родном

ХIунсулеб буго гIадамазда «дару»

     18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьале моцIгIанасеб заман ана гьеб тадбир нилъер республикаялдаги тIобитIулеб бугелдаса. ГьабсагIаталда ковидалде данде прививка гьабун буго 5000-гIан чияс. Гьабизе бокьарал гIадамазул къадарги къо бахъанагIан цIикIкIунеб бугин бицана журналистазе, 16 февралалда «Дагестанская правда» газеталъул редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда Елена Арбулиевалъ. Гьей ккола ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъул бетIерай инфекционист....

Новость на родном

Афгъаназул ахикь бакIаб сихIкъотIи

    15 февралалда 32 сон тIубана Афгъанистаналдаса советиял аскарал нахъе рачаралдаса. Щибаб соналъго гIадин, гьеб къоялъги МахIачхъалаялда бугеб афгъаналъулазул ахикье ракIарун рукIана ветеранал. Амма исана гьениб официалияб къагIидаялъ данделъи тIобитIичIо. ХIукуматалъул нухмалъиялъул рахъалдаса хIакимзабиги гьенире рачIинчIо. ГIицIго рагъдаса нахъ руссинчIел ракIалде щвезариялъе бараб, цIвайил сураталда хIадур гьабураб мармаралъул къоно- ялда цере тIугьдулги лъун, рикьа-риххана...

Новость на родном

ГIалахъ хъутаналда — школа

Бабаюрт районалъул ракьалда бугеб Болъихъ районалъул ГIалахъ росдал хъутаналда гьал къоязда рагьана жакъасел тIалабазда данде кколеб кIудияб школа.     1964 соналда гьениб рагьун букIана байбихьул школа. 1977 со­налда хIарщул кирпичалъул бакIги тIаде бан, гьелъул лъугьинабуна микьгосонилаб школа.     ДРялъул хIукуматалъул офи­циалияб сайталда хъвавухъе, тIадеялдаса тIаде гIадамалги гIемерлъун (800 чи), хъутаналъе кIудияб школа хIажалъун...