15 июналда Пятигорскиялда. РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинил нухмалъиялда гъоркь данделъун рукIана Северияб Кавказ социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъул суалазул рахъалъ гIуцIараб хIукуматалъул комиссиялъул вакилзаби. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги. Северияб Кавказалъул республикаби церетIеялъул мурадалда, ахирал соназда къабул гьарурал хIукуматалъул програм мабаз разияб хIасил кьечIин абуна хIукуматалъул премьерас. Гьедин го гIемер...

